МагъчIваялъе рес

МахIачхъала: гъалатIазда тIад хIалтIи


I8 июналда МахIачхъалаядде гъорлъе унеб Талги росдада цебесан бугеб федералияб нухда аскIор изнугьечIого бараб лъабго бакI биххизабуна. Тахшагьаралъул администацилъ гьел бакIал изнугьечIого рарал ругин, гьединлъидал жидеца риххизаризе ругин, гьениб жаниб бугеб къайи-цIа нахъе босейилан лъазабун букIун буго гьел нухлул рагIалда рарал бакIазул бетIергьабазда. Амма гьел гIадамаз тIалъиялъул вакилзабахъ гIин тIамун гьечIо. Гьел бакIал риххизариялдаса разигьечIел гIадамаздаги къуваталъул идаабазул хIалтIухъабаздаги гьоркьобги тукна-гIусиги ккана гьениб. I8 июналда МахIачхъалаядде гъорлъе унеб Талги росдада цебесан бугеб федералияб нухда аскIор изнугьечIого бараб лъабго бакI биххизабуна. Тахшагьаралъул администацилъ гьел бакIал изнугьечIого рарал ругин, гьединлъидал жидеца риххизаризе ругин, гьениб жаниб бугеб къайи-цIа нахъе босейилан лъазабун букIун буго гьел нухлул рагIалда рарал бакIазул бетIергьабазда. Амма гьел гIадамаз тIалъиялъул вакилзабахъ гIин тIамун гьечIо. Гьел бакIал риххизариялдаса разигьечIел гIадамаздаги къуваталъул идаабазул хIалтIухъабаздаги гьоркьобги тукна-гIусиги ккана гьениб.

АрбагI къоялъ, рогьалилъго рахъун, хасаб техникаги бачун МахIачхъалаялъул администрациялъул хIалтIухъабиги полциялъул хIалтIухъабиги щвана Талгиялъул сверуде аскIоре. Гьенир анцI-анцI саназ хIалтIилел ругел квана-гьекъолел бакIалги, тукабиги, автомобилал къачIалел ва чурулел бакIалги риххизариялъул мурадалда рачIун рукIана хIакимзаби гьенире. Гьел риххизаризе риччаралин абун тIирун чIун гьел бакIазул бетIергьабиги рукIана.

КIиго къоялъ цере гьеб бакIалдеги рачIун изнугьечIого рарал бакIазул бетIергьабазда шагьаралъул администрациялъул вакилзабаз лъазабун букIун буго гьеб гьел бакIаз Ростов-Баку шагьранух кIодогьабиялъе квалквал гьабулеб бугин, гьелда тIадеги бегьизего бегьулареб бакIалда, битIун шагьра нухда аскIор ран рукIиналъ гьел бакIал гьеб биххизабизе бугин, гьениб жаниса нужерго къайи-цIа нахъе босейилан ва бокьани нужецаго риххейин гьел бакIалилан. Нужеца риххичIони нижеца риххизаризе ругин гьелилан лъазабун букIун МахIачхъалаялъул администрациялъ гьезда.

КIиго къоялда жаниб жидеца щибила гьаниб гьабилеб, кинабго жо рукIалиде бачине, жаниса къайи-цIа нахъе босизе жидее цо анкьгIаги кьезе бегьуларищилан ахIи балел рукIана риххизарурал бакIазул бетIергьаби.

