МагъчIваялъе рес

Геометриялъулаб гуреб пирамидаялда сверун


Финансазул пирамидаялда гIарац гьоркьоб аразе гьеб бецIизе буго 7 июлалъ Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна 2012 соналъ Дагъистаналда финансазул пирамида гIуцIарал Хваджалмахиса гIолохъаби ккун ругилан.

Къуваталъул идарабазул лъазабиялда рекъон пирамидабаздасан жидее зарал ккараз жанисел ишазул министерлъиялде хасал телефоназул номеразде ахIизе бегьулеб буго ккараб зарал бецIиялъул суал тIубазе.

Гъоркьисала Дагъистаниязул 4, 5 млрд гъурущ жаниб сверулеб букIараб гьеб пирамида цин Хаджалмахиб гIуцIун буго, хадуб аскIоса гIебеде ругел росабалъе щун буго гьелъул хабар. Гьедин цо-цоязе гIемераб гIарацги щун буго гьениса, гIемерисеб мехалда «Приора» автомобилалъул бетIергьабилъун рахъунел рукIун руго цIакъго талихI ккарал гьелъул гIахьалчагIи. Пирамида гIуцIараз гIадамазда бицунеб букIун буго жидер бугин кутакаб бизнес, моцIидасан нужеца жидехъе кьураб гIарцул бащалъиялъул хайир бачIунин тIадейилан махсароде кколел рукIун руго гьел. Цо-цо гьедин бигьаяб гIарац щварал рихьидал, гIадамалги гьелда божун бугебщинаб гIарац пирамидаялда лъолел рукIун руго.

ЦIар бицине бокьичIев МахIачхъалаялдаса телефонал ричулеб тукадул хIалтIухъанас «Эркенлъи» радиоялъе бицана жинда лъалила гьеб пирамидаялда 25 миллион гъурущ лъурал гIадамалгийин. Гьезул цIикIкIунисел хайиралъул бакIалда бугеб гIарацгицин тIагIун хутIанилан.

ЦIар бицине бокьичIев: «РекIеда гьечIого гIарац лъолеб букIана нилъер чагIаз гьеб пирамидаялда. Бигьаго бечелъизе киназего бокьун букIунарищха. Дида лъалаан Хаджалмахиса гьеб пирамида гIуцIарав вас. Цо къоялъ дун хIалтIулев тукаде вачIана гьев 10 миллионалде бугеб автомобилалдаги рекIун. 45 азарго гъурщиде бугеб 5 «Айфон» телефон босана гьес. ЦIакъ хирияб сагIатги букIана гьесда бан. КIалъаялдасан вихьулев вукIана гьев росулъа вачIарав вас вукIин. Гьедин харбида рукIаго гьедигIан гIолохъанав дуе гьебщинаб гIарац кисайилан цIехедал гьес абуна жидер «Приорабазул» бизнес бугилан. Дуца жиндихъе 240 азарго гъурущ кьуни, моцIидасан 360 азаргоялде бугеб автомобилалъул бетIергьанлъун вахъунин мунилан. Дида бичIчIана гьеб щиб ишила гьедин интересалъе цIехолдилев вукIана дун гьесда. Ахиралдаги дун гьесда божулеб гьечIолъи бихьараб мехалда гьес дида абуна дуца жиндихъе гIадамал рачейила, щивав чиясухъа дуе 10 азарго гъурущги тезе бугилан. Дун разилъичIониги хадуб-хадуб тукаде вачIарабгоги гьев дун мукIур гьавизе лъугьун вукIунаан. Щибаб нухалда пасатал хириял жеги нилъер гьанир рихьичIел автомобилаздаги вачIунаан гьев. Цо нухалда 130 азарго гъурщиде бугеб телефонги босана гьес. Хадуб дида лъана гьев вас пирамидаялда гIарац гьоркьоб арал чагIаз вахIшиго чIван вугилан. ЧIвачIого телищха гьезги, дида лъала чанги 25 млн. гъурущ гьениб лъун нахъе щвечIелги. Бицунеб букIана гьеб пирамидаялъул заманалъ гIадамаз къарзалъ гIарац босулеб валюта хисулеб бакIаздацин гIарац лъугIун букIанилан».

«Черновик» газеталъул баяназда рекъон, Хважалмахире пирамидаялда гIарац гьоркьоб арал гlадамал цIакъго гIемер рачIине лъугьиндал гьеб гIуцIараз росдал гIолохъабазда гьарун буго жидее кумек гьабейилан. Гьедин раккун руго росулъ рорчIухъабазул къокъабиги. Гьелде тIадеги гIадлу низам цIуниялъе рорчIухъабазухъе 200 автоматги кьун бугин лъазабулеб буго «Черновикалъ». Гьезулго баяназда рекъон, рорчIухъабазда пирамида гIуцIаразул цо-цоял цIунизе кIун гьечIо, гьедин чанги чи чIванги вуго.

Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъ «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон гьезухъе жеги пирамидаялда гIарац гьоркьоб арав цониги чи вачIун гьечIо гIарзалъ. Полициялъ ккурал гьеб финансазул пирамида гIуцIаразул цIаралги цIех-рех лъугIизегIан бицине гьечIилан лъазабулеб буго гьеб идараялъ.

Финансазул пирамидаби гIадамазул хъантIиялъги, пачалихъалдагун банказда гьел божунгутIиялъги раккулин рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса экономист Михаил Чернышовас.

Михаил Чернышов: «Финансазул пирамидаби раккиялъе кIудияб квербакъи гьабуна 2012 соналъул августалда Дагъистаналда букIараб банказул кризисалъ. Чанги гIадамаз банкалдаса нахъе щвараб гIарац гIодоб лъун течIого сунде букIаниги буссинабун лъикIин абун биччана гьел пирамидабазде. Хасго гьезда пирамидабаздаса бигьаго хайир щвезеги ракIалда букIана. Гьениб сверулеб бугеб гIарцул цIикIкIунисеб бутIа такъсириял ишазде уна, пирамидабаз гIемераб гIарац бахъулелъулха. Гьеб инвестициязде буссунеб гьечIолъиялъ нилъер республикаялъул экономикаялъеги инвестиционнияб рахъалъеги кIудияб зарал кколеб буго»

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ финансазул пирамида гIуцIаразул цо-цоял чIван ругин абураб баяналъе щибго жаваб кьечIо. «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон гьезул лъабгояв чIван вуго ва лъабгояв полициялъ ккун вуго.
XS
SM
MD
LG