МагъчIваялъе рес

«Рохьилавлъун» рикIкIунев эркен гьавуна


Гьал къоязда Дагъистаналъул тIадегIанаб диванханаялда гьабараз гIайибияв гьечIин абурб хIукму къотIана изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъ вукIиналда щаклъи букIарав Ибрагьим АсхIабалиев.

Гьединаб хIукму цIакъго къанагIат гурони Дагъистаналда къотIуларин, гьелъие гIемер гIиллабиги ругин рикIкIунеб буго адвокат МухIамадова Сапиятица.

Экстремистиял къокъабазул гIахьалчи вукIиналда бан, цадахъ рекъон чанго чияс гьабулеб чIвай-хъвеялъулъ гIахьалъи гьабиялъул , изну гьечIого ярагъ цIуниялъул гIайиб гIунтIизабулев вукIарав АсхIабгIалиев Ибрагьимида гIайибияв гьечIин абураб хIукму къотIун буго гьабараз I апрелалда.

АсхIабалиев 2013 соналъул октябралдаго Хасавюрт мухъалъул Муцалаул росулъ къуваталъул идарабазул вакилзабаз викъун анин лъазабун букIана гьесул гIагарлъиялъ. Гьедин чанго къоялъ гьев кив вугевали ватуларого вукIун вуго. ЦIех-рех гьабун хадуб жидеда гьев Хасавюрталъул полициялъул бутIаялда ватанин абулеб букIана гьез. ГIагаразул рагIабазда рекъон полициялъул бутIаялда цIакъ вухун, гIазаб кьун кIиго чияс ккун гурони вахъун чIезе кIолеб хIал букIун гьечIо Ибрагьимил.

ЦIех-рехчагIазул баяналда рекъон гьев кквеялъе гIиллалъун букIун буго Ибрагьим ГIалиасхIабовас ва цойги кIиго чияс цадахъ Муцалаул росулъа чи чIваялда щаклъи букIин. Гьев полициялъулазулгун хурхен бугев чи вукIиналъ чIван вугилан абураб пикру бугин жидерин лъазабулеб букIана низам цIунулез.

Гьединаб ишалда хурхун чи эркен гьавизе хIукму Дагъистаналда гIемер къотIуларин абизе бегьула. Республикаялъул тIадегIанаб диваналъул баяназда рекъон ахирисеб 4 соналда цохIониги букIун гьечIо гьединаб хIужа.

Адвокат МухIамадова Сапиятицаги «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна цIакъго къанагIат гурони Дагъистаналда диваналъ яги гьабараз чиясда гIайиб гьечIин абураб хIукмуго къотIуларила. Хасго экстремистиял ишазулгун хурхен букIиналда щаклъи бугезда гIайиб гьечIин абураб хIукму къотIизего къотIуларила.

Адвокаталъ бицана изну гьечIого яргъидгIуцIараб багъа-бачариялда гъорлъ вукIарав, яги гьенив гIахьалъиялда щаклъи бугев чи хасал идарабаздеги вачIун жиндиего бокьун жиндаго бугеб гIайибалъе мукIурлъани, кодоб бугеб ярагъги къуваталъул идарабазухъе кьуни, гьеб гурони тIокIаб такъсирги гьес гьабун гьечIони Россиялъул къануналда рекъон гьев уголовияб тамихIалде цIазе бегьуларилан. Амма Дагъистаналда гьеб къанун хIалтIуларин, гьанив цо кквезе щварав чи хасал идарабаз киданиги виччаларин абулеб буго гьелъ.

Гьелъие мисаллъун бачана адвокаталъ гьелъ ихтиярал цIунулев вукIарав Хасавюрт мухъалдаса гIолохъанчиясул иш.

Сапият МухIамадова: «Гьев вас живго вачIана Федералияб хIинкъигьечIолъиялъул идараялде, жиндихъго букIараб ярагъги кьуна гьезухъе, амма цIех-рехчагIаз жанив тIамуна гьев. Гьенибги гIемераб гIазаб кьуна, цойги батIи-батIиял такъсирал тIаде росизе тIамулев вукIана гьев. Гьес гIахьаллъи гьабулеб букIараб экстермистияб къокъаялъул гIахьалчагIи кир ругеяли бицейила, ярагъ бахчараб бакI бихьизабейин абун тIаделъун рукIана гьесде къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби. Дица гIарзал хъван кагътал ритIун гьесул ихтиярал цIунизе хIаракат бахъана, нужеца къанун хвезабулеб бугин, гьев чи кквезе нужер ихтияр гьечIин дун чIаниги гьелъулги гIемер хIасилго ккечIо. Амма гьев васас кигIан тIадецуй гьабуниги жинцаго гьаричIел такъсиралги тIаде росичIо. БукIаниги жанивги тIамун лъикI гIазабги кьун 2-3 лъабго моцIидасан гурони къватIиве виччачIо гьев».

Гьединго Сапиятица абуна экстремизмалда хурхен букIиналда щаклъи бугел гIадамазда гIайиб гьечIин абурал хIукмаби къотIичIого рукIиналъе чанги гIиллаби ругила, гьезул аслияблъун кколила гьел чагIи эркен гьаругейин абун тIад ругез диванчагIазда лъазабун букIунилан бицана адвокаталъ.

Сапият МухIамадова: «ТIоцеве полициялде ккун хадув чи виххун, хIинкъун вукIуна. Бокьарал документазда гъоркь гъулбас гьабизе хIадур вукIуна гьев. Гьел документалги хIалайккун «багIарал» адвокатаз кумекги гьабун гьев чиясде гьесда гьабизецин ракIалда букIинчIеб такъсир тIадбаччизабула нилъер гьаниб. Гьелдаса хадуб гьев чиясул рахъккун хIалтIулев адвокатасеги квалквал гуреб жо гьезул щиб ха букIинеб. Адвокатас гьев чиясда щибниги гIайиб гьечIин чIезабуниги гьелъухъги гIинго тIамуларо. Масала, дагьав цевегIан дица цо Гъизляралдаса вас цIунелев вукIана. Низам цIунулезе гьев экстремист вугин абун кквезе къваригIун вукIана. Гьесул рокъоб лъимадул бусада гъоркь автомат бахчун буго жидецаго. Хадуб гьес изну гьечIого ярагъ цIунун бугинги абун ккуна гьев вас. Гьеб ярагъ батаравилан абулев полициялъуласда диваналда гьеб киб батараб, автоматищ таманчайищ гьениб букIарабали бицунцин бажаринчIо. Гьеб ургъунго хасал идарабаз гьабураб иш букIин бихьулеб букIаниги, гьев васасда гIайиб гьечIеблъи чIезабуниги диванчияс 2,5 кьуна гьесие. Гьез абула жидедаги тIасан лъазабун букIунила экстремизмалда хурхен бугел чагIи экрен гьаризе хIукму къотIугейилан».

Гьединго адвокаталъ абулеб буго Ибрагьим АсхIабгIалиевасда гIайиб гьечIин абун гьабараз къотIараб хIукмуги, хасал идарабаз тIасан гIарз хъвачIого тезе гьечIилан.

XS
SM
MD
LG