ПатIимат: «Нижецаго биххизабилаан гьеб бакI, гьениса къайиги босилаан къватIибе. Нижер захIматги, гIумруялъ нижеца гьабураб магIишатги буго гьаб. Нижее кьураб кIиго къоялда жаниб щиб гьабилеб нижеца. Цо-кIиго анкьгIаги тезе бегьулеб букIинчIищ? Гьеб заманалда жаниб гьаниб бугеб къайи-цIаги бичун лъугIизабун, нижецаго гIадлу гьабилаан гьаб мухъалъе. . ГIадамазул нухда гьабизе бегьуларищ гьединал жал? Нижги хIайванал гурелъул, нух къваригIун букIинги бичIчIула нижеца, амма нижедехунги гIадамаздехун гIадаб бербалагьи букIине кколарищ? ХIакимзабаз жидеего цIаруе жо гьабулаго, нижее санагIалъи букIиналда тIад ургъизе кколарищ. Нужерги щиб къварилъи бугеб, гьабги биххун нуж сундасан магIишат гьабулел рукIинелилан нижеда цIехолев, нижер ургъел гьабулев чи вукIине кколарищ? Бокьа-бокьанщинав чияс ракIалде ккарал буюрухъалги кьунищ ишал гьарулел? ХIукуматго хутIун гьечIин ккола дида», ян бицана «Эркенлъи» радиоялъе биххизабураб тукадул бетIергьан ПатIиматица.

Гьел изнугьечIого рарал бакIал риххизариялъул тадбиралъе нухмалъи гьабуле вукIарав МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуралев хисулев ХIажиев МухIамадаминица лъазабуна гьел бакIазул бетIергьабазе рецIалил гIарацги, цойгидаб бакIалда ракьги кьезе бугилан.

ХIажиев МухIамадамин: «Нижеца гьал бакIазул бетIергьабазда чанго нухалъ абун букIана гьел жидецаго риххизареян, гьезул бакIалда рецIалил гIарацги кьезе бугилан. Амма нижеца абуралъухъ гIинтIамичIо гьаз, цониги чияс гьел изнугьечIого рарал бакIал риххизариялъе гIамал гьабичIо. Гьал нухккун рарал киналго бакIал руго изнугьечIого рарал. Гьез рихьизарурал документалги хIакъикъиял ругищ гьечIищали бихьизе хасаб халгьаби тIобитIизе буго нижеца. Гьал риххизарурал ва риххизаризе ругел бакIазул бетIергьабазе щивасе кьезе буго рецIалил гIарацги, гьал тукабазда нахъехун бугеб цойги ракьги. Гьеб кинабго некIого тIалъиялъ хIукму гьабураб жо буго. Дагъистаналъул бетIерас лъазабун буго гьаб нух кIодо гьабиялъе квалквал гьабулелщинал бакIалги риххизарейила, гьезул бетIергьабазе рецIалил гIарацги кьейилан абун»

Амма изунгьечIого раралин рикIкIунел бакIазул бетIергьабаз жидее кьезе бугеб рецIалил гIарац цIакъго дагьаб бугин рикIкIунеб буго. Гьез жидецаго хасав экспертги вачун гьабураб халшалалъ бихьизабун буго гьел бакIазул багьа чанго нухалъ цIикIкIун бугилан.
ТIалхIатов Шамиль: «Гьал бакIал риххизаризе кколин абураб мехалда нижеца лъиданиги вачIев экспертасул кумекалдалъун гьаб бакIалъул багьачIезабуна. Гьес кьураб баяналда рекъон гьаб кинабго магIишаталъухъ I7 миллионгун, 600 азарго гъурущ щвезе ккола нижее. Диваналъги тадсикъ гьабуна гьеб экспертасул хIукму, нижехъ киналго документалги руго. Администрациялъ нижеца абулеб буго нужее гьаб бакIалъухъ 7 миллионги хадубги гурони кьезе гьечIилан. Гьелдаса разигьечIолъи загьир гьабулеб бугоха нижецаги. Кин гьез гьеб багьа чIезабурабали лъаларо дида, цониги документги бихьизабичIо гьез нижеда», - ян бицана «Эркенлъи» радиоялъе биххизабураб тукадул, кафеялъул ва автомобилал къачIалеб бакIалъул бетIергьанас.

Шагьаралъул администрациялъ лъазабулеб буго МахIачхъалаялда кинабниги 408 изнугьечIого бараб бакI бугилан. Диваналъ хIукму гьабурабго, гьел киналго риххизаризеги ругилан. Жакъа къоялда жаниб биххизабун буго кинабниги I4 бакI.
XS
SM
MD
LG