МагъчIваялъе рес

Дагъистаналдаса ахирисел харбал


Шамат къоялъул радал щалали лъаларел чагIаз МахIачхъалаялда кIиго чи чIваялъе гIиллалъун гIарац букIанин рикIкIунеб буго цIех-рехалъул идарабаз. Гьебго къоялъул радакь Дагъистаналъул туризмалъул комитеталъул бетIерхисулев Эльдар Назаралиев викъизехъин вукIун вуго гьесул рокъоре лъугьарал маскаби тIадхурал чагIаз. ХIакимчи тIурун ворчIун вуго, амма гьез гьесул автомобиль бикъун ун буго.

20 июлалъул радал МахIачхъалаялъул АхIмадхан Султанил къотIноб бугеб «Валас» абураб бертаби гьарулеб бакIалда кIиго чи чIвана. ЦIех-рехалъул идарабаз «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон чIварал кколел руго МахIачхъалаялдаса 50 сон барав Жанай Шаихов ва 27 сон барав гьесул яцалъул вас Жанбулат.

Гьеб такъсир гьабиялъе щиб гIилла букIарабали жеги чIезабун гьечIо цIех-рехалъул идарабаз. Гьезул баяназда рекъон Шаихов вукIун вуго заправкаялъул бетIергьан. Щалали лъаларел чагIаз цебегIанго гьесухъа гIарац тIалаб гьабулеб букIун буго, амма чIварас гьеб кьезе инкарги гьабун буго. ГIарац кьезе инкар гьаби аслияб гIилла букIун батизе бегьулин гьел чагIи чIваялъейилан рикIкIунеб буго цIех-рехчагIаз.

Гьебго къоялъул сардилъ Дагъистаналъул туризмалъул комитеталъул бетIерхисулев Эльдар Назаралиевасде щалали лъаларел чагIаз тIаде кIанцIи гьабунин, гьев викъизехъин вукIанин лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Гьезул баяназда рекъон Дагъистаналъул Сулейман – Стал мухъалъул Сардаркент росулъ Назаралиевасул рокъоре лъугьун руго кодоб ярагъгун маскаби тIад хурав ункъгояв. Гьез рукъалъул бетIергьанасе хIинкъабиги кьун гьесул Мазда автомобиль бикъун буго, живго хIакимчиги лъикI вухун вуго, гьелдаса хадуб гьев викъизейиланги лъугьун рукIун руго такъсирчагIи, амма Назаралиев тIурун ворчIун вуго. Гьеб тунка-гIусиялдаса хадуб чанго сагIаталдасан Хив-Хучни нухда бухIизеги бухIун батун буго бикъун араб Эльдар Назаралиевасул автомобиль. Гьел такъсирал гьариялъе кинаб гIилла букIарабали жеги чIезабун гьечIо цIех-рехалъул идарабаз.

XS
SM
MD
LG