МагъчIваялъе рес

Мэрасул ишал тIуразарулев тасдикъ гьавуна


Республикаялъул Халкъияб мажлисалъул депутат МухIамад Сулейманов тIамуна Дагъистаналъул тахшагьаралъул нухмалъулесул ишал тIуразаризе. Щай нахъе арав шагьаралъул цевесев бетIер, щай хас гьабун Сулейманов тIамурав гьеб хъулухъалде, щиб гьес хисилеб МахIачхъалаялда, кинаб пайда гьесдаса бук1ине бегьулеб тахшагьаралъе?

МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуралевлъун тана МухIамад Сулейманов. Гьеб хъулухъалда вукIарав МуртазагIали Рабаданов Дагъистаналъул пачалихъияб университеталде тIадвуссине вугин хъвалеб буго информагентствобаз. Сулейманов республикаялъул тахшагьаралъул нухмалъиялда вачIунев вугин харбал интернеталда раккана араб анкьалъул байбихьуда. Гьел харбазе мухIканал официалиял баянал кьолел рукIинчIо пачалихъиял идарабазда. Живго Сулеймановасги, гьесухъе журналистаз ахIараб мехалда, гьеб информация битIараб бугин абичIо.

4-леб апрелалда Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас хасаб данделъиялда ракIарана республикаялъул чIахIиял хIакимал ва гьединго гьенире рачIана Сулеймановги Рабадановги. КIиабилесе ГIабдулатIиповас «Республикаялда цебе гьабураб хъулухъалъухъ» илан абураб орден кьуна. Республикаялъул нухмалъулес абуна «гьадинаб захIматаб заманаялда» Рабадановас МахIачхъалаялда бугеб ахIвал-хIал цодагьалъ лъикIаб рахъалде хисанин.

Сулеймановасда ГIабдулатIиповас абуна гьесда цебе тIубазе кколеб чанги масъала бугин. Налогал ракIари, коммуналиял хъулухъазул хIалтIи цIигьаби, шагьаралъул инфраструктураялда хиса-басиял гьари – гь.ц. кIвар бугел суалал тIуразе кколин Сулеймановасилан абуна республикаялъул нухмалъулес. Гьес гьединго тIаде жубана МахIачхъалаялъул мэрасул креслоялда хадув векерахъдулев вукIинчIин Сулейманов ва гьеб хъулухъалде гьев республикаялъул нухмалъиялъ ахIанин.

Гьанибго тIаде жубала, 4-леб апрелалда къватIире рачIарал газетабазул тIоцересел гьурмазда рорхун буго МахIачхъалаялъул мэриялда хъинтIарал суалал. Мисалалъе, «Черновик» газеталда хъвалеб буго, харбал ругин Сулейманов мэрасул креслоялде вачIиналъул суал интерес бугел чагIаз кIиго миллиард гъурущги кьун тIубанилан. «Новое дело» газеталда хъвалеб буго Сулеймановасул гIагарлъиялъул чагIи ругин хIакимазул кьеразда.

АнцIго соналъ Сулейманов вукIана Избербаш шагьаралъул мэрлъун. Гьеб хъулухъалдаса гьев нахъе ана 2007 соналда. Доб мехалда республикаялъул президентлъун вачIана МухIу ГIалиев ва Сулейманов парламенталъул спикерлъун тана. 2010 соналдаса гьес нухмалъи гьабулеб буго медикияб страхование гьабулеб «Дагъистан» фондалъе. Гьанже гьеб идараялда щив вачIине вугев жеги лъалеб гьечIо, абулеб буго нухмалъулев хисулев тезе вугин директорасул ишал тIуралевлъунилан.

