МагъчIваялъе рес

ГI. Аминат: «ЦIех-рехчагIаз абулеб буго вацас жиндирго бадиб къалам жинцаго къазабунин».


ГIалиев МухIамад. Москваялда арест гьабиялда чанго къоялъ цебе бахъараб сурат.
ГIалиев МухIамад. Москваялда арест гьабиялда чанго къоялъ цебе бахъараб сурат.

Терроризмалъулъ гIахьаллъиялда щаклъи букIун, Москваялда къуваталъул идарабаз ккурав Дагъистаналдаса ГIалиев МухIамадил чорхол къоанагIан квешлъулеб бугин лъазабулеб буго гьесул гIагарлъиялъ. Ставрополалъул туснахъалъув вукIарав гьев бадиб щакъидул къаламги къан азарханаялде ккун вуго. Къуваталъул идарабаз лъазабулеб буго гьеб ГIалиевас жиндицаго къазабунилан, гьесие живго жиндицаго чIвазе къваригIун букIанилан. МухIамадил гIагарлъиялъ цIех-рех чагIазул гьел баянал гьересиял ругин лъазабулеб буго.

Гьал къоязда ГIалиев МухIамад хвалдаги гIумруялдаги гьоркьов вугев хIал бугин абулеб буго гьесул гIагарлъиялъ. Къо бахъанагIан тату хун гурони, гьесул мадар лъугьунеб гьечIила, цIакъго захIматаб хIалалда вукIиналъ гьев тохтурзабаз жидецаго комаялде ккезавун вугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе МухIамадил яц ГIалиева Аминатица.

ГIалиева Аминат: «Щакъидул къалам къазабураб гьесул цояб бер къанщухъего буго. Гьанже гьелда жаниб рецIцI кколеб буго, тохтурзабаз абулеб буго гьеб минингиталдецин буссине бегьулилан. Чанго къо буго гьесул чорхол цIа-кан 40 градусалдаса гIодобе кколарого. КIиго къоялъ цебе унтичIеб бер рагьизейилан лъугьун вукIана МухIамад, амма гьелдаса хадуб дагьавги цIакъ унтана, гьединлъидал тохтурзабаз жидецаго комалде инавуна гьев. Гьесул гьуърулги хIалтIулел гьечIо, хIухьел цIан бажарулеб гьечIо гьесухъа жиндихъаго. Кумекалъе хасаб аппарат лъун буго, ракIги лъикI хIалтIулеб гьечIо, гьелъие кумекалъеги хасал алатал лъун руго. 3 декабралъ тохтурзабаз гьесул мукъулукъисан кванирокъобе хасаб мащуги лъуна, гьенисангIаги гьесие квен кьун бажарине букIине. Амма гьеб хIалалда вугониги МухIамадил кверзда жеги-жеги ран руго маххал. Гьев цIунун сордо-къоялъ полициялъул хIалтIухъабиги рукIуна».

Гьединго Аминатица бицана жидеца гьев унтарав чиясул квердаса маххал рахъизе бегьуларищин абураб мехалда къуваталъул идарабаз гьев жеги туснахъ гьавухъего вугев чи вугин гьединлъидал гьел рахъизе бегьуларин лъазабунила жидеда. МухIамад вегизавун вугев азарханаялъул рокъоб киса-кирего видео-камерабиги лъун, аскIор низамцIунулелги чIезарун халккун ругила лъугьа-бахъунелда хадур къуваталъул идарабийин бицана гьелъ. АскIореги ун маххал рарал гьесул кверазулцин сурат бахъизе биччалеб гьечIила жидеейилан абуна МухIамадил яцалъ.

