МагъчIваялъе рес

Мурзаевасул рахъ ккун тIобитIана митинг


Абсалитин Мурзаев, жамгIияв хIаракатчи.
Абсалитин Мурзаев, жамгIияв хIаракатчи.

3 марталъул радал рокъоса къватIиве вачIунаго ункъо чиги тIаделъун вухана Абсалидин Мурзаев. Гьев ккола лъарагI миллаталъул харабазул шураялъул нухмалъулев, гьединго Дагъистаналъул жамгIияб палатаялъул вакил.

Мурзаев хехлъи гьабун хъамун вуго МахIачхъалаялъул централияб клиникаялде. Абулеб буго Абсалидин Мурзаевасул квералги бетIерги бугин бекун. Гьединго къаркъалаялда бакI-бакIалда би ккун рагIула.

Темир Темиров: "Гьесул кIудияв вацас бицухъе, ботIрое операция гьабизе кколеб рагIула Абсалидиние. КIиго бакIалъа бекун бугин абуна гьеб".
Гьедин бицана ЭР-ялъе Гъарабудагъкент мухъалдаса чияс. Цойгидал миллатцоялго гIадин гьевги вачIун вугоан централияб клиникаялъул азбаралъуве. Гьенире ракIарарал лъарагI миллаталъул чагIаз митинг гIадаб тадбирги гьабуна гьениб.

Темир Темиров: "Ахираб заманалда Абсалидин Мурзаев лъарагI миллаталъул цевехъан гIадин батIи-батIиял тадбирал гьарулев вукIана. Масала, исана февралалъул байбихьуда лъарагIазул съездги тIобитIищха гьесул квербакъиялдалъун. Гьев гIемер кIалъана ахираб заманалда лъарагIазул ракьал тIадруссинаризе кколилан - масала, Таргъу магIарда гIумру гьабун ругел, гьединго Кяхулай ва Альбурикент росабазул ракьал лъарагIазухъе кьейилан".
Гьебго магIнаялъул гIадал кIалъаял гьаруна 4 марталда МахIачхъалаялъул централияб клиникаялъул азбаралъуре ракIарарал лъарагI миллаталъул вакилзабазги. Гьез гьединго Абсалидин Мурзаев вухарал гIадамазда хурхун жидерго ццимги загьир гьабуна.

Темир Темировас бицунеб лъарагIазул съезд исана 8 февралалда Пятигорскалда гьабуна. ЛъарагIаздаги гьикъичIого гьезул ракьал бетIербахъиялъе цогидал миллатазе кьолел, яги карьерал гьаризе бечедал чагIазе ричулел ругин бицана гьениб. Гьел рази рукIинчIо росдал магIишат цебетIезабизе лъарагI миллаталъул чагIазе грантал щунгутIиялдасаги. Гьединлъидал гьелъие ахир лъезе кколилан абулеб букIана съездалъул гIахьалчагIаз.

Ракьазул суал рукIалиде бачине бажарулин тIадчиясе бокьани, гьелъие гьесул къасдги бугониян абуна гьез. Гьелъие мисалалъе вачана Чачан Республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировги гьесул эмен АхIмадхIажиги. Гьезул политика сабаблъун Чачаналда миллатазда гьоркьоб ракьул дагIба кколарила.

Гьедин Пятигорскалде данделъарал лъарагIаз Россиялъул президент Путинихъе хитIабги гьабуна. Гьелдаса хадуб Шималияб Кавказалда Путиница тарав вакил Александр Хлопониница прессаялдасан гьадин лъазабун букIана.

Александр Хлопонин: "Регионалиял хъулухъал щвеялъе гьарулел иргадулал хIалбихьиял ккола гьел. Амма гьелъул хIасил ккезе гьечIо, зарал гурони. Гьединлъидал дида ккола Дагъистаналъул жакаъсеб нухмалъиялъ хIисабалде росилин къадаралъул рахъалъ республикаялда лъабабилеб бакIалда бугеб миллаталъул тIалабал. Цойги нухалъ такрар гьабила, мурадалде щвеялъе гIоло хIалтIи гьабулеб къагIида гуро гьеб. ТIадежоялъе съезд гьабизеги тIаса бищун буго Дагъистан гуреб, гьеб тун къватIиб бакI - Ставрополь мухъ".

Гьелдаса хадуб прессаялдасан жиндирго пикру загьир гьабун букIана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги. Пачалихъалъул гурони, хас гьабун пуланаб миллаталъул ракьал гьечIин республикаялдаян абун букIана гьес.
XS
SM
MD
LG