МагъчIваялъе рес

Кироваулалда цIидаса кьагьдолел рукIана


6 октябралда Гъизилюрт мухъалъул Кироваул росулъ изнугьечIого яргъидгIуцIаразда ва къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда гьоркьоб ккараб тунка-гIусиялъул хIасилалда 3 чи чIван вуго. Гьезул цояв экстремист колин, гьединго кIиго низамцIунулевги чIван вугин лъазабулеб буго Россиялъул терроризмалде дандечIараб миллияб комитеталъ. Гьезулго баяназда рекъон Кироваулалда хасал тадбирал халат рахъунел руго.

Итни къоялъул радал Гъизилюрт мухъалъул Кироваул росулъ щалали лъаларел чагIаз къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазде кьвагьи бахъинабун буго. Гьеб росулъ изнугьечIого яргъидгIуцIарал рахчун рукIиналда щаклъи букIун, гьел рукIине бегьулел гIадал рукъзабахъ хал-шал гьабулел рукIун руго низамцIунулел. Гьедин, цо минаялде аскIоре щолаго гьенисан кьвагьдон руго хасал идарабазул хIалтIухъабазде. Данде кьвагьараб жоялъ гьезул цояв чIван вуго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз. Россиялъул терроризмалде данде чIараб миллияб комитеталъул баяназда рекъон гьеб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда Федералияб ХIинкъигьечIолъи букIинабулеб идараялъул кIиго хIалтIухъанги чIван вуго.

Гьебго идараялъ лъазабулеб буго низамцIунулезде кьвагьдарал чагIи «Гъизилюрталъул» изнугьечIого яргъидгIуцIараб къокъаялъул гIахьалчагIи рукIанилан. МухIканал гурел баяназда рекъон низамцIунулезде тIадекIнацIи гьабурабурав кколев вуго Кироваулалдаса 29 сон барав Аслудинов ГIалидибир. Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарабазул баяналда рекъон, изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъ вукIиналда щаклъи букIун кIиго соналъ федералияб цIех-рехалде лъазавун вукIун вуго. Гьев дагьав цевегIан Шамалдаса вуссун вукIанин, гьениб рагъул гIахьалчиги вукIанин гьев, гьединго хас гьабун кьвагьулел жал гьаризе, хIалтIизаризе кколеб куц лъазабулев вукIанин гьевилан лъазабулеб буго республикаялъул цIех-рехалъул идарабаз.

Кироваулалда ругин гIемерисел, республикаялдаго бищун къуватаблъун рикIкIунеб, гъизилюрталъул экстремистияб къокъаялъул гIемерисел гIахьалчагIийилан абурал баянал кьола Дагъистаналъул хасал идарабаз. Гьеб росулъ ахирисеб 3 соналда жаниб вагьабиязда ва тIарикъатчIагIазда гьоркьоб бугеб дандеккунгутIиялъе гIоло 15 гIан чи чIван вуго. Гьезда гьоркьов вуго Кироавул росдал бетIерлъун вукIарав Маликов Сахратулаги, гьеб росулъ бугеб мадрасалъул кIиго мугIалим, росдал имамлъун вукIарав Заурбегов МухIамадхIабиб, гьединго иргадулаб хасаб операция тIобитIулеб мехалда гьенив чIван вукIана Гъизилюрталъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул бетIер МухIамаднабиев Шамилил кумекчилъун вукIарав ГIалиев ШагIбанги. МухIамаднабиев чIван хадуб гьесул бакIалда къокъаялъе нухмалъи гьабизе хIадурулев вукIарав чи вукIанин гьевилан абурал баянал тIиритIизарун рукIана хасал идарабаз.

