МагъчIваялъе рес

МагIугун лъолел суалазеги жавабал щвечIо


Хасал хъулухъазул зулмуялда дандечIараб митинг тIобитIана 28 июлалда МахIачхъалаялда. Гьеб тадбиралда гIахьаллъана 6 июналда рикъарал Шамил ГIабдулаевасул ва Шамил Кадырагаевасул гIагарлъи. Гьез рикIунеб буго хасал хъулухъазул хIалтIухъабаз рикъанин ГIабдулаевги Къадырагаевги.

Авар театралда цебе тIобитIараб митингалда нусго чи вачIана. «Нижер вацал нахъе риччай!», «Кир ругел нижер васал?», «ГIабдулатIипов, щай халкъалдехун вуссунарев?» - гьединал суалал лъурал плакаталги кодор ккун рукIана тадбиралде рачIарал.

Къадырагаевасул эбел Султанат МухIамадовалъ бицана «Эркенлъи» радиоялъе жиндир васги ГIабдуллаевги къотIносан унел рукIанин, гьезда аскIоб чаналиго автомобиль чIезабураб мехалда. Гьурмазда маскабиги ххурал, кодор автоматалги ругел чагIи рахъун рач1анин автомобилаздасайилан бицун буго нугIзаз хадуб васазул гIагарлъиялда. Гьез бицаралда рекъон, ГIабдулаевги Къадырагаевги лъутизе лъугьун руго дол чагIазухъа, амма автоматалдаса кьвагьун буго гьезул рахъалдехун маскаби ххураз. КIиязулго хIатIазда щванин гуллбиян бицун буго нугIзаз. ГIабдулаевги Къадырагаевги автомобилалда жанир рехун, маскаби ххурал тIурун руго лъугьа-бахъин ккараб бакIалдаса.

МахIачхъала. Авар театралда цебе митинг унеб мехалда.
МахIачхъала. Авар театралда цебе митинг унеб мехалда.
Къадырагаевасул эбел Султанатица абуралда рекъон, жиндир вас лъица вачун аравали лъазелъун гьелъ гIарзаби хъван руго Дагъистаналъул хIукуматалдеги, прокуратураялдеги, Жанисел ишазул министерлъиялдеги.

Султанат МухIамадова: «Киса-кирего гIарзаби хъвана, амма жаваб щвечIо. Дир васасул сундулъниги гIайиб батани – гьабе гьесие тамихI, гьелда дандечIарай гIадан дун гIуро. Викъулев щай вугев? Щиб сабаблъун? Нижеда лъалеб гьечIо гьев вугев бакI. Гьале кIиго моцI инехъин буго, амма нижеда васасул хIакъалъулъ лъалеб жо щибго гьечIо. Нижеца тIалаб гьабулеб гьечIо нижер васал ругеб бакI нижеда абеян, нижеца гьарулеб буго, Аллагьасул цIаралдалъун гьарулеб буго».

ГIабдулаевасул эбел ПатIимат ГIабдулкъадыровалъги абуна жинцаги чанги гIарза хъванин батIи-батIиял бакIазда, амма жаваб щвечIин.

ПатIимат ГIабдулкъадырова
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:12 0:00
Интернет-мухъ

ПатIиматица гьединго абуна Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасухъе ун йикIанин жийилан, амма жание гьесухъе йичачIин.

ПатIимат ГIабдулкъадырова
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:40 0:00
Интернет-мухъ

Гьединго ПатIиматица бицана жиндир васги Къадырагаевги цере хIалтIулел рукIанин Унсоколо мухъалъул мажлисалъул депутат МухIамадхIабиб МухIамадгIалиевасул хъаравуллъиялда. РакIалде щвезабилин, 20 марталда Семендералда гьабураб операциялда гьев депутат чIвана. Гьевгун цадахъ чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул анлъгоявги. Гьезда гьоркьов вукIана Ибрагьим ХIажидадаевги.

МухIамадгIалиев чIван хадуб васасул ургъалида йикIанин жийилан абуна ПатIиматица. Жинда гIайиб гьечIилан Къуръаналда кверги лъун гьедизе тIамунин жинца василан бицана ПатIиматица «Эркенлъиялъе».

ПатIимат ГIабдулкъадырова
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:21 0:00
Интернет-мухъ

Митингалда жидеца ГIабдулатIиповги, Жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулевги, Дагъистаналъул прокурорги ахIун рукIанин абуна тадбиралда гIахьаллъараз.

ГIабдулаевасулги Къадырагаевасулги гIагарлъиялъ митингалъул ахиралда абуна жидер васал ругел бакI лъазабичIони, иргадулаб митинг жидеца Ленинил майданалда бугеб ХъахIаб рукъалда цебе гьабилин.
XS
SM
MD
LG