МагъчIваялъе рес

Фонд буго, гIарац бакIарулеб буго, хIалтIи гьечIо...


Дагъистаналъул капиталияб ремонталъул фондалъул нухмалъулев ГIалиев МухIамадица официалияб куцалда хитIаб гьабулеб буго дагъистанияздехун.

Иш диваналде ккезегIан чIечIого, нужедаго тIадаб гIарац кьейин гIемертIалаял минабахъ ремонт гьабизе. Къойилго хасал кагъталги чIван толел руго фондалъул вакилзабаз гIадамазул нуцIбузда. Цо квадратияб метралъухъ 5 гъур. 20 кепек ккола гьеб. Амма моцIи-моцIие кьезе ккани, гьеб кIудияб бакIалде бахунилан рази гьечIо гIадамал. Гьединго цо заманалдасан – жидер минаялъуб ремонт гьабизе ирга щвелалде – биххизеги бегьулин доб фонд, бакIарун жидехъа гIарацгун. Яги цо заманалдасан батIияб минаялде гочун инеги бегьулила жал, цинги гIадада инила доб цояб минаялъур рукIаго жидеца ремонталъе кьураб гIарац. Гьединлъидал тIад гIакIа къотIулеб бугониги кьоларин жидеца гьеб гIарацилан чIун руго гьел.

Гьединазул цояй ккола Каспийскалдаса Шамсият Юсупова.

Шамсият Юсупова: «Дица жеги кьечIоха гьеб гIарац, дир мадугьалзабазги кьечIо. Гьеб жо битIараб бугин рикIкIунаро дица. ХIукуматалъ гьабизе кколин гьеб ремонтин рикIкIуна дица. Нижер рокъоб жаниб гурелъул гьеб гьабулеб бугеб. КъватIибехун – тIох, жанахIлъидал къачIалеб бугеб. Дагъистаналда харбал руго капиталияб ремонталъе гIарац бакIари Россиялда чIезе тун рагIулин, бакIараразухъа нахъегицин кьун бугин гьебилан.

Амма гьел гьадингосел гIахьучIал ругин жаваб кьуна ЭР-ялъе капиталияб ремонталъул фондалъул бетIерав инспектор МухIамадов МухIамадрасулица.

МухIамадов МухIамадрасул: «Бищун дагь гIарац бакIарараб субъект Россиялда Дагъистан буго. Татарстаналда 96, 6 , Ставрополалда 60 процент бакIарун буго. Гьадингоял хабарал. Гьезда щив божулев? Ремонт гьабичIого рукъ тезе бегьилищ? Дица гIумру гьабулеб минаялъул 262 сон буго. Ремонт гьабичIебани, ралаандай гьелъ гьелщинал сонал? 200-300 гъурущ, гIаракъидул багьаяб гIарац кьезе кколеб букIунилан, ремонт гьабичIого тезе бегьиладай?»

ЭР: «ГIадамазул божилъи батилароха нужеда. БакIарун жидехъа гIарацгун, фонд биххизе бегьулин ратила гьел».

МухIамадов МухIамадрасул: «Къанунал цIалуларо дагъистанияз. ХIукуматалъ рахъарал къануназда тIасанги жидецагоги рахъула гьез къанунал. Амма, битIараб бицани, цо-цо мехалда диегоги рекIее гIоларо цо-цо къанунал. Кин эб фонд биххулеб? Гьеб гIуцIун буго Дагъистаналъул хIукуматалъ. Нижее гIадамаздаса бакIарулеб гIарац къваригIунго гьечIо. Ниж хьихьула бюджеталъ. Харжги, командировкаялъ ине гIарацги, цогидабги нижее бюджеталдасан кьола. Нагагьлъун нижер фонд биххани, тасамахIлъи ккани, жаваб хIукуматалъ кьола. КъватIив данделъарав кIиго чияс гIуцIараб бакI гурелъул. 2013 соналъул июлалъ бахъараб Дагъистаналъул къанун буго гьеб (№57). Цо-цояз кьолебги буго гьеб гIарац – 20 млн гъурущ бакIарун буго. Кьезе бокьичIез цоги жо ургъулеб буго. ГIадамаз цеве ккарав юристасда гьикъулеб буго бегьулищ нижер фондалде гIарац кьезеян. «Воре, воре, бегьуларо!» - ян абулеб буго юристас. Юстициялъул министерлъиялда гьикъулеб гьечIо. Гъова къватIив ватарав прокурорасда, юристасда гьикъулеб буго».

ЭР: «Гьадинаб жоялъул хIисаб гьабулеб батила гIадамаз. Фонд абураб рагIул магIнаялъухъ балагьун, бокьани гурони кьоларо гьенибе гIарац».

МухIамадов МухIамадрасул: «Гьадингосел гIахьучIал. Пионеразул яги цогидазул гIуцIи гурелъул гьаб. ХIукуматалъ гIуцIараб жо буго гьеб. Гьедин ремонталъе гIарац кьечIев чиясда тIад къотIулеб буго гIакIа».

ЭР: «Гьедин батани, гIарац кьезе тIадаблъун гьарулел кагътал щайха нужеца почаладсан ритIуларел, нуцIбузда ран течIого?»

МухIамадов МухIамадрасул: «Я дир яс, почалъул гъутухъал кир дуда рихьарал? Нижеца ритIуларо гьел. Гьеб иш тIаде босараб фирма буго. Дуца абулеб жо гIемерисез такрар гьабулеб буго. Гьедин нижеда нахъасан гIемер харбал руго риччалел – гIарацги бакIарун, расги жо гьабулеб гьечIилан. Лъазе бокьани, рачIа нижехъе, гъора жанахIалъур чIван руго араб соналъ Дербенталда, Гъаякенталда, Болъихъ ремонт гьабурал минабазул суратал».

ЭР: «МахIачхъалаялда буго чанго азарго мина – гIемертIалаяб. Гьезул киназдего ирга кида щолеб? Гьелъ буго гIадамазул рахIатхвей?».

МухIамадов МухIамадрасул: «Гьелъие гIиллаги буго, цо рахъалъ. Амма ремонт гьабулеб заман анцIго соналде бикьун буго. Масала, 2014 соналдаса 2024 соналде щвезегIан. Гьеб программа бихьизе ккола».

Дагъистаналдаса юрист Эльдар ХIажимурадовас кIвар буссинабулеб буго гьадинаб гIунгутIиялдеги.

Эльдар ХIажимурадов: «Капиталияб ремонт гьабиялда бан бахъараб къанун тIубазабиялъулъ бугеб аслияб гIунгутIи ккола ремонт цIараб болжалалде лъугIизабунгутIи, нахъ бахъи. Цоги гьеб хIалтIи гьез конкурсги лъазабун гьабизе ккола. БакIал ралел компаниязул вакилзабазда гьоркьоб, бизнесчагIазда гьоркьоб».

ЭР: «Гъоз гъоб ремонт гьаби бокьарал чагIазда тIад къалеб батилаха».

Эльдар ХIажимурадов: «Бокьарал чагIазда тIад къазени толаро гъозие гъоб, масала, монополиялда данде чIараб хъулухъалъ. Амма конкурс гIуж-куцалъе гьабун толеб батилаха».

Капиталияб ремонталъул фондалъул баяназда рекъон, Россиялда биххун тIатIала ккезехъин бугеб мина-карталъул къадар ккола 100 млн квадратияб метра.

XS
SM
MD
LG