МагъчIваялъе рес

ЧIвадарухъаби гьанжеги рачIун рагIуларо цIех-рехчагIазухъе...


9 июлалда лъагIел сверана Дагъистаналдаса журналист АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваралдаса. Жегиги ратун гьечIо гьев чIварал чагIи. АхIмаднаби АхIмаднабиев чIвана 2013 соналъул 9 июлалда жиндирго рукъалъул кIалтIа. Гьелде щвелалде бащаб лъагIалица цебеги кьвагьдон рукIана гьесде гьебго бакIалда. Амма низам цIунулезги. Живго АхIмаднабиевасги гьеб хIужа цо цIакъго кIвар кьечIого тана.

КIаратIаса ХIайбула ХIайбулаев ккола АхIмаднабиев АхIмаднабил вацгIал. Гьесул пикруялда рекъон, гьабсагIаталда гIадин унеб бугони цIех-рех, гьелъ кинабгIаги хIасил кьезе гьечIо.

ХIайбула ХIайбулаев: «Щибниги хIалтIиги гьабичIого, кабинеталдаги кIусун чIарав чиясухъе такъсирчи живгойищ вачIине вугев? Щибниги хIалтIи гьабичIо гьез. ГIицIго ххвелал гьаруна цIех-рех гьабулеб бугилан. Гьеб хIужаялдехун кинабгIаги бухьенгицин гьечIел чагIазухъа росарал суравазул цIезабун буго. ЦIех-рехчагIигун кIалъан рукIана ниж. Гьез абуна нужеда кIолеб батани, нужеца гьеб Ростовалде гьарун кьейилан. Нижеца кагътал хъван рукIана ГIабдулатIиповасухъегун Бастрыкинихъе. Гьелъул хIасил ккечIо. МахIачхъалаялуъл Кировский районалъул цIех-рехчияс гьабулеб жо щиб букIунеб?»

ХIайбула ХIайбулаевасул пикруялда рекъон, гIадамазулгун дагIбаялда вукIунароан АхIмаднаби. Гьес хъвалаан инсанасул ихтиярал цIунун.
ХIайбула ХIайбулаев: «Жибго къватIибе бачIани, бачIина гьеб, гурони гьагъаз хIалтIи гьабун щибниги лъазе гьечIо».

ЧIвалалде бащдаб лъагIалица цебеги кьвагьдон рукIана АхIмаднабиевасде цо чагIи. Гуллби гьесул автомобилалда щун рукIана. Гьеб хIужаялъул цIех-рех гьабизе лъугьана гьев чIвазе къасд гьабунилан гуреб, гьесул буголъиялъе зарал кканин абун. Гьелдаса рази гьечIо ХIайбула ХIайбулаев. Гьеб мехалда гIагарлъиялъ АхIмаднабиевасда абун буго гьеб бугин дуе гьабураб лъазаби, Россиялде яги къватIиса хIукуматалде вилълъайин жидеда цадахъ хIалтIизе. Амма гьес инкар гьабун буго.

АхIмаднабиев хIалтIулев вукIараб «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад Сагитовас рикIкIунеб буго цIех-рехчиясе бокьун бугин гьеб такъсир тIатинабизе, амма гьесул жиндирго гьечIин гьелъие гIураб къуватги ресалги. Гьесухъе кьун гьечIин такъсир ккаралъуса данде гьабизе кколеб букIараб кинабго материал.

ХIажимурад Сагитов: «КIиабизеги, нижеда бихьухъе, жанисел ишазул министерлъиялъул цIех-рехалъул бутIаялъул хIалтIухъабаз данде гьабун букIине кколаан гIемерал хIужаби. Доб мехалдаго гьез босун араб АхIмаднабил ноутбук жеги тIадбуссинабичIо гьез. Гъолъул экспертиза гьабун гьечIилан абун. Гьелдалъун бихьулеб буго тIолабго гъоб системаялъе гъоб такъсир рагьизе бокьун гьечIолъи».

ЭР: «Нужер пикруялда рекъон, лъица гъов чIвазе рес букIараб?».

ХIажимурад Сагитов: «Гьадинаб жо буго гьениб. Кьиндал речIчIун букIана гьесда. Абулеб бугоха гьелдалъун гьев хIинкъизавулев вукIанилан. Гъов гIодовуссинавулеб гIадаб жоха. Гъос течIелъулха гьеб. Жиндирго хIалтIулъ щибниги хисизабичIо гьес. Гьедин дол чагIазда ракIалде ккараб къагIидаха гьав чи хIинкъулевги гьечIин, жиндирго гIамалги толеб гьечIин, тIагIинавун лъикI гьевилан. Тохасде тохавин, хIалихьатасда хIалихьатавин абулеб букIиндалха гьес».

«Новое Дело» газеталъул журналист АхIмаднаби АхIмаднабиевасул чIвадарухъаби ралагьиялъул хIасил гьанжелъагIан Дагъистаналда чIварал журналистазул къисматалда релълъараб буго. Ахираб къогогIан соналда жанир бидулазул квердаса камурал журналистазул би тIаде кколев цониги чи загьирлъичIо республикаялда.

АхIмаднаби АхIмаднабиев машгьурав вукIана инсанасул ихтияразул суалал рорхулев журналист хIисабалда. Гьедин «Кавказский Узел» агентлъиялъ хIисабалде босун буго Кавказалъул хIакъалъулъ бищунго лъикIаб макъала хъварав чиясе кьезе АхIмаднабиевасул цIаралда хасаб премия чIезабизе.

XS
SM
MD
LG