МагъчIваялъе рес

Дир полициялъ дун цIунулев гьечIо...


Насрудин ИсхIакъовасул тукен кьвагьи ккун хадуб
Насрудин ИсхIакъовасул тукен кьвагьи ккун хадуб

Жиндир хъизан цIуниялъе полициялъулаз кумек гьабулеб гьечIин гIарз гьабун буго нижер мухбирасде Хасавюрт шагьаралдаса Насрудин ИсхIакъовас. Гьесул тукада аскIоб гIодоркъоязда ккана кьвагьи.

Хасавюртдалда 4 январалда сардил мехалда кьвагьи ккана «Акбар» тукада гIагарда. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиязда рекъон, кьвагьиялда щивго хвечIо ва лъукъичIо.

Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб идараялъул вакилас бицана «Эркенлъи» радиоялъе ккараб кьвагьиялда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьанин. Гьебги рагьун буго уголовияб кодексалъул «чияр магIищаталъе зарал ккезаби» абураб 167 бутIаялда рекъон.

«Акбар» тукадул хважаинзабилъун ккола ИсхIакъовазул хъизан. Полициялъулаз жал цIуниялъе щибго гьабулеб гьечIилан гIарз балев вуго хъизаналъул бетIер Насрудин ИсхIакъов. «Эркенлъи» радиоялъе гьес бицана кьвагьи ккараб мехалда гордозда букIараб бекун щущахъ бараб цIорол кескал жиндир кваранаб хIатIида речIанилан. Гьев хIалтIуда вукIун вуго доб мехалда ва хвелалдаса гьев хвасар гьавун вуго тIаде бортараб сейфалъ.

​Ккезабураб заралалъе гIарцудалъун жеги къимат кьун гьечIилан бицана ИсхIакъовас. Гьесул рагIабазда рекъон, низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз тукадул хал-шал гьабун гьечIо. Тукеналъул хал-шал гьабизе гIарацги кьун вачун вуго эксперт ва хIасилазул документ гьес кьун хадуб ккараб заралалъе къимат кьелин абуна ИсхIакъовас.

Кьвагьиялдаса бищунго кIудияб зарал ккун буго кванил нигIматал ричулеб залалъе
Кьвагьиялдаса бищунго кIудияб зарал ккун буго кванил нигIматал ричулеб залалъе
«Акбар» ккола кIудияб тукен. Лъабго тIаладул тукада жанир кванил нигIматал гурел, бичулеб буго мебель, рокъоб лъолеб техника ва гь.ц. Амма кьвагьиялдаса бищун зарал ккун буго кванил нигIматал ричулеб залалъе.

ИсхIакъовас бицаралда рекъон, кьвагьи гьабураллъун гьес рикIкIунел руго изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унел.

«Рохьилаз» абун буго ИсхIакъовасда гьесухъа гIарац бахъулеб бугин гьев суфияв вукIиналъе гIолойин
«Рохьилаз» абун буго ИсхIакъовасда гьесухъа гIарац бахъулеб бугин гьев суфияв вукIиналъе гIолойин
Насрудин ИсхIакъов: «Лъабго моцIалъ цебе дихъе «флешка» битIана. Гьениб хъван букIана жидее гIарац кьеилