МагъчIваялъе рес

Умумузул гIадатаз чIвазе малъуларо


Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялъ гьал къоязда нахъбуссинабуна Гъизилюрт мухъалъул Нечаевка росулъа МухIамадова Марьям чIваялда хурхун хIадур гьабураб ишалъул халгьаби.Чанго соналъ цее гьей чIван йикIана жиндирго имгIалас. Гьесда гIайиб гьечIилан чIезабуна исана ихдал Гъизилюрталъул диванханаялъ. Амма ясалъул эбелалъул ихтиярал цIунулей адвокаталъ рикIкIунеб буго гьеб чIвай-хъвей тасдикъ гьабизе кIолел киналго далилал тIагIинарунин цIех-рех чагIазилан.

Гъизилюрт мухъалъул Нечаевкаялдаса Марьям МухIамадова чIваялда хурхун унеб цIех рех халалъулеб бугелдаса лъабго сон тIубана исана. Гьал къоязда Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялъ нахъбуссинабуна гьеб чIвай-хъвеялда хурхун хIадур гьабураб уголовияб ишалъулъул халгьаби. Исана ихдал Гъизилюрт мухъалъул диванханаялъ ритIухъ гьавуна Марьям чIваялъул гIайиб жинде гIунтIизабулев вукIарав ясалъул имгIал Къасум, гьесда щибниги гIайиб гьечIилан чIезабуна диванханаялъ.

Марьямил эбелалъул адвокат Къадырова Салиматица гIарза хъвана гьелда тIасан ТIадегIанаб диванханаялде. Диваналда Марьямил имгIал Къасумица инкар гьабуна живго гIайибиявлъун рикIкIине, гьесул адвокатас абулеб буго Къасумил кинабгIаги гIилла букIинчIин яс чIваялъеян, ясалъул квешаб хьвада-чIвадиялъул гьесда лъалеб жо букIун гьечIилан. Амма ясалъул эбел Муслиматица абулеб буго Марьям чIваялъул ахIи-хIур багъарилалде цебе гьев мукIурлъун вукIанин жиндица рогьоялда лъураб чIегIераб тIанкI нахъе бацIцIанилан гьанже диваналда цебе гьес инкар гьабулеб бугин гьел рагIабаздаса.

Гьеб лъугьа-бахъин ккана 2010 соналъул риидал. Кинабго байбихьанин ясалъул телефоналде рачIунел смс –кагътаздасанилан ракIалде щвезабулеб буго эбел Муслиматица. Гьей росасе ун йикIана, бахIарасул гIагарлъи гьелда дандечIун букIаниги. Бертин гьабун заман балелде ясалде рокьул кагътал рачIине байбихьун буго. Марьямил росасда гьеб лъалеб букIаниги, чIужуялда щибго рагIи абулеб букIун гьечIо гьес, амма заманалдасан гIагарлъиялъ питна бухъизе байбихьидал, ватIалъун вуго гьев Марьямидаса Росасул гIагарлъилъ биччан буго хабар росасе иналдего ва ун хадуйги гьей сверулей йикIун йигилан. ДагIба-рагIиялдаса рикIкIалъиялъул мурадалда Марьям Москваялде ун йиго кватIичIого. Одноклассники сайталъул кумекалдалъун вацгIалас лъазабун буго гьей йигеб бакI. ГIагаразда кинабго цебего кIочон бугилан божизеги гьаюн, жиндир берталъе ахIулей йигиланги абун, гIебеде якIарун йиго гьес Марьям.

Гьей разилъун йиго ва июлалъул 28-абилеб къоялъ жийго гIураб Нечаевка росулъе ячIун йиго. Нахъисеб къоялъго гьелъухъе вачIарав вацгIал ХирамухIамадица, телефонги бахъун, квешго кьабгIун йиго гьей. Чанго къоялдасан гьесги Марьямил имгIал Къасумицаги, гъанкъизеги гъанкъун, росдал хабалалъ юкъун йиго гьей.

Ниж киналго дир яс ялагьулей йигеб мехалъ, гьел кIиялго нижее кумек гьабулеб ххвел гьабулел рукIанилан бицана Муслиматица хадуб, амма кватIичIого жиндир вацал Марьям юкъараб бакIалде тIаде ккун, хабалъа гьей къватIие яхъидал, абун буго дов кIиясго жидеца тухумалда лъураб чIегIераб тIанкI чуранилан. Муслиматица гIарза хъван буго полициялде.

Марьямил жаназа19 августалда батун букIаниги, гьелда хурхун цIех-рехалъул хIалтIаби гIицIго моцIгун бащадалдасан гурони байбихьичIилан абуна гьелъ. ЦIех-рехалда ХирамухIамадица бицун буго кинабго, жинцаго Марьям чIвазе Къасумие кумек гьабураб куц. Амма гьелъухъ балагьичIого, полициялъ гьев рокъове виччан чуго, Къасум гьенивго чIезавун вуго, амма чанго къоялдасан гьевги рокъове виччан вуго.

