МагъчIваялъе рес

Щиб букIинеб МахIачевасда хадуб?


МахIачев ХIажи хун хадув Дагъистаналъул жамгIияб гIумруялъулъ, интернеталда ва блогосфераялда ва гьадинго годекIабахъ хIисаб гьабулеб буго гьеб лъугьа-бахъиналъул.

Цере росулел руго хварасул лъикIал ва квешал рахъал, ракIалде щвезарулел руго гьев гIахьаллъарал лъугьа-бахъинал, къимат кьолеб буго гьесул гIумруялъе, инсан ва политикияв хIаракатчи хIисабалда. МахIачевасда цадахъ къимат кьолеб буго гьев тIалъиялде ва нухмалъиялде вачIараб заманаялъе ва гьесул сверухълъиялъе.

«Эркенлъи» радиоялъе чанго батIиял экспертазда гьикъана МахIачев ХIажил гIумруялъул, Дагъистаналъул политикаялда гьес ккураб бакIалъул ва хадубккун гьев камиялдаса тIалъиялда рукIине бегьулел хиса-басиязул хIакъалъулъ.

ЖамгIияв хIаракатчи Набиев ГIисалмухIамадица «Эркенлъи» радиоялъе бицана МахIачев ХIажил политикияб нухлул хIакъалъулъ. Гьесул рагIабазда рекъон, МахIачев вукIана заманаялда рекъон политикияб аренаялде вачIарав чи.

Набиев ГIисалмухIамад: «Щибаб заманаялъул вукIуна жиндиего хасиятав цевехъан. 90-лел сонал рукIинчIелани, жидее хасиятаб гIумругун, МахIачев лъидаго лъаларев, гIадатияв дагъистанияв хIисабалда хутIизе вукIана. Замана бачIана гьединаб ва МахIачевас гьелдаса пайда босана жиндирго лебаллъиялда, таваккалалда ва гьунаралда мугъчIвайги гьабун жиндиего нухбахъизе. Къимат гьесие кьезе гьанже жеги цудунго буго, гьеб тела нилъеца хадусеб гIелалъе».

МахIачев ХIажил политикияб нухлул хIакъалъулъ гьединго «Эркенлъи» радиоялъе бицана «Миллат» газеталъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевасги. Гьесул рагIабазда рекъон, МахIачев политикаялде вачIана къотIносан, митингазулаб политикаялдаса. Гьесда кутакалда лъикI лъалаан гIадамазул хасият ва къокъа жинда хадуб цIазе, цеве вахъун кIалъазе махщел букIана. 90-лел сонал рукIана МахIачев гIадинал нахъекъай гьечIел, таваккалал, гьелдаго цадахъ ахIвал-хIалалда рекъон политика гьабулел чагIи. Гьединал хасиятал цо политикасулъ ва инсанасулъ къанагIат дандчIвалин бицана БисавгIалиевас.

«Черновик» газеталъул цеве вукIарав редактор, политолог Бияхъай МухIамадовас «Эркенлъи» радиоялъе бицана МахIачев ХIажи хун хадуб республикаялъул политикияб гIумруялда ва нухмалъиялда кIудиял хиса-басиял рукIине гьечIин.

Бияхъай МухIамадов: «Дида ккола МахIачев камиялъ Дагъистаналъул политикияб гIумруялда кинабгIаги асар гьабизе гьечIин, щайгурелъул, ахирал соназда гьеб асар гьадинги гIемераб букIинчIо, кIудиялин рикIкIунел хъулухъазда гьев вукIаниги. Ахирисеб гьесул хъулухъ букIана республикаялда ругел федералиял идарабазул хIалтIиялда хадуб хал кколев чиясул хъулухъ. Гьел ккола аслияб къагIидаялъ къуваталъул идараби. Гьезда асар гьабулеб къуват ХIажи МахIачевасул букIинчIо ва гьеб бихьулеб букIана. КIудиял хъулухъазда гьев вукIиналъул балъголъи буго федералияб централъ ва республикаялъул тIалъиялъ цоги политикиял къуватазда данде гьев хIалтIизави. Ахирисеб хъулухъалде гьев вачIиналъеги букIана гьебго гIилла. Гьанже гьесул бакIалде вачIине вуго гIага-шагарго гьевго гIадав чи».

Гьес абуралъе гIаксалда, МухIамад БисавгIалиевас рикIкIунеб буго Дагъистаналъул политикияб нухмалъиялда ва тIолабго тIалъиялда кIудияб асар букIарав чи МахIачев ками халлъичIого хутIиларин.
XS
SM
MD
LG