МагъчIваялъе рес

МагIна бичIчIине захIматаб тадбир


Дагъистаналъул миллияб политикаялъул министерлъиялъ тIобитIана «Дагъистаналъул халкъазда гьоркьор бухьенал щулалъизариялъулъ жамгIиял идарабаз кколеб бакI» абураб семинар. Гьеб тадбир тIобитIулез лъазабун букIана гьеб бугила жакъа Дагъистаналда жамгIиял идарабазул щиб хIал бугебали бицине, гьез гьабулеб ва гьабизе рес бугеб хIалтIул хIакъалъулъ ва гьелъие ресал рукIинариялъе щиб гьабизе кколебали дандбазе ахIараб дандеруссин бугилан.

Гьеб тадбиралъул гIахьалчи жамгIияв хIаракатчи Руслан Расуловас рикIкIунеб буго гьеб тIобитIараздаги гьелъул гIахьалчагIаздаги жал гьенире щай рачIаралали бичIчIулеб букIинчIилан. Гьесул пикруялда рекъон, дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб гьуинлъиги, бухьеналги щулалъизариялъе нилъер республикаялъул Миллияб политикаялъул министерлъиялъе гIемераб гIарац биччалеб буго пачалихъалъ, амма гьез гьеб щибниги пайда гьечIел тадбиразда тIад хвезарулеб буго. Мисалалъе гьес бачана цебехун рехсараб семинарги. Гьевго Руслан Расуловас абулеб буго гьеб министерлъиялдайила жеги мухIканго нилъер гьаниб чан аслияб халкъ бугебалицин лъалеб гьечIила. Лъалеб гьечIила гьел халкъазул социалиялгун экономикиял, политикиял ихтиярал рукIинариялъе ва гьел цIуниялъе щиб гьабизе кколебалиги.

Руслан Расулов: «ЖамгIиял идараби гIуцIарал чагIазда гьез малъулелъул щибго малъизе кколаро. Нухдасан унаго гуреблъидал гIадамаз жамгIиял идараби гIуцIулел ва гьеб ишалде ралел. Гьелъие хIажатабщинабги лъазабун, къануналдеги раккун, ихтияралги цIехон гIуцIула гьел. Берцинал цIаралги хъван гIададисел жал гьарулел руго миллияб политикаялъул министерлъи.

«Дагъистаналъул халкъазда гьоркьор бухьенал щулалъизариялъулъ жамгIиял идарабаз кколеб бакI» абун цIар кьун букIана гьеб данделъиялъе, амма цониги гьелде аскIобе гIагараб суал борхичIо гьениб. Гьабгощинаб батIи-батIиял халкъал ругеб республика буго нилъер, гьезул гьоркьоблъи щулагьабиялъе ва гьуинлъиялъе гьабизе гIемераб хIалтIиги буго.

Гьеб кинабгоги жибго тун къо инабуна школлъималазда гIадин компьютер хIалтIизабизеги, президентасул грантал щвезе ккани кинал документал хIажалъулелали ва кин гьел хIадур гьарилелали бицун».
Расуловасул пикруялда рекъон гьел жамгIиял идарабазе президентас кьолел грантазул гIемерисеб къадар бикъун лъугIулеб буго, гьеб гIарцуде гьабураб хIалтIиги бихьулеб гьечIо. Кин ва кибе гьеб гIарац унеб бугебали хадуб хал кквечIого лъиениги кьезе бегьуларин гьебилан рикIкIунеб буго Расуловас.
«Вацлъи» жамгIияб идараялъул вакил Зайнаб ГIалимирзаевалъ рикIкIунеб буго президентасул грантал ва цогидаб пачалихъалъ биччалеб гIарац жамгIиял идарабаз хIалтIи гьабизе кьезе кколилан, амма мухIканго гьелъул хIисабги кьезе тIамизе кколила гьел чагIи.

Зайнаб ГIалимирзаева: «ЖамгIиял хIаракатчагIазе гурони гьел грантазул гIарац лъиениги кьезе кколаро, щай гурелъул гьел гIадамал жидеего чед-хинкI балагьизе гурелъул къватIире рахъун ругел. Гьезие гIарац кьолев чиги вукIунаро щивниги. Гьезда гьоркьорги яхI гьечIел чагIиги камуларо, амма яхI бугел гIадазе кьуни гьелъул пайда букIинин ккола дида. Кибе гьеб гIарац арабалиги хIисаб кьезе тIамизе ккола киналго. Гьединго цого чагIазеги кьезе бегьуларо гьел грантал, церехун саназ гIемерисел гьел щола цого чагIазе, я хIакимзабазе яги гьезул сверухълъиялъе. Гьез жидерго проекталги цере цула, цогидазулазухъ гIинцин тIамуларо».

Дагъистаналъул хIукуматалъул лъазабиялда рекъон республикаялъул президентасул грантал щвезе бокьараз документал хIадур гьаризе бегьулеб буго гьанжеги. Исана сентябрь моцIалде щвезегIан росизе руго гьел киналго идарабаз.
XS
SM
MD
LG