МагъчIваялъе рес

ХIажат ругищ жакъа Дагъистаналда миллиял парламентал?


ЛъарагIазул миллаталъул вакилзабазул данделъи, 12Maй2013
ЛъарагIазул миллаталъул вакилзабазул данделъи, 12Maй2013

Гьал къоязда Дагъистаналда лъарагIазул миллаталъул вакилзабазул данделъиялда хIукму гьабуна миллияб парламент гIуцIизе. Цо жидер миллаталъул гуребги цоги киналго миллатазул парламентал гIуцIи ва гьезул вакилзабаздасан республиканияб парламент бищи лъикIаблъун бихьулеб буго гьезда.

12 маялда МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Таргъу росулъ тIобитIана лъарагI халкъалъул данделъи. Гьениб гьоркьолъураб аслияб суаллъун букIана лъарагIазул миллияб парламент гIуцIи. Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна лъараг1азул батIи-батIиял росабазул, мухъазул, жамгIиял идарабазул кинавниги 100 гIан вакилас.

Дагъистаналда лъарагIазул ва цогидал миллатазу парламенталги гIуцIун, гьезул цолъараб тIолгодагъистаналъул парламент гIуцIизе кколин бицана «Эркенлъи» радиоялъе мажлис т1обит1арав цояв, инсанасул ихтиярал цIунулеб «Гражданская альтернатива» багъа-бачариялъул нухмалъулев Расул ИсмагIиловас.

Расул ИсмагIилов:«Жакъасеб мажлис тIобитIиялъе аслияб гIиллалъун буго лъарагIазул парламенталде щибаб росулъа рищизе ругел вакилзаби рихьизариялъул ишалъе байбихьи лъей. Гьанире ахIун рукIана гIемерисел лъарагIазул росабазул жамагIатазул вакилзаби ва гьелго росабазул администрациялъул бутIрул. Миллияб парламент гIуцIи гьеб ккола халкъалда жиндир ругел ихтиярал лъаялде ва гьел цIуниялде тIамулеб тIоцебесеб галилъун. Нилъер халкъалда жиндирго ихтияралцин лъаларо, гьединлъидал тIалъиялъ жидеего бокьа-бокьараб гьабулеб буго. Халкъалъе пайдаялъе гьабулеб жоги гьезул цониги букIунаро. Бугебги хвезабун гурони я магIишат я экономика цебетIеялъа, гIадамазе санагIалъи букIиналъе киналниги ресал ратулел гьечIо.

Нилъер республикаялда бищун гIемер руго лъарагIазул жамгIиял идараби, бищун гIемер митингалгун данделъабиги нижеца тIоритIула, амма гьабулеб ишалъул ва гьел данделъабазул хIасилазул рахъалъ ниж бищун нахъа руго. Гьединлъидал цо-цоязул божилъиги гьечIо цIигIуцIизе бугеб парламенталде, амма гьезди бичIчIизабизе къваригIун буго гьеб гIуцIцIун хадуб цо яги анцIго чиясухъ гуреб тIубараб халкъалъухъ рукIине ругил ресалалги, санагIалъабигийл
ан».

«Кяхулай» жамгIияб идараялъул нухмалъулев МахIмуд ГIибадулевасул рикIкIунеб буго Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул чара гьечIого вукIине кколин миллияб парламенталъ вихьизавурав депутатилан.

МахIмуд ГIибадулаев:«ГIемерисел нижер масъалабиги захIмалъабиги тIуразе кколел идарабаз гьезухъ гIинцин тIамулеб гьечIо. Нижер гьезде божилъиги гьечIо, нижер халкъалъул рахъалдасан жидеего данде кколеб хIалалъ гаргалел рукIунел чагIиги хIажат гьечIо. ЛъарагIазул рахъалъ Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалде рищун ругел цониги депутатас халкъалъулгун дандчIваял гьаруларо, нужее щиб хIажат бугебилан цIехоларо, жидеего магIишатгун ресал ралагьулел рукIуна гьел.

Гьединлъидал миллияб парламент гIуцIизе тIамулел руго ниж ва гьебги гьоркьоб ккун нижер халкъалъул ишалги тIуразе кколел руго. Жеги парламент гIуцIун гьечIелъул кинал ресал гьелъул рукIинелали жеги лъаларо, амма миллияб парламенталъ вихьизавурав Халкъияб мажлисалъул депутатасухъ , цониги тIадегIан бугеб идараялъ, гIинтIамичIого тезе бегьуларо».

Гьединго ГIибадулаевасул рагIабазда рекъон мажлис гIуцIаразда ракIалда буго Дагъистаналда кинал ругониги суалал халкъияб парламент гьоркьоб жубачIого тIуразе риччачIого тезе. Хасго ракьуда хурхарал суалалазда парламенталъ тIадкIалъай гьабичIого тезе бегьуларо.

Данделъияллде ракIарараз хIуму гьабуна гIагараб заманалда щибаб лъарагIазул росдаса миллияб парламенталде жидерго депутатал рихьизаризе. I0 азаргоялдаса дагьав чияс гIумру гьабулеб росу бугони гьениса вихьизавизе ккола цо депутат ва кIиго вакил, I0 азаридаса цIикIкIун чи вугеб бакIалъа вукIине ккола кIиго депутат ва гьединго кIиго вакилги.

Гьединго МахIмуд ГIибадулаевас бицана гIагараб заманалда тIобитIизе бугила тIолго лъарагIазул халкъалъул данделъи. Гьеб мажлисалда жамагIатаз рихьизарурал депутатаздасан гIуцIизе бугила миллияб парламентгиян. Гьенибго халкъалъ хIукму гьабизе бугила кинал ресал кьезе ругел парламенталъухъейилан.

Цебеги I0 февралалда Пятигорск шагьаралда тIобитIун букIана лъарагIазул халкъияб мажлис. Гьениб гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналдаса, Чачаналъа, Шималияб Осетиялдаса кинавниги375 вакилас. Гьенибго хIукму гьабун букIана, мажлисалъул рахъалдасан Россиялъул президент Владимир Путинихъе, Дагъистаналда лъарагIазул бугеб социалиябгун-экономикияб хIалалъул халгьабеян хъвараб кагъат битIизе. Данделъиялъул гIахьалчагIазул пикруялда рекъон лъарагIазул ракьал цогидал миллатазул гIадамаз ккун руго ва Рамазан ГIабдулатIиповасги лъарагIазде дандечIараб сиясат гьабулеб буго.

XS
SM
MD
LG