Сентябралъул авалалда, гIайибиял чагIи ратичIиланги абун, Марьямида хурхун гьабулеб цIех- рех къотIизе тун буго. Низам цIунулездаса хьул къотIарай Муслиматица информалатазул кумекалдалъун ахIи бахъинабун буго гьелда тIасан. Гьелъие кумек гьабизе разилъун йиго адвокат Салимат Къадирова. Гьеб соналъул октябралда гьелда кIун буго цIех-рех цIигьабизабизе, гьеб жеги лъугIун гьечIо.

Адвокаталъул рагIабазда рекъон цIех-рехчагIазги прокуратураялъги хIаракат бахъулеб буго гьеб ишалде тIаде ракь хъвазе. яс чIваялъул гIайиб жинде гIунтIизабулев Къасумида нахъаса квер чIвазе чагIи рукIин гуребги цIех-рех чагIаз абулеб буго гьеб хъизамалъул жанисеб иш бугин гьез жидецаго тIубазе тезе кколин гьебилан.

Хасавюрталдаса адвокат Сапият МухIамадовалъ рикIкIунеб буго тIадегIанаб диванханаялъ гьеб иш цIигьабуниги такъсирчиясе рекъараб тамихI къотIизе бажаризе гьечIин гьанже, киналниги далилал тIагIинаризе хIаракат бахъанин хасал чагIаз. Гьел хасал чагIазда гъорлъ Сапиятица рехсана Къасумил божарал чагIиги, ЦIех-рехалъул комитеталъул Гъизилюрталда бугеб бутIаялъул нухмалъулевги.

Сапият МухIамадова: «Марьям чIваялда хурхун унеб цIех-рехалъе квал-квал гьабурав, киналниги далилал тIагIинаризе квербакъарав чи ккола ЦIех-рехалъул комитеталъул Гъизилюрталда бугеб бутIаялъул нухмалъулев. Гьев хъулухъалдаса эркен гьавун вукIана. Амма бищунго дун гIажаиблъизаюна гIемер заман иналдего дагьабги лъикIаб хъулухъги кьун тана гьев. Кинаб хъулухъилан нужеда кколеб? Республикаялъул прокуратураялъул хIинкъигьечIолъиялъул рахъалъ бутIаялъул нухмалъулевлъун. Хъулухъалдаса пайдаги босун цIех-рехалъул хIалтIиго кIалагъоркье чIвазабурав, дир хIисабалда кIудияб такъсир гьабурав гьев тамихIалде цIазе кколеб бакIалда тана дагьабги къадруяб хъулухъги кьун. Гьа, гьелдаса хадуб тIокIабги щибиланха абилеб?».

Жакъа пачалихъиял къануналги хIалтIулеб улкаялда гьединал чIвай-хъвеял такрарлъулеб ругеб мехалъ умумузул гIадатазде мугъчIвайги гьабун щивав чияс жиндиего хасиятаб къагIидаялъ къотIулеб бугин гIайиб ккарай ясалда хурхун хIукму. Амма кин бугониги инсан гIумруялдаса ватIа гьавизе малъуларин я шаргIалъ, я умумузул гIадатазилан бицана Аваразул Миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев, тарихчи ШагIбанов Маркъоца.

Маркъо ШагIбанов: «ГIаммаб къагIидаялъ гьелъие бигьаял шартIал рихьулел руго дида гьенир. ГIадамасул боцIи сабаблъун хъулухъ сабабалъун гьабураб такъсир гурелъул гьеб. ЖамагIаталъул рогьоялдасаги хIинкъун гIакълу-лъай къинабулеб хIалуцараб асаралда гъоркь гьабураб такъсир букIиналъ бичIчIизе бегьула нилъедаги чиясул хIал-хIукму. Амма нилъер гьанир къанагIатги кколел гьечIо щиб кинали лъазегIани чIечIого ясгIадан инсуца яги вацас гIумруялдаса ятIа гьайиялъул хIужаги. Гьединаб бакIалда абуни къваригIуна ясалъухъа мунагь ккун букIин тасдикъ гьабулел нугIзалги, гьелъие чIезарурал шартIалги руго, хехал хIукмабиги гьарун чиясул гIумруялде квер борхизе
ихтияр гьечIо лъилниги, гьедин малъулеб буго шаргIалъги. ГIадатал умумузул ругониги жакъа нилъеца тIоцебе мугъчIвай гьабизе ккола пачалихъиял къануназдеги шаргIиял хIукмабаздеги. Гьеб цIакъ кIвар цIикIкIараб масъала ккола».

Гъизилюрт мухъалъул Нечаевкаялдаса МухIамадова Марьямилалда релълъараб къисамт такрарлъулеб бугин Дагъистаналъул жеги чанго мухъаздагиян бицана адвокат Сапият МухIамадовалъ хадубги. Амма чIварал ясазул гIагарлъиялъ хIаракат бахъулеб бугин гьеб хIужа хъизамалдаса къватIибе бахъичIого жанибго къинабизе. Гьел киналго хIинкъулел ругин рукъ бахун къватIибе гьелъул хабар баккани жидеда тIад гIадамал релъилилан абураб рогьоялдаса.
XS
SM
MD
LG