МагъчIваялъе рес

Рахьдал мацI лъангутIи – «гIадамалъа рахъи»


Ахираб заманалда Дагъистаналда киназдаго кIалдиб ругьунлъун буго рахьдал мацIал цIунизе ккеялъул хабар. РакIалде щвезабула Татарстаналда гьелде кьолеб бугеб кIварги. Амма гьебго заманалда я тIадчагIаз, яги махщалида рекъон гьеб суал тIубазабизе кколел чагIаз гьабулеб хIалтIи бихьуларин абураб гIарз буго гIадамазул. Абула ахираб 20 соналда жаниб цIакъго тату хванин рахьдал мацIазул. Дагъистаналъул школазда анкьида жаниб цо сагIат гурони гьечIо гьел лъазаризе бихьизабун. Гьединаб хIадурлъигун университеталде цIализе рачIарал гIолилаз цIакъ захIматго босулин мацIилан гIарз буго мугIалимзабазул.

ЭР-ялъулгун гара-чIвариялда вукIарав гIалимчи ГIабдулкъадирил МухIамадица бицунеб буго Дагъистаналда рахьдал мацIал малъулелъул хIисабалде босизе кколила Тифлисалда билълъанхъизабулеб гIадаб Болоналъул къагIида. Масала, студентас лъазабулеб аслияб мацI магIарул батани, гьес жиндиего бокьун тIаса бищизе кколила Кавказалъул миллатазул цойги мацIги.

Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул хIалтIухъан ГIабдулкъадирил МухIамад: «Дир курсцояй Баранидзе йиго доя институталъул нухмалъулейлъун. Дагьалъ цеве Тифлисалде щведал, гьелъ дихъе вачун вачIана берцинго магIарул мацIги лъалев, ункъабилеб курсалда цIалулев вас, гуржияв. Гьеб къагIидаялде рачIине ккола нилъги. Амма нилъер гьаниб жидерго рахьдал мацI лъаларелгицин ругелъулха гIадамал. Гьебго заманалда мацIал лъазаризе къваригIарал чагIиги гIемер дандчIвалел руго. Багьавудинил МухIамад абун вуго гьанив мугIалим. БакIал раялъул техникумалда (МахIачхъалаялда) гIодоркъояз малъизе буго рахьдал мацIазул школа. ГIарцухъ бокьарал чагIазда малъизе руго гьел».

Рахьдал мацIазул хабар баккидал, Дагъистаналда гIемерисез, хасго эбел-инсуца абула гьездаса щолеб хайир гьечIин жидер лъималазе. Рахьдал мацIалда тIад унеб заман гьез ингилис, паранг, немец мацIазда тIад инабиларищин.

ГIалимчи ГIабдулкъадирил МухIамад: «Рахьдал мацIаздасан пайда щолеб гьечIо щибниги. Амма гьелъул зарал буго нилъер чагIазда берцинго кIалъан бажарунгутIи – хвалилъги гIолилъги рукIун бажарунгутIи, жидер тун батIияб мацI лъаларел чагIазда кIалъан бажарунгутIи. ГIадамалъа вахъийин абула гьелда. Чанги халкъазул бугеб масъала ккола гьеб – жидер мацI чIахIияб гIелалда лъан, гьитIиназда лъачIого. Руго халкъал тIубанго жидер мацI тIагIине тун рукIун, гьанже гьеб цIи гьабулелги, масала, шотландиялъулал. Квешаб хIал буго нугъаязул, калмыказул».

Чанго азарго чи кIалъалел кIаралазул, гIандадерил, гIахьвалазул мацIазе даража чIезабизе ккеялъул суалги баккула зама-заманалдасан Дагъистаналда. Гьелъие гIоло гьел хъвадарула дунялалъул цолъарал миллатазул гIуцIиялде гIунтIунгицин.

Гьарадерихъа ГIабдулкъадирил МухIамад: «Гурин, гьеб даража тIалаб гьабун нуж къватIире рахъине кколин абулеб буго гьел мацIазул чагIазда. Уйилан гьездаги кколеб буго, жидер мацI университетаздаги букIине кколин, школаздаги букIине кколилан».
XS
SM
MD
LG