МагъчIваялъе рес

Дагъистаналдаса цIалдохъабазе гьукъулеб буго росабалъе ине


ЕГЭ кьолел лъимал, Махlачхъала, 07Иню2012
ЕГЭ кьолел лъимал, Махlачхъала, 07Иню2012

10 сентябралда Дагъистаналъул лъай кьеялъул министерлъиялъ тIибитIизабуна цо кIудияб гIилла-мурад гьечIого шагьаралъул школаздаса рахъун цIалдохъаби росабалъе ине гьукъараб документ.

Гьединаб хIукму гьабизе ккун буго ЕГЭ, ялъуни Цогояб пачалихъияб экзамен кьезе росабалъ бигьа букIунилан, школа лъугIизе бащдаб лъагIел яги моцIал хутIидал, лъимал росабазул школазде гочунел рукIиналъ.

Цогояб пачалихъияб экзамен кьезе Дагъистаналъул школлъимал ахиралда рахъун росабалъе гочиналъе кьураб тIокIцIарги буго – ЕГЭ-туризм ин абула гьелда. Дагъистаналъул шагьараздаса гурелги, Санкт-Петербургалдасагун Москваялдаса лъимал магIарухъ школазде рачIарал хIужабиги руго. Цо-цо эбел-инсул рагIабазда рекъон, росулъ бигьа букIуна ЕГЭ кьезе, щайин абуни гьенир киналго цоцада лъала, яги цоцазе гIагарал рукIуна, гьединлъидал мугIалимзабаз кумекги гьабула, гьединго гьабулеб гьеб «кумекалъухъ» босулеб ришватги шагьаралдагIан кIудияб букIунаро.

ПалхIасил, шагьаралъул школаздаса рахъун цIалдохъаби росабалъе ине гьукъун лъай кьеялъул министерлъиялъ гьабураб хIукму битIараб гьечIин рикIкIунеб буго Гъуниб мухъалдаса мугIалим Хадижат Расуловалъ.

Хадижат Расулова: «Дун хIалтIулеб школалдеги бачIана исана кIиго гьединаб лъимер. Гъолни директорасул гIагарал лъимал руго. Щивасул изну гьечIищха бокьараб бакIалда цIализе. Гьединго сах гьаризе бокьаразги тIаса бищуларищха жидеего бокьараб бакI. Масала, МахIачхъалаялда ракI рекъечIого Москваялде ине, гьенибги бокьичIого Германиялде, ГIизраилалде ине. Гьедин цIализеги бокьараб бакIалде инарищха лъимер. Гьелда цадахъго босани, росулъ лъай лъикI кьола шагьаразул школазда дандеккун».

ЦIалдохъабазул ихтиярал хвезари батаниги, батичIониги, гьединаб хIукму гьабичIого гIолеб хIисаб гьечIин лъай кьеялда сверухъин рикIкIунеб буго Амиродинов МухIамадица. Гьев ккола мугIалимзабазул махщалилаб цолъиялъул нухмалъулев. Амиродиновас бицухъе, цIалул сон лъугIизе чанго моцI хутIидал, 25 яги 30 цIалдохъанасда гьоркьоса лъабго-ункъо чи хутIулев вуго классалда. Гьеб мехалда къазе кколеб буго гьеб класс, хутIарал чагIи цогидаб школалдеги ритIун. Гьединго санагIалъи гьечIолъи баккулеб буго мугIалимзабазе хIалтIул сагIтал чIезариялъулъги гьезие харжал кьеялъулъги. Гьединаб тату бахъи хасго МахIачхъалаялда бугин бицана Амиродинов МухIамадица.

Амиродинов МухIамад: «Гьадал магIарухъе унин абурал лъимазул цIех-рех гьабуни прокуратураялъул чагIиги гъорлъе цIан, цо гIадан унев ватуларо магIарухъе. Дова вугилан хъван букIуна гьаб бакIалда - МахIачхъалаялдаги вукIун. Гьедин магIарухъги вукIунев гьечIо гьев цIалдохъан, шагьаралдаги вукIунев гьечIо. Цо щиб букIаниги ургъизегIаги кколеб батилаха гьелда бан. Дихъе кIалъала гIадамал жиндир васасул цIар хъвайин абейила доба магIарухъ бугеб школалда. Абиларин жаваб кьола дица».

Амиродинов МухIамадил рагIабазда рекъон, къануналъ изну кьола лъимал бокьараб бакIалда цIализе риччазе – бокьани МахIачхъалаялдаса рахъун ун Камчаткаялда, бокьани Болъихъ, яги ЦIунтIа. Амма цIарги доба кибалиго бугеб школалда хъван, жалго МахIачхъалаялда яги цогидаб шагьаралда чIун, цIалул соналъул ахиралда рахъун ЕГЭ кьезе росабалъе ин батIияб жо бугила. Гьединлъидал тIубараб лъагIел, яги бащдаб лъагIел гьоркьоб унеб бугила лъимералъул букIине кколеб куцалда школалдеги инчIого. Гьедин ЕГЭялъ гурел, эбел-инсуца жидеца хвезарулел ругин жидерго лъималин абураб пикру буго Амиродинов МухIамадил.

ЕГЭ кьеялда сверухъ хIалтIи роцIцIиналъе нух гьадин бихьулеб буго цевехун рехсарав Амиродинов МухIамадида.

Амиродинов МухIамад: «ЕГЭ кьезе дунялалда батанщинаб гIарац хвезабизегIан дица лъимералъе репетиторго кквелаан. Гьелъ цо лъайгIаги кьелаанха. Гурони бичун босулеб ЕГЭги буго… Дида бараб жо букIарабани, чанго метраги гьоркьоб ккун полициялъулавги тун, видеокамерабиги лъун тIобитIилаан дица ЕГЭ. Гурони гьаб бардак лъугIуларо. Нилъецаго хвезабулеб буго, нилъго гIарзахъдулелги руго. Россиялъул телевидениялда Малаховасул «Пусть говорят» программаялда вукIана Дагъистаналдаса кIиго вас, росулъеги ун ЕГЭги кьунила, мугIалимас кинабго жоги гьабунила, гьанже цIализе Москваялдеги рачIун ругилан бицунел. Рогьо бугоха гьеб жо. Гъоле Чачаналда гьабуна гурищ гIадлу, лъуна видеокамерабиги, вагъаризе чиги виччачIо…».

Цогояб пачалихъияб экзамен кьеялда сверухъ бищун лъикIаб хIасил Чачаналда букIанин рикIкIана Россиялъул лъай кьеялъул министерлъиялъ.

XS
SM
MD
LG