МагъчIваялъе рес

МахIачхъала: хисулел руго бутIрул, хисулел гьечIо проблемаби


МахIачхъала шагьаралъул мэрасул ишал тIуразарулев Муса Мусаевас лъазабуна жинца нахъчIвалел ругин жинде щвезегIан шагьаралда ракьал рича-хисиялда бан гьарурал хIукмаби. Кинабниги 29 хIукму кколеб буго гьеб. Ракьалги МахIачхъала шагьаралда жанир руго рикьа-къотIун.

ТIадбалагьун гIадатиял гIадамазул гIемерисел гьелда тIад рекъолел руго. Щайин абуни унтарав чиясухъе бачIине тохтурзабазул яги цIа свинабулезул транспорт бачIинегицин бакIги течIого, гали бахъа-бахъаралъур ран руго МахIачхъалаялда тукабиги минабиги. Гьедин цIа свинабулезул машина бачIине бакIги щвечIого, бухIун тIатIала лъуна исана хасало МахIачхъалаялда ичIтIалаяб минаялъул ахирисеб тIала. ПалхIасил, бечедал чагIаз ришватги кьун, босун лъугIизабулеб бугин тахшагьаралъул ракьилан абураб разилъи гьечIолъи буго гIадатияб халкъалъул.

Амма гьебго заманалда Муса Мусаевас гьел ракьал тIадруссинаризелъун бахъараб хIукмуялда дагIба балеб буго Дагъистаналъул бизнесчагIазги. Масала, кигIан кIваниги квешаб бербалагьи бугин жиндир Муса Мусаевас гьабураб гьеб хIукмуялдехунилан бицана ЭР-ялъе МахIачхъалаялдаса бизнесчи Тимур ХIасановас. Къанунги хвезабун ракьуе изну щварал киналго гIадамазда хъатIулеб букIарабани гьеб, щибгIаги тIадкIалъай букIинароанила. Амма аслияб куцалда гьел ругила цо бицинегIанасеб куцалда нахъасан вахъине чи гьечIел чагIазе кьурал ракьал. КIиабилеб иргаялда, гьел нахъчIварал хIукмабиги бигьаго кьурал жал гурин рикIкIунеб буго Тимур ХIасановас.

Тимур ХIасанов: «Щибаб хIукмуялда хадуб буго таманаб гIарац, яги гьеб хIукму щвезелъун цо лъие букIаниги гьабураб хъулухъ. Цинги щибха гьелъул кколеб бугеб? Гьелъул магIна кколеб буго Дагъистаналда бизнесчагIаз хал кквезе кколеб буго дунялалалда финансазда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалда, гьединго долларалъул курсалда хадуб гуреб, гьез халкквезе кколеб буго иргадулаб нухалда МахIачхъалаялда мэрлъун щивдай вачIинаяли, Дагъистаналда хъулухъазде щалдай рачIинаяли. Гьелъул магIна ккола тIаде вачIарав цIияв хIакимчияс гъоркь вукIарасул хIукмабазда тIасан хIучч цIалин абураб. Гьелъул заралин абуни гIицIго бизнесалъе кколеб буго. Мэрас яги цогидал хIакимзабаз гьелъул жаваб кьоларо. ЦIияв вачIарас гъоркь вукIарасул хIукму нахъчIвазе бегьула гIицIго пуланав чи рекIее гIунгутIиялда бангицин. Гьединго хIисаб гьабилин гьел нахъчIварал хIукмабазул. Масала, гIаммаб куцалда кьураб кIиазарго хIукмуялда гьоркьоса 20 хIукмуялда тIасан хIучч цIан батани, гьебги цIакъ дагьабго къадар бугоха. Чанги аза-азар хIукмабиги нахъе тун. Гьединго гьел нахъчIварал хIукмаби, дица 200 проценталъул гарантия кьола, гьел хъатIун ратулин цIакъго гIадатиял чагIазда».

Тимур ХIасановасулго гIадаб пикру буго ЭР-ялъ гара-чIвари гьабурав жеги чанго бизнесчиясулги. Гьез абулеб буго, цин бугони, Муса Мусаев жеги мэрлъун тасдикъ гьавун гьечIила шагьаралъул мэрлъун, гьединал хIукмаби нахъчIвазе ккани. КIиабизе бугони, диваналъул хIукму гьечIого, гьесул ихтияр букIунарила кинаб батаниги хIукму нахъчIвазе.

Гьеб пикруялда рази гьечIо МахIачхъала шагьаралъул администрациялда цебе информациялъул рахъалъ гIуцIараб БутIаялъул нухмалъулев хисулей Зайнаб ГIалимирзаевалъ.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Диваналъул хIукму гьечIонигиха… Муса Мусаевас абуна гъоркьисалаги исанаги кьурал киналго хIукмабазул хал гьабизе бугин жинца къануналда рекъон кьун ругищ гьел ракьалали. Гьедин дандеккунгутIи батани, киналго нахъчIвазе ругила, кигIан гьел ратаниги – нусго ратаниги, кIинусго ратаниги. Мусаевас абуна жинца гьеб суал гьоркьоб лъезе бугила низам цIунулезда цебе, масала, прокуратураялда цебе. Гьез гьел мекъи кьун ругилан абуни, нахъчIвазе ругила. Бечедазухъа рахъун, мискиназухъ тун - гьедин гIадамал хIакъир гьабурал жалги гьаризехъин гьечIо Муса Мусаевас. Гьединго гьеб 29 хIукму нахъчIваялдалъунги лъугIизе гьечIо иш. Гьеб гIицIго тIоцебесеб партия ккола».

МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуразарулев Муса Мусаевас гьанже вахъун гьединал лъазабиял гьаризе ккани, цин живго МахIачхъалаялъул администрациялда хIалтIулеб мехалда, хадув бакIал раялъулгун коммуналияб магIишаталъул министрлъун вугеб мехалда бихьичIогойищин гьесда букIараб ракьуда сверухъ МахIачхъалаялда гьабулеб бугеб хIилла-макруйин абулеб буго шагьаралда гIемерисез.

XS
SM
MD
LG