МагъчIваялъе рес

Аэропорт хIалтIизе гьечIо моцIалъ


АнцIила ичIабилеб августалдаса байбихьун къоло ункъабилеб сентябралде щвезегIан дагь гьаризе руго дагъистаналъул аэропорталдаса гьарулел рорженал, гьелдаса хадуб абуни цо моцIрол болжалда чIезе тезе руго аэропорталъул хIалтIи.

Гьеб хурхараб буго аэропорт цIигьабун къачIаялъул хIалтIаби байбихьун рукIиналда. Кинаб къагIидаялъ гьаризе ругел гьел къоязда жанир рорженал ва аэропорт хIалтIулеб гьечIеб заманалда жаниб кисан роржине ругел дагъистаниял къватIисел шагьаразде?

ТIасияб анкьидаса байбихьун Дагъистаналъул аэропорталъ дагь гьаризе руго гьаваялдаса гьарулел рорженал. Августалъул 19 къоялдаса 24 сентябралде щвезегIан къокълъизе руго гьел. Сентябралдаса хадубин абуни цо моцIрол болжалда тIубанго чIезе тезе рагIула аэропорталъул хIалтIи. Гьел хурхарал руго аэропорт цIигьабун къачIаялъул хIалтIаби байбихьун рукIиналда. Гьедин бицана 15 августалда МахIачхъалаялъул ХъахIаб рокъоб букIараб данделъиялда. «Эркенлъи» радиоялъ цебеккун бицун букIахъе цIигьабун къачIазе руго аэропланал рожунеб мухъ, гIатIид гьабизе буго аэропорталда сверухъ бугеб бакI къачIазе буго аэровокзалалъул минаги. Гьел хIалтIаби гьаризе тIаде босун буго «Мостотряд» абураб гIуцIиялъ.

Рузман коялъ ХъахIаб рокъоб букIараб данделъиялда «Мостотряд» гIуцIиялъул нухмалъулев Хучбаров Загьидица бицана киналго хIалтIаби хехго лъугIиялъул мурадалда жидеца хIалтIи сордо-къоялда жаниб гьоркьоб къотIизе тезе гьечIилан. Аслияб куцалда гIемерисел хIалтIаби сардилъ гьаризе ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе аэропорталъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ХIасанов Алексейицаги.

Рорженазул кадар дагь гьабун хадуб аэрорпаланал кинаб тартибалда хIалтIизе ругелали гьадинаб баян кьолеб буго гьес нижер программаялъе.

ХIасанов Алексей: «18 августалда байбихьун аэропланал роржине руго къаси сагIат анцIила кIиго тIубаралдаса, нахъисеб къоялъул къаси сагIат анкьго тIубазегIан. 19 августалдаса 31 августалде щвезегIан, радал сагIат анкьго тIубаралдаса къаси сагIат анкьго тIубазегIан. 1-б сентябралдаса 28 сентябралде щвезегIан, радал сагIат микьгоялда бащдаб хIалтIаралдаса къаси сагIат анкьгоялда бащадаб хIалтIизегIан. Гьеб кинабго гьабулеб буго аэропорт цIигьабун къачIалел хIалтIухъаби аслияб куцалъ сардил заманалъ хIалтIизе рукIиналъе гIоло. Къоло микьабилеб сентябралдаса байбихьун кинаб куцалъ рорженал гьаризе ругелали жеги чIванкъотIун чIезабураб тартиб гьечIо. Жеги мухIканго лъаларо Грозныялдаса яги Мин-Воды шагьарлдасайиш дагъистниял роржине ругелали, амма рорженал дагь гьаруниги киналго аэропланал хIалтIизе руго тIасакамичIого».

«Мостотряд» гIуцIиялъ гьенир хIалтIаби гьаризе байбихьидал абулеб букIана рорженал гьоркьор къотIулареб куцалъ хIалтIи гьабизе хIаракат бахъизе бугин жидецаян, амма хIакъикъат хисун буго балагьараб мехалъ.

Аэропорт цIигьабун къачIаялъул хIалтIаб гьарулаго хIисабалде босун буго аэроплан роржине байбихьулеб нухалъул халалъи 3100 метралде щвезегIан халат гьабизе ва гIатIилъизабизе рагIула 45 метралъ. Гьединго аэропорт сверун кквезе рагIула зазихараб кварица ви киса-кирего лъезе рагIула веб-камерабиги.

Киналго хIалтIаби лъагIалил ахиралде щвезегIан лъугIизаризе ракIалда буго «Мостотряд» гIуцIиялда ва гьелъие харж гьабизе рагIула кIиго миллиард гъурущ гIарац.

15 августалда Дагъистаналъул хIукуматалъул минаялда букIараб данделъиялда республикаялъул транспорталъул министр хисулев МухIамад-ХIажи Ражабовас абуна аэропорталда гьарулел хIалтIаби лъугIизегIан гIадамал роржине ругин Грозный ва Мин-Воды шагьаралда ругел аэропортаздасан.

XS
SM
MD
LG