МагъчIваялъе рес

Парламенталъул сессия: гIакъилаб калам къокъабги гIола


24 апрелалда МахIачхъалаялда тIобитIана Халкъияб Мажлисалъул сессия.

Гьанжеялдаса байбихьун Халкъияб Мажлисалъул депутатазе сессиязда кIалъазе бихьизабураб заман кIигоги лъабгоги нухалъ къокъ гьабуна. Масала, суал кьезе бихьизабун букIана лъабго минут. Гьанже цо минут гурони кьолеб гьечIо гьелъие. Доклад гьабизе кьолаан 10 минут, гьанже – щуго минут. Гьелдалъун кIалъазе бугеб жидер ихтияр хвезабулеб бугилан лъугьана гьеб мехалда депутатал. Спикерас гьезие жаваб кьуна къокъгоги мухIкангоги суал кьезе ругьунлъизе заман щванин нужее, гьединан хIалтIулин Россиялъул Пачалихъияб Думаялъулги цоги цоги парламентазулги депутатал.

Цересел сессиязда киданиги букIинчIеб хIужаги ккана гьаб нухалда. Щуго сонил болжал лъугIидал, мировой абулел диванчагIи тасдикъ гьарула сессиялда депутатаз. ЩибгIаги тIадкIалъай гьабичIого гьезие разилъи кьола депутатазги. Амма гьаб цояб сессиялда Нуржагьан Дадаевалъул кандидатура нахъчIвана гьез. Гьелъие гIиллалъун ккана депутат ГIабдурахIман ГIусмановас гьей гIаданалъе кьураб суал. Гьей диванчIужулъун йигеб Советский мухъалъул диваналъул хIукмуялдалъун медицинаялъул академиялъул ректорлъиялдаса нахъе рехана ГIусманов. Пуланалги пуланалги шартIалги рукIаго, дуца жив хъулухъалдаса нахъе рехиялъе хIукму гьабиялъе щиб гIилла букIарабин гьикъана гьес Дадаевалда. Жинца гьеб хIукму къануналда рекъон гьабун батилинхаян жаваб кьуна долъ. Гьеб мехалда депутатаз байбихьана Дадаева диванчIужулъун тасдикъ гьабиялъе гьаркьал кьезе. Къогоялдаса цIикIкIун депутатас дандечIей бихьизабуна. Гьелда божичIого спикерас кIиабизеги гьаркьал кьезе тIамуна. КIиабизеги гьебго хIасил ккана гьел гьаркьазул.

Гьаб сессиялда Дагъистаналъул цевесев нухмалъулев МухIу ГIалиевасул хабарги ккана. Республикаялда чIахIи-чIахIиял хъулухъазда рукIарал чагIазеги гьезул хъизаназеги кьолеб хасаб гIарац буго пачалихъалъ. Гьанжеялдаса нахъе гьеб къануналъул къуват букIине бугин 2013 соналъул 13 декабралдаса нахъе хъулухъалдаса арал чагIазе. Цебе гьелъие болжал бихьизабун букIана 2010 соналъул 20 февраль абун. ТIоцебе гьелдаса разилъи гьечIолъи бихьизабуна коммунистазул депутат МухIамад МухIамадовас. Гьеб бугин хас гьабун президентлъун вукIарав МухIу ГIалиевасда хъатIулеб къанунилан абуна гьес.

МухIамад МухIамадов: «Щай ва сундуе гIоло гьеб къанун къабул гьабулеб бугеб? Щиб? ГьанжелъагIан рукIараздаса ва хадур рачIунездаса къадаравищ гьев вугев? Щай нилъеца хас гьабун гьев махIрум гьавизе кколев гьединал гарантияздаса?»

Гьеб мехалда спикер Хизри ШихсагIидовас абуна гьеб бугин Дагъистаналъул прокурорас балеб бугеб дагIба. Гьелдалъун къанун хвезабулеб букIун бугин нилъеца гьанжелъагIан. Цеве спикерлъун вукIарав Николай Алчиевас кин батаниги МухIу ГIалиевасе гьеб гIарац щвезе санагIалъи гьабизе кколин. Гьабилин рагIи кьуна спикерасги.

Хадуб депутатаз къабул гьабуна пачалихъиял хъулухъазда ругел дагъистаниязе къватIир улкабазда гIарац цIунизе гьукъулеб къанун.

Рищиязда хурхараб къануналъулъ хиса-басиялги гьаруна гьенир. Исана сентябралда рукIинесел рищиязе кIвар бугин гьелъулин абуна рищиязул комиссиялъул нухмалъулев Дибиров МухIамадица. Исана сентябралда МахIачхъалаялъул мэрасул рищиял. Амма гьев гIадатиял гIадамаз гуреб, шагьаралъул депутатаз вищулеб къагIида буго. Гьеб заманалдехун къанун хисизеги рес буго. Кин батаниги, Дибировас бицана къануналъулъ гьарулел ругел хиса-басиязул.

Дибиров МухIамад: «Рищиязда кандидатура лъезе ихтяир букIине гьечIо туснахъалдаса къватIире рачIун анцIго сон инчIел чагIазул. ЦIакъго вахIшияб такъсир гьабурал гIадамал рищизе гьукъулеб буго гьел эркенлъун 15 сон инчIого».

МахIачхъалаялъул вукIарав мэр Амировасул вас МухIамад Амировасул биценги ккана гьениб. Гьев ккола цо комитеталъул нухмалъулев. Гьеб комитеталъул нухмалъулев хисулев толев вукIана депутатаз. Живго Амировасул вас гьечIо гьенив, эмен туснахъалъув лъугьаралдаса нахъе республикаялдацин гьечIин гьевин абулеб буго. Спикер ШихсагIидовас абуна МухIамад Амиров халатбахъараб хIухьбахъиялда вугилан.
XS
SM
MD
LG