МагъчIваялъе рес

Ракьул бутIаялда хадуб халатаб иргаялда


Дагъистаналдаса гIемер лъимал ругел хъизабазул рес буго рукIа-рахъин лъикI гьабизе ракьул бутIа щвезе. Амма бугеб ракь бикьулеб бугониги, гIицIго лъабил бутIаялъе гурони рес гьечIила гьеб щвезе. Щай?

Гъизилюрталдаса Гашимова Наргизица цадахъ гьабун буго лъабго лъимер. Хъизам гьабуралдаса ккураб рукъалда жанир гIумру гьабун ругел гьезие мина базе ракь кьезе бугин абидал, шагьаралъул администрациялъул бакIал раялъул бутIаялде ун, гьенир кколел документал гьарун руго. Лъабабго лъимаца кIиго сон балеб бугила, амма гьезул гIумру гьабун бугеб бакIалъул ккараб хиси щибго гьечIо. Администрациялде ун цIехедал, гьенисан жиндихъе кьунила кагъат, иргаялда жий 6433 бакIалда йигин абураб.

Наргиз Гашимова: «БачIараб лъазабиялда рекъон, дун иргаялда йиго 6433 бакIалда. Иргаялда чIечIогон гьеб батIаго щвезе рес гьечIин абуна администрациялда, гьабсагIат гIумру гьабун цо рукъалъул бакIалда ниж хIебтIаниги, хадуб щиб гьабилеб. Ракьул бутIа щванани, ракь босе ккечIелдаса мина базе рес рекъелаан, амма гурого ракьги босун, минаги базе кин гьаб заманаялъ рес рекъолеб. ГьабсагIат гьеб ирга щвеялда хьулгун руго, амма кида гьеб щвелебали лъалеб гьечIо».

Дагъистаналда гIемер лъимал ругел хъизабазе ракьул бутIа щвезе рес ккаралдаса балеб буго лъабго сон, гьедин 2012 соналдаса байбихьун, президентасул лъазабиялда рекъон, лъабго лъимал, яги тIаде ругел хъизабазе бихьизабун буго гьадинго кьолеб ракьул бутIа. Амма Дагъистаналда гьеб ракь щвезе хIакъикъияб рес буго гIицIго щибаб лъабабилеб гIемер лъимал ругел хъизабазул, цо-цо мухъазда гьеб ракь щвезе ресго гьечIо, ракь гьечIолъиялда бан.

БакIал раялъул министерлъиялъул вакил ГIабдулахIад Юсуповас баян гьабухъе, жакъа къоялде, ракьул бутIа щвезе иргаялда чIун руго 24193 хъизам. Гьезда гьоркьосан 2014 соналде щвезегIан ракьул бутIа щун буго гIицIго 8044 гIемер лъимал ругел хъизабазе.

Цогидаб, ракьал рикьиялъул суал захIмат гьабулеб гIилла бугила, гьединал ракьул бутIаби, газ, ток лъим бачарал рукIине кколел рукIин. Гьеб мурадалда 2018 соналде щвезегIан харж гьабизе бихьизабун бугила 47 млрд. гъурущ. ГIемер лъимал ругел хъизабазе ракь кьезе рес гьечIеллъун кколеб буго МахIачхъала, Избербаш, Каспийск шагьарал ва чанго мухъал, гьеб суал тIубаялъе пикру ккун букIанила компенсацияби гьарун 764 азар гъурущ кьезе, амма гьеб мехалъ хIажалъулила 5 млрд. гъурщидаса цIикIкIараб гIарац, амма гьеб бюджеталдаса бахъизе кинабгIаги рес гьечIилан баян гьабуна Юсуповас.

Каспийск шагьаралдаса Аюбова РахIматил руго ункъо лъимал, жий администрациялде ун, кагътал гьарунила, амма 10 соналдаса гурого рес гьечIин гьеб суалалъул хал гьабизейин бачIанила жаваб.

Аюбова РахIмат: «Заявление хъвана нижеца, гьеб ракь кьолеб букIин лъайдал, амма рес гьечIин абун тIаса рихьизарулел руго. Каспийк – МахIачхъала шагьаразда гьоркьор руго авлахъал, гьенир щай бегьуларел ракьал кьезеяли лъаларо, кинабгIаги ракьул гьениб щибго бараб бакI гьечIониги бетIергьан ватулев вуго. Ахиралда, цIияб соналда цееги ана дун ракьул суал мухIкан гьабизе, амма кинабгIаги жаваб щвечIо гьезухъа».

Щибаб регионалда жидецаго бихьизабулеб буго кигIан ракьул къадар бугеб бутIа гьединал хъизабазе буголъиялде кьелебали, Дагъистаналда гьеб кколеб буго анлъгоялдаса анцIила щуго сотыхалде щун. Ракьалда хадур играялда чIарал хъизабазул 57 процент кколеб буго мискинго ругел, кинабгIаги тIаде бачIунеб жо гьечIел, квешал санитариял ва социалиял шартIал ругел бакIазда гIумру гьабун ругеллъун.

XS
SM
MD
LG