МагъчIваялъе рес

Дару балагьунги майданалде рахъине ккана унтарал


Ибрагьим МухIамадов МахIачхъалаялъул аслияб азарханаялъул бетIерав тохтур ва митингалъул гIахьалчагIи
Ибрагьим МухIамадов МахIачхъалаялъул аслияб азарханаялъул бетIерав тохтур ва митингалъул гIахьалчагIи

4 февралалда МахIачхъалаялъул аслияб майданалде рахъун рукIана ургьисалаби унтун рукIиналъ би бацIцIад гьабизе кколев 20 гIан чи. Унтаразул разигьечIолъи бугоан гьеб би бацIцIад гьабиялъул иш МахIачхъалаялъул аслияб азарханаялда гьоркьоб къотIизе тун букIин. Акциялде вачIарав гьеб азарханаялъул нухмалъулес лъазабуна гьеб гьоркьобкъотIиялъе гIилла бугила хасал дараби росизе гIарац гьечIолъи.

Ургьисалаби унтарал чагIазе анкьида жаниб лъабго нухалда бибацIцIад гьабизе кколеб буго. Тохтурзабаз гьелда абула гемодиалезилан. Жиндир заманалда гьеб иш гьабичIони унтарав реаниммациялде колев вуго, яги хвезецин бегьулев вуго. Гьедин захIматго унтарал, чара гьечIого гьеб дару хIажатал чагIи ракIарун рукIана арбагI къоялъ МахIачхъалаялъул аслияб майданалда. Гьеб акция тIобитIиялъе гIиллалъун кканила гьел гIадамазе лъабго къоялъ гемодиалез гьабунгутIи. Гьезда МахIачхъалаялъул аслияб азарханаялда абун буго жидер гьаниб гьеб дару гьабизе ккани хIажалъулел киналго дараби гьечIилан. Гьелдаса разигьечIолъи загьир гьабизе ва къануналда рекъон жидее чIобого чIезабизе кколеб дару-сабаб гьабейилан абун тIалаб гьабун къватIире рахъун рукIанин жалилан бицана гьеб акциялъул гIахьалчи МахIачхъалаялдаса КъурбанхIажиев ГIумарица.

КъурбанхIажиев ГIумар: «Гьаб сагIат цIакъго рескъотIараб хIал буго нижер гьеб дару гьабиялъул рахъалъ. Итни къоялдаса нахъе гьеб гемодиалез гьабичIого хутIун руго ниж. Цо-цоцоял жакъа гьеб щвечIони реанимациялде рачине бегьулаан. Гьоркьоб къотIизе течIого анкьида жаниб лъабго нухалда гьабизе ккола ниж гIадал унтаразе гемодиалез. Гьедин ункъабилеб къоялъ гьебги гьабичIого тату хун рукIана гIадамал. Азарханаялда нижеда абуна гьанир дараби гьечIин нуж гьеб гьабизе Чачаналъе щвезегIан ине кколилан. Кин дун гьениве инев? Дун гIадал цойгидалгиха, киналгIаги руго сакъатлъиялъул группа бугел чагIи, чачаналъе щвезегIан ине рес бугев чиги гьечIо. Гьедин чара хун рукIарал ниж рахъана майданалде акциялде. Дару балагьунгицин гьанже майданалде рахъине кколел ругоха. Гьенир рачIаразда гьоркьор рукIана бащадаб къоялъгицин гьеб гемодиалез щвечIого гIоларел чагIи».

ГIумарица бицана жиндир ургьисалаби унтун жив гемодиалезалде ккаралдаса II сон бугила, цере-цереги чанги рукIунаанила дараби гIоларого, гьеб дару гьабун бажаринчIел хIужжаби. Амма ахираб заманалда гьелъул рахъалъ щибниги къварилъи букIинчIила, заманалда дарабиги рачIунаанила, жеги цониги нухалъ гьеб гьоркьоб къотIизе тезеги ккун букIинчIилан. Гьединго ГIумарица баян гьабуна гьел бибацIцIадгьабиялъе къваригIунел киналго дараби кутакалда хириял жал рукIунила, гIадамазул рес гIоларила гьел росизе. ГIарац бугонигицин гьел росизе бажаринеги бажаруларила, эркенго аптекабазда ричулел рукIунарила гьелилан.

Акциялда гIахьаллъарал унтаралгун дандчIвазе вачIун вукIун вуго МахIачхъалаялъул аслияб азарханаялъул бетIерав тохтур МухIамадов Ибрагьимги. Гьес унтаразда абун буго жакъаго байбихьизе бугила гемодиалез гьабизе, гьеб гьоркьоб къотIиялъе гIиллалъун кканила унтарал цIакъго гIемерлъун рукIин ва гьел дараба росизе гIарац букIинчIолъи. МухIамадовас гьединго баян гьабун буго бибацIцIадгьабиялъе дараби росизе биччараб гIарац бащадаб лъагIалица цебего лъугIун букIанила, жиндица къарзалъ росун дарабигун гьеб иш гьоркьоб къотIизе толеб букIинчIила. Гьанжеги больницалъул бюджеталдаса гуреб, тIаде щвараб цойгидаб 2.5 гъурущалде росизе ругила дарабийилан.

АрбагI къоялъ МахIачхъалаялъул аслияб майданалда тIобитIараб гьеб цебе рехсараб акциялда хурхун Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул министрелъиялъ тIибитIизабураб баяналда рекъон ахирала саназда жаниб цIакъго-цIакъ ургьисалаби унтарал, чара гьечIого гемодиалез щвезе кколезул къадар кIицIулниги цIикIкIун буго. Гьединлъидал МахIачхъалаялъул аслияб азарханаялда гьединал унтаразе дару сордо-къоялъул бокьараб заманалъ гьабулеб къагIида чIезабун бугин лъазабулеб буго министерлъиялъ. Гьебго идараялъул баяназда рекъон 20I5 соналъ Дагъистаналда тIадеги хас гьабун гемодиалез гьабулел медицинаялъул чанго центр рагьизе буго.

XS
SM
MD
LG