Гьединго Аминатица бицана 3 декабралда ГIалиев МухIамад туснахъ гьавиялда тIасан гьесул адвокаталъ хъвараб гIарзалъул халгьабизе кколаанила Ставрополь икълималъул диванханаялъ, амма цIех-рехалъул чагIи рачIинчIила гьеб диваналде. Гьел ургъунго рачIинчIел чагIи ругила, щиб гьабунги гьев туснахъ гьавун тезе, гьеб ишалда сверун бахъараб ахIи-хIур гIодобциналъе нухал ралагьулел, заман цIа-цIазабулел ругила гьелила рикIкIунеб буго ГIалиевасул гIагарлъиялъ. Аминатил рагIабазда рекъон МухIамад 20I5 соналъул январалде щвезегIан туснахъ гьавизе хIукму къотIун букIана диваналъ. АнцIго къоялда жаниб гьесде гIайиб гIунтIизабичIони гьеб хIукмуялъул цIидасан халгьабизеги бихьизабун букIана, амма анцIго къо аниги жеги ГIалиев МухIамадиде гIайибги гIунтIизабун гьечIо, диванчиясул хIукмуялда рекъон цIидасан гьеб ишалъул халгьабиги тIобитIун гьечIо. ЦIех-рехчагIаз къанун хвезабулеб бугин абун жидер адвокаталъ хъваралщинал гIарзазулги щибго пайда ккечIилан бицана гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Гьединго МухIамадил гIагарлъиялъухъе баянал щун руго цIех-рехчагIазе къваригIун бугила гьес жинцаго къазабунин бадиб щакъидул къалам, гьедин живго жинцаго чIвазе къваригIун букIанин гьесиейилан абун бихьизабизе.

Аминат ГIалиева : «Дие кеп щолеб буго гьел цIех-рехчагIазул баяназдаса. Гьес киданиги гьабулароан жиндиего гьединаб иш. МухIамад вуго кутакалда динияв, цIакъ Аллагьасукьаги хIинкъарав чи, гьесда гIезегIан лъикI лъала жалго жидецаго чIварал чагIазе щиб букIунебали. КIиабизе иргаялда босани гьесда яги цойгидав чиясда киданиги кIоларо жинцаго жиндирго бадиб гьеб къалаб къазабизе, щай гурелъул бадир рукIуна цIакъго гIемер нерваби, унтуца лъай-гIакълуялдаса инавун, гьесда кIолароан гьеб къазабизе. Къаламали киб гурин, бадибе цо тIелех яги рас кканигицин хIехьон бажарулеб жо букIунаро гьеб. Гьел цIех-рехчагIаз рицунел жал руго гьадингоял чIандаби, маргьаби. Гьезда анир гIабдалзаби ругин ккун батани, гIантал гьечIолъи бихьизабизе буго нижеца гьезда. Гьеб къалам бадиб къазабиги гьезул хIалтIи буго, гьезие щиб гьабунги кинаб гIазаб кьунги МухIамадихъа баянал щвезе къваригIун букIун буго. Амма гьев живгоги сунданиги бегьулареб жоялда гъорлъ вукIарав чи гуро, щиб гьес бицинеб. Хваликьа хIинкъунцин чиятIаса мацIал гьарулев чиги гуро гьев, щибниги гьесухъа щвечIеб мехада гьеб хIалалде ккезавуна гьез нижер вац. Гьа, лъикI бугоха.. гьезул баяназда рекъон бадиб къаламни гьес жинцаго къазабун бугин, ургьиса тIе-тIезгIан лъица гьев вухарав? Гьебги жиндицагойищ гьабураб, гьев живгойищ къадазда речIчIун жиндиего гIазаб кьолев вукIарав? Цониги чIагояб, хIалтIулеб лага хутIун гьечIин ургьимесалъул».

Гьединго Аминатица бицана цIех-рехчагIаз лъазабулеб бугила жидехъ видеозапись бугила МухIамадица жинцаго жиндидаго бадиб къалам къазабулеб букIараб куц бахъараб, амма жидеца тIалаб гьабуниги, адвокаталъ абун ва хъван кагъатгун тIалаб гьабуниги гьеб бихьизабичIила гьез. ГьечIеб жо кинила гьез бихьизабилеб, гьезда ккун букIун гьечIила жидеца гьадинаб кIудияб ахIи-хIур бахъинабилин гьеб ишалда сверун, церегоги гьединал чанги лъугьа-бахъинал рукIинила Ставрополалъул къуваталъул идарабаз гьарун, амма гьелъул хIакъалъулъ къватIибе лъараб жо букIинчIила. Гьаб нухалдаги гьединго рорчIизе ракIалда букIун бугила гьезда, гьедин ккечIелъул жидецаго гьабунщинаб ритIухъгьабиялъе багьанабиги гIиллабиги ралагьулел ругила гьелилан, бицана ГIалиев МухIамадил яц Аминатица.

XS
SM
MD
LG