МагъчIваялъе рес

Цогьалъул хΙужабазул сияхΙ халалъулеб буго


Низам цΙунулез тΙатинабуна Казбек мухъалъул хъулухъчагΙаз бикъараб пачалихъалъул гΙарац. Гьеб букΙун буго хΙалтΙи гьечΙого хутΙарал гΙадамал хьихьизе хΙукуматалъ заманаялъ биччараб гΙарац. Гьедин лъазабулеб буго официалиял идарабазул вакильзабаз.

Хас гьабун абуни хIалтIи гьечIезул сияхI гIуцIулеб централъул нухмалъиялъ. Гьелъие гIоло гьереси документал гьарун ратун руго. Казбек мухъалдаса щварал баяназда рекъон, ахиралде щвезегIан гьенив нухмалъиялда вукIун вуго гьабсагIаталда гьеб мухъалъе нухмалъи гьабулев ГIабдула МахIачевасул дурц. Гьанже гьевги нахъе ун, гьеб хъулухъалде лъугьине бокьаразда гьоркьоб къец лъазабун буго. Гьелда гIахьаллъулев вуго Гъайирби Гъайирбиевги. Гьев ккола ришватчилъиялда данде къеркьеялъул рахъалъ Казбек мухъалда гIуцIараб комитеталъул нухмалъулев. Жидер мухъалъул нухмалъулев ГIабдула МахIачевасда данде чIун Дилималдаги МахIачхъалаялдаги тIоритIарал митингазул бетIералда вукIана гьевги гьесул гьалмагъзабиги.

Гьанже ракьцояз жидее бадирчIваял гьарулел ругин бицана ЭР-ялъе Гъайирбиевас. Нужни ГIабдула МахIачевасда данде рахъун рукIанин, амма Дагъистаналъул нухмалъулес гьесул вац ХIажи МахIачевас вачун республикаялъул хIукуматалъул вице-премьерлъун тIамунин кIалал гьикъулел ругила гIадамаз жидеда.

Гъайирби Гъайирбиев: «Дун вуго Казбек мухъалда тIоритIарал митингал гIуцIарав чи. Гьениб бикъанщинаб гIарцул хIужаби дица киса-кирего кьун руго. Гьедин президентасухъеги хъвана дица, ЦIех-рехалъул комитеталдеги хъвана. Амма пайда щиб, щибниги тамихI гьабулеб гьечIо мухъалъул нухмалъулесе. Живго Рамазан ГIабдулатIиповас (республикаялъул нухмалъулев – авт.) абун букIана ГIабдула МахIачев вугила нахъе ритIизесел нухмалъулезул цояв. Дубки росдалги бицана. Бициналъул щиб. МахIачевасе щибниги гьабулеб гьечIо.

Гьедин гIадамазул ракIбуссун буго. Долейила нуж рукIанила МахIачев какулел. Гьесул вацин абуни вице-премьерлъун тIамунила. Байбихьуда гIадамазул цо хьул букIана лъикIал хиса-басиял ккеялде. Амма гьанже гIадамазул хьул буссунеб буго. Дирни гьечIо. ГIабдулатIипов Россиялъул гуребги, халкъазда гьоркьосебги даражаялъул политик вугин тола дица. Гьединлъидал нилъеда лъаларел жал рукIине бегьула кадразул политикаялъулъ. Амма гIадатиял гIадамаз гьелъул магIнаби рахъула. Гьесие ришват кьун батичIони, цIогьабиги хъачагъалги тIалъиялде киндила рорчIулел абун суалал лъола гьез».

Низам цIунулез дагьалъ цебегIан тIатинабуна Казбек мухъалъул администрациялъул вакилзабаз анкьгогун бащадаб млн гъурущ бикъиялъул хIужаги. Гьеб букIун буго цIадаз хвезарурал лъел рогIрал къачIазе Калининаул, Ленинаул, ЦIияб Данухъ, ЦIияб ГIаркьухъ росабазе биччараб гIарац. Гьанжеялдаса кIиго-лъабго соналъ цебе биччараб гIарац букIун буго гьеб.
Ришватчилъиялда данде къеркьолеб жамгIияб комитеталъул вакилзабазул щаклъи буго Казбек мухъалда хIакимзабаз пачалихъалъул гIарцул 7 млн гуребги бикъиялдаги. Гьезул баяназда рекъон, гьениб бикъун буго 50 млн-са цIикIкIун гъурущ. Амма жибго бакIалъул нухмалъиялъул чагIи гьелъие мукIурлъуларо, киналъего къимат ревизиялъ кьелин абула.

Гъизилюрталъул «Горводоканалалъул» нухмалъулес банкротлъунги ккезабун 49 млн гъурщиде бичун батун буго гьеб гIуцIи. Гьеб хIилла гьабизе байбихьун буго 2008 соналдаса бахъарабго.

Гьединал хIужаби Дагъистаналда жеги чанги рехсезе бегьула. Жидеца ришватчагIиги пачалихъалъул гIарац пасат гьабулелги тIатинарулел ругилан цIех-рехчагIаз зама-заманалдасан хIисаб кьола республикаялъул бетIерасе. Амма унголъунги хIакимзабаз пасат гьабулеб гIарцуда рекъараб хIалтIи гьабулеб гьчеIин низам цIунулезин абураб пикру буго гIадатиял гIадамазул.
XS
SM
MD
LG