МагъчIваялъе рес

Динияб рокьукълъиялъул градус борхизабиялъул ишара


Хасавюрт. 18 августалда жаниб какал ралеб мехалда теракт гьабураб шиитазул мажгит.
Хасавюрт. 18 августалда жаниб какал ралеб мехалда теракт гьабураб шиитазул мажгит.

18 августалда Хасавюрталда бугеб шигIитазул мажгиталда ккараб кьвагьа-гIанхъи, цо-цо экспертазгун аналитиказ бухьинабулеб буго суннитаздаги шигIитаздаги гьоркьобе ракьа рехизе бокьаразул мурад кколеблъиялда.

Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерствоялдасан щварал баяназда рекъон, гьеб къоялъ гьурмада маскаби ххурал кIигояз мажгиталдеги рачIун автоматалъул ирга биччан буго как балел рукIаразде ва гьелъул хIасилалда микьгояв лъукъула. Гьезул цоявин абуни, лъавуде вачIинчIого азарханаялда хола.

Къуваталъулал идарабазул хIалтIухъабаз абулеб буго гьеб иш гьабун батизе рес бугин изну гьечIого яргъид гIуцIараз. Амма Кавказ лъазабулев эксперт Къурбанов Русланил пикруялда рекъон, «рохьилалин» абулез хIаракат бахъулеб батизе рес бугила Дагъистан сектантаздаса ва бацIцIадаб исламалда нахърилълъунарездаса бацIцIад гьабизе, ва гьединго, гьеб батизе бегьулила ахираб заманалда Дагъистаналдаги Азербайжаналдаги салафитаздаги шигIитаздаги гьоркьоб тунка-гIуси ккезабиялъе «бачунеб чагъаналъун».

Цо-цо информациялъулал алатаз гIемер бицунеб масъалалъун лъугьун буго Азербайжаналда суннитазда тIад михир бачунеб букIиналъул, хасго лезгиязгун авараз гIумру гьабулеб мухъалда. Гьеб мурадалда, гьел бакIазда къуваталъулал идарабаз хасал операциял тIоритIиялъул баяналги загьирлъула гьоркьо-гьоркьор СМИяздасан. ХIатта хIужаби рехсола суннитазул мажгитал къалел рукIиналъулцин.
«Алазан» абураб информациялъулабгун аналитикияб хъулухъалъул нухмалъулев Лачинов Лачиница бицухъе, Хасавюрталда ккараб гьеб лъугьа-бахъиналдаги Азербайжаналда жакъа бугеб ахIвал-хIалалдаги гьоркьоб бухьен букIин щакаб рагIула.

Лачинов Лачин, жамгIияв хIаракатчи
Лачинов Лачин, жамгIияв хIаракатчи
Лачин Лачинов: «Щайгурелъул, Азербайжан ккола светияблъун рикIкIунеб улка. Гьединго, Дагъистанги буго Россиялда гьоркьоб бугеб светияб республика. Гьединлъидал, гьел терроралъулал ишазда рухьарал хIаял ва диналда божулел хIинкъизари букIине рес буго цогидаб гIиллаялда бан, ай аналитиказгун экспертаз гьеб рахъ хIисабалде босизелъун, гьелда сверухъ хабар бицинелъун гьарулел жал. Амма диназда ва диналъул гIаркьалабазда гьоркьобе ракьа рехизе лъугьиналъул ва нилъеца бицунеб хабар мухIканаблъун къабул гьабиялъул мурад гьениб батиларин абун ккола дида ракIалде».

Гьебго заманалда Лачин Лачиновас бицухъе, шигIитазулаблъун кколеб Ираналъ Азербайжаналда гуребги Дагъистаналдаги жидерго дин тIибитIизабизе хIаракат бахъулеб букIин хIакъаб рагIула, суннитазул пачалихъазго гIадин.

Россиялъул ГIелмабазул академиялъул тIолабго таварихалъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан Улунян Артемил пикруялда, Ираналъул асар тIибитIизе рес букIиналдаса цIодорлъи гьабизе ккеялде ахIулел гIарабазул политикиял къуватал рагIула. Гьелъул хIасилалда, Россияги Азербайжанги лъугьунеб бугила политикияб ахIвал-хIалалъул кьучIалда шигIитазулги суннитазулги дандечIеялъулал хIужаби загьирлъулел бакIаллъун.

Артем Улунян: «Амма гьелъул магIна кколаро гьеб дандечIей ургъунго цо кинаб бугониги къуваталъ гьорозабулеб бугин аби. Суннитаз хIаракат бахъулеб буго шигIитазул асар цIикIкIине биччачIого чIезабиялъе. Гьебго заманалда радикалиял мурадал цере лъураз бихьизабулеб буго, бацIцIадаб исламалъул бакIлъун кколеб Шималияб Кавказ диналъул гьединал гIаркьалабаздаса эркен гьабизе кколин».

«Исламалъул ахIи» газеталъул редактор, журналист ХIамзатов МухIамадица бицухъе, Дагъистаналда шигIитазул загьираб тIадецуй яги гьелде дандечIей рагIуларо ва Хасавюрталда ккараб лъугьа-бахъин хас гьабун гьелда бухьинабиялъе гIураб хIужаги гьечIила.

ХIамзатов МухIамад: «Сириялда бугониги, Ираналда бугониги, Турциялда бугониги, ГIиракъалда бугониги исламалъул тушбабаз хIаракат бахъулеб буго жибго исламалъе зарал гьабизе кIвечIеб мехалда, исламалда жанир ругел батIи-батIиял гIаркьалаби, хасго суннитал ва шигIитал, хIиллаби, макраби ургъун цоцазда дандразаризе. Гьеле гьелъул карачел жакъа Дагъистаналдеги щолеб бугин ккола дида. Гьеле гьеб гIилла батизе бегьула Хасавюрталда доб балагьаб лъугьа-бахъин ккеялъеги. Амма нилъеда лъалеб жо буго исламалда жаниб щибго цоцазда дандечIей гьечIеблъи, шигIитазулги суннитазулги бикьизе жоги букIунгутIи. Цояз жидерго рахъ кколезул къадар цIикIкIинабиялъул мурадалда гьабураб иш бугин гьебин абизеги дида кIоларо».

«Исламалъул ахIи» газеталъул нухмалъулев ХIамзатов МухIамадица бицухъе, жакъа диналъул багьанаги кьочIое босун бусурбабазде гьоркьобе ракьа рехулеб лъабабилеб къуват букIин хIакъаб рагIула. Гьединаб къуват букIиналъул гIемер бицуна батIи-батIиял информалатаздасан аналитиказгун экспертазгун. Амма щиб къуват гьебали чIванкъотIун лъицаго рехсоларо.
XS
SM
MD
LG