Дагъистаналда кIиго соналъ цебе гIуцIун букIана экстремистияб багъа-бачариялда гъорлъ рукIарал, жидеего бокьун кверде рачIарал яги цIакъго вахIшиял такъсиразулъ гIахьаллъи гьабичIел чагIи ракълилаб гIумруялде руссинарулеб хассаб комиссия. Гьеб жамгIияб идараялъул гIахьалчилъун вукIарав ГIалиев Шамилилгун букIараб гара-чIвариялда «Эркенлъи» радиоялъ цIехана гьесда щайин, Дагъистаналъул хасал идарабазул баяназда рекъон, республикаялда бищунго гIемер гIолохъаби рохьорехун унеб мухълъун хутIулеб бугебилан. Шамилил пикруялда рекъон бищун цебе гьеб бараб буго Гъизилюрт мухъалда цIакъ гIемер ЦIумада мухъалдаса гочарал гIадамал рукIин. Гьединлъидал бищун цебе Дагъистаналда рагьун экстремистияб багъа-бачари гьабизе лъугьаразул бутIрул цIумадисел рукIанила.

Гьединго СССР биххун хадуб гIараб лъай босизе къватIисел пачалихъазде унезда гьоркьорги цIакъ гIемер цIумадисел рукIанила. Гьел батIиял пачалихъазда лъай босизе араз байбихьанила республикаялда вагьабизм тIибитIизабизе. Гьединлъидал Шамилица лъазабулеб буго бищун цебе гьел къватIисел хIукуматазде исламияб лъай босизе унел гIолохъабазда хадуб халкквезе кколила, ай гьел экстремистияб багъа-бачариялде гъорлъе лъугьине риччазе бегьуларила, гьел кинал цIалул идарабада ругелали хIисабалде босун букIине кколила. Бищун цебе гьел экстремистазе кумек гьабулел ва гьезул кьерулъе лъугьизе хIадураразул къадар даглъиялда сверун гIуцIизе кколила кинабго хIалтIи.

ГIалиев Шамиль: Бищун цебе нилъеда тIадаб буго экстремистазе кумек гьабулезде данде къеркьей, ай гьединал гIадамазул къадар дагьлъиялде кIвар кьей. ГIолилазда гьоркьоб букIине кколеб бичIчIикьеялъул хIалтIи гьаби. КигIан бокьаниги бокьичIониги абизе ккола жакъа къоялде гьеб хIалтIи цIакъ нахъе ккун бугилан. Дагъистаналъул динияб идараялъги, цо-цо гIолилазул жамгIиял идарабаги гьеб экстремизмалде данде чIараб хIалтIи гьабулеб буго, амма гьеб хIалтIуца жеги рукIине кколел хIасилал кьолел гьечIо. Гьанибго абизе ккола Кинаб бугониги лъугьа-бахъиналъул яги цойги сундул букIаниги хIасилалгун къеркьелалде цебе гьеб кинаб гIиллаялдасан лъугьун бугебали балагьизе ккола. Гьединлъидал дир пикруялда рекъон, бищун цебе нилъеда киназдаго цебе чIараб масъалабазул цояблъун буго гьеб экстремизм щай цебетIолеб бугебали лъазаби. ГIаммал ахIиял ва хитIабал гьарун гуреб, кьучIаб къагIидаялъ гьеб киналъего гIилла лъазабизе ккола цин».

Гьединго экспертас бищун цIакъ гIолилазда гьоркьоб экстремизм тIибитIарал мухъазда гьоркьор рехсана Унсоколо, ЦIумада, ЦIунтIа ва МухIарамкент мухъалги. Гьезда гьоркьобги бищун цебе Унсоколо мухъ бугин рикIкIунеб буго ГIалиев Шамилица.

I8 сентябралдаса нахъе терроризмалде дандечIараб низамги лъазабун изнугьечIого яргъидгIуцIарал ралагьулеб бугеб Унсколо мухъалъул Временное росулъ жеги хасал тадбирал халат рахъунел ругин лъазабулеб буго хасал идарабаз. Гьедин 3 октябралда гьеб росулъ низамцIунулезда ва экстремистазда гьоркьоб ккараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда чIваразул хIакъалъулъ батIи-батIиял баянал кьолел рукIана. Итни къоялъ Россиялъул терроризмалде дандечIараб миллияб комитеталъ лъазабуна гьеб хасаб операциялъул хIасилалда 7 изнугьечIого яргъидгIуцIарав чIван вугилан. Гьезул жаназаби цIакъго рухIун рукIиналъ генетигияб анализ гьабичIого гьел чагIи щалали мухIканго лъазабун бажаруларин абурал баянал кьолел руго цебехун рехсараб идараялъ.

XS
SM
MD
LG