МагъчIваялъе рес

Дагъистаналдаса ахирисел харбал


Дагъистаналда ахираб сордо-къоялда жаниб батIи-батIиял мухъазда кьвагьизабун буго кIиго автомашина. Руго лъукъарал. Гьединго ккун йиго лъимер бичулей ятарай гIадан.

ЦIех-рехалъул идарабазул лъазабиялда рекъон, полициялъул хIалтIухъанасул машина кьвагьизабуна Сулейман-Стальский мухъалда. Кьвагьи бахъана къаси сагIат анцIго тIубарабго Орта-Сталь росдада аскIоб. Гьелъул хIасилалда захIматго лъукъана полициялъул хIалтIухъан. Кьвагьулеб алат щула гьабун букIун буго автомобилалъул тIиналдаян лъазабулеб буго Жанисел ишазул идараялъул сайталда.

Гьелдаго релълъараб хIужа ккана Буйнакскиялда. Мерседес автомобилалда гъоркь щула гьабураб бомба кьвагьиялъул хIасилалда лъукъана бакIалъулав. Гьев шагьаралъул больницаялда вуго.

Гъаякент мухъалъул муниципалияб гIуцIиялъул бетIер ХIамзаев Ильмутдин рукъалъул туснахъалда чIезавизе хIукму гьабуна МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул федералияб диваналъ. Гьеб хIукмуялда рекъон, ХIамзаев кивениги ине бегьуларо жиндирго рокъоса. Гьесда тIад бан буго хасаб электроннияб алат. Гьелъ бихьизабулеб буго жанив тIамурав вугеб бакI, къуваталъул идарабазул рес буго гьоркьоса къотIичIого гьесда хадуб хал кквезе.

Азерабайджаналъул цеве вукIарав президент ХIайдар ГIалиевасул цIар Дербент шагьаралъул къватIалда теялда данде чIараб митинг полициялъул хIалтIухъабаз сон гьоркьоса къотIизабун букIана. Гьеб митингалъул гIуцIарухъабазул цояв Сардар Агъларовас лъазабулеб буго митинг тIобитIизе бугин гIагараб заманалда МахIачхIалаялда, жеги цIикIун халкъги бакIарун.

Гъизляр шагьаралда ккуна жиндирго цIигьабураб лъимер гIарцухъ бичулей чIужугIадан. Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул вакилас. Лъимералъухъ чIужугIаданалъ гьарулеб букIун буго 300 азарго гъуруш гIарац. Щиб гIиллаялъ чIужугIаданалъ гьеб ишалде гали тIамурабали чIезабулеб буго

XS
SM
MD
LG