МагъчIваялъе рес

Ихтиярал камурал хIалтухъаби


Росстаталъ араб соналъул ахиралда кьурал баяназда рекъон бищун кIудияб процент рагIдукь бугеб экономикаялъул бугел регионазул цояблъун кколеб буго Дагъистан. 2015 соналъул авалалде гьеб секторалда 50 проценталдаса цIикIкIун гIадамал формалияб гуреб хIалалъ хIалтIулел ругилан хъвалеб буго «КоммерсантЪ» газетаялъ.

Дагъистаналда 2014 соналъул ахиралда мухIкан гьарурал тарихазда рекъон 135 азаргоялдаса цIикIкIун хIалтIи гьечIого вугев чи вукIана, амма гьел тарихазда гъорлъе кколел руго кибго хъвай-хъвагIай гьабичIого хIалтIулел ругел гIадамалги.

Формалияб гуреб хIалтIи кколила хIалтIухъанасе киналгIаги социалиял гарантиял, ай пенсиялъул стаж, медикияб кумак гьабиялъул гарантия ва цогидал гьечIого хIалтIи кьолев чияс гIадамал къабул гьари. Бищун гIемер формалияб гуреб хIалалъ гIадамал хIалтIулел сфераби кколел руго росдал магIишат, даран ва минаби раялъул сфераби.

2015 соналъул авалалдаса 1140 чи магъалабазул идараялъул сияхIазда росичIого хIалтIулел ратанин лъазабуна 13 маялъ тIобитIараб данделъиялда Экономикияб цебетIеялъул министр Раюдин Юсуфовас. Шагьаразда ва мухъазда гьедин хIалтIулел гIадамал тIатинаризе гIуцIун руго хасал комиссиял. Масала, Хасавюрт мухъалда формалияб гуреб хIалалъ хIалтIулел гIадамал ралагьулеб къокъаялъул вакил ГIалибег ГIалибеговас баян гьабуна гIадамазда ракIалдецин кколен гьечIин гьел социалил гарантиял тIалаб гьаризе хIалтIи щваралдаса нахъе.

ГIалибег ГIалибегов: «Гьанже лъагIан гьединаб хIалтIи гьабулебцин букIинчо кибгIаги Дагъистаналда. ГьабсагIатги гьеб тIатинари цо моцIалъги цо соналъги гьабун бажарулеб жо гуро. Жибго Хасавюрт шагьаралъул бицинчIого росабалъгицин руго гьедин хIалтIулел гIадамал пилорамабазда, цIулал хIалтIаби гьарулел цехазда, кафеязда. Гьенир цохIо хIалтIуде къабул гьарунин абураб жо гурого тIокIал киналгIаги документал гьечIого росун рукIиналъ щибниги кьолеб жо букIунареблъи бичIчIулеб гьечIо гIадамазда».

Жакъа къоялде Хасавюрт мухъалда 97 формалияб гуреб хIалалъ гIадамал хIалтIулел бакIал тIатинарун руго.

МахIачхъалаялда хIукуматалъул гуреб чед бежулеб бакIалда хIалтIулей йиго Марьям, моцIие 18 000 гъурущ харж щолеб буго гьелъие. Цо къо гьоркьоб тун халтIулила жий бакъанидаса рогьинегIан, щибаб къойил кодобе гIарацги кьолин абулеб буго гьелъ. КъотIи-къай хъван росаниги росичIониги батIалъи жинда бихьуларин, щайин абуни, заманалдасан гьеб пенсиязул реформа гьабичIогон хутIиялда кинабгIаги божи гьечIолъиялъин абулеб буго гIолилалъ.

Щибаб мухъала рагьулел руго кирпич къотIулел цехал, гьенир шлакоблокал гьарулел руго батIиял пачалихъаздаса мигрантал, амма руго цо-цо дагъистаниялги. Гьенир хIалтIулезеги гьединго къойил мухь кодобе кьолеб буго ва кинабгIаги идараялда сияхIалдее босун гьечIо жибго гьеб предприятиеги.

МахIачхъалаялда бищун машгьураблъун бугеб «Анжи» абураб таксиялда хIалтIулел ратилин азаргониги чи, гьенир хIалтIизе киналгIаги документалги хIажалъуларин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе жиндир цIар абизе бокьичIев чияс. Щвараб гIарцул цо бутIа гьезие кьезе къотIи гьабун лъугьунила гьенире хIалтIизе, жидерго автомобиль бугел чагIи.

Цойги, бищун цIикIкIун къотIи-къай гьабичIого гIадамал хIалтIулеб бакI кколеб буго кафе ва квен-тIех гьабуле бакIал. ЦIали лъугIун хадуб профессиялда рекъон хIалтIи щвечIого, жив лъугьанила кафеялде техника рекъезабулев чилъун хIалтIизейин баян гьабуна МухIамадица.

ХIасанов МухIамад: «ЦIалун лъугIун хадуб профессиялда рекъараб хIалтIи щвечIо дие, гьелъ гIемер заманаялъ балагьизе ккана кинаб букIаниги хIалтIи. Кафеялда дун хIалтIула кIиго къо гьоркьоб тун. Щибаб хIалтIул къо лъугIигун кодобе кьола гIарац. Гьениве хIалтIизе лъугьунеб мехалъ дихъа кинабгIаги документ тIалаб гьабичIо».

Эстетикаялъул централ ва цогидал берцинлъиялъул салоназдаги гьебго хIал бугин бицана рас къунцIулей чIужу Маржанатица

Маржанат: « Дица гIемер мехалъ балагьана хIалтIи. Росулъа ячIун шагьаралде яхъиндал, хIалтIи щолеб букIинчIо. Цин рас къунцIизе ругьун гьаюна, цинги хIалтIи швана. Дие къойида жаниб щвараб гIарцул бащалъи дица салоналъул бетIергьаналъе тола. КинабгIаги къотIи-къайги хъвачIо, цохIо паспорталъул копия гурого тIалабги гьабичIо дихъа гьение лъугьунаго».

Гьедин хIалтIулел гIадамал руго базараздаги, кирпич къотIулел заводаздаги, лъималазул клубаздаги. ТIалъиялъул тIадкъаялда рекъон, контракт хъвачIогон хIалтIулел гIадамазул къадар Дагъистаналда 116 азарго чияс дагь гьабизе кколеб буго, амма гьезул бащалъигицин жакъа къоялда сияхIалде росун бажарун гьечIо. Маржанатица баян гьабуна гьелъие гIилла, жиндир пикруялда, бугин цо-цо хIакимчагIазул чвантинибе гIарацги ун, гьез тун рукIин гьединал бакIал гIадамал хIалтIизе росизе. Гурого, шагьар бакьул ругел бакIазда гьедин хIалтIулел чагIи рукIин лъачIого букIине рес гьечIила.

XS
SM
MD
LG