Жиндир заманалда Сулеймановас чанги нухалъ критика гьабулеб букIана МахIачхъалаялъул администрациялъе. Шагьаралъул инфраструктураялда тIад щибго хIалтIи гьабулеб гьечIилан гIарзаби рукIана гьесул. Мэрлъун вукIарав Саид Амировас гьел гIарзабазе хъачIго жаваб кьуна. Гьес абуна Сулейманов мэрлъун вукIанин гьитIинаб шагьаралда ва гьениб гьес асфальт кIиго къватIалде лъей гурони тIокIаб хIалтIи гьабичIин. «МахIачхъаялъул мэрлъун хIалтIизе хIалбихьун букIарабани гьес, щибдай хадуб абилеб», - ян рагIаби рехана Амировас. Мэрлъун хIалтIизе рес щванаха Сулеймановасе ва кинаб нухде гьес МахIачхъала бачинебали лъазе буго гIагараб заманалда.

Сулейманов гьединго лъала командаялъул чи гIадингиилан абуна «Эркенлъи» радиялъе республикаялъул хIукуматалдаса цо чияс (жиндир цIар рехсогеян гьарана гьев хIакимас). Гьесул рагIабазда рекъон, 2010 соналда МухIамадсалам МухIамадов президентлъун вачIарав мехалда, хIакимазда гьоркьоса тIоцебе Сулеймановас абун буго, республикаялъул цIияв нухмалъулев вугин ва жив Халкъияб мажлисалъул спикерасул хъулухъалдаса нахъе унев вугин.

Гьанже МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуравлъун тарав Сулеймановасе административияб кумек гьечIого хутIине ватиларо. Республикаялъул премьер-министр Абдусамад ХIамидов гьесие ккола вацгIаллъун. Гьединго Каспийск шагьаралъул мэр Джамалутдин ГIумаров ккола Сулеймановасул имгIаллъун. Гьанибго тIаде жубала, ГIумаров рикIунаан Рамазан ГIабдулатIиповасул лъикIав гьудуллъунги.

ЖамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевасе рекIее гIун гьечIо Сулейманов мэрасул креслоялде вачIин. Гьес гьединго абуна республикаялда миллияб квотирование жеги хутIун бугин ва кадровияб суалги тIубан гьечIин, гьелдалъун даргиязда гьоркьоса вищулев вугин чи, профессионалазда гьоркьоса вищичIого. Амма Набиевас абуна Сулеймановас хIалбихьизе бугин Амировасул система хвезабизе, щайгурелъул гьезул кланал цоцалгун къацандулел рукIана кидаго.

Инсанасул ихтиярал цIунулев Руслан Расуловасул рагIабазда рекъон, ГIабдулатIиповас бичIчIизабичIо гIадамазда, щай хъулухъалдаса Рабаданов вахъарав, щай Сулейманов толев вугев мэрасул ишал тIуралевлъун. Живго Сулеймановасул хIакъалъулъ Расуловас абуна гьесда бараб жо батIаго гьечIин. «Система хисизе ккола тIубанго, республикаялда бугеб ахIвал-хIал хисизе ккани цIиял механизмал ратизе ккола. Мэр хисизе кколароан жакъа, республикаялъул нухмалъулев хисизе ккола, щайгурелъул гьес щибго хIалтIи гьабулеб гьечIо», - ян рикIкIунеб буго Расуловас.

Политолог Энвер Кисриевасул пикруялда рекъон, Сулейманов мэрасул ишал тIуралевлъун тей ккола политикияб хIукмулъун.

Энвер Кисриев: «Гьев машгьурав чи вугоха, авторитет бугев политикияв хIаракатчи вуго. Республикаялъул парламенталъе нухмалъи гьабуна гьес, Избербаш шагьаралда мэрлъун хIалтIана чанги соналъ. Гьелдалъун абизе бегьула гьесда лъалин шагьаралъе нухмалъи гьабиялъул системаги, Дагъистаналда бугеб политикияб ахIвал-хIалги. Гьесул хIакъалъулъ абулаан гьев цIакъ бегIерав чи вугин, абулеб жоги бадиса бадибе абулин. Саид Амировгунги гьесул гьоркьолъаби лъикIал рукIинчIо. Гьелдалъун Сулейманов мэрасул ишал тIуралевлъун тей дида политикияб хIукмулъун бихьулаан».

Ахиралда тIаде жубала, Амировасда тIад диван байбихьизе буго 11 апрелалда ва процесс тIобитIине буго Ростовалда бугеб рагъулаб диванханаялда.
XS
SM
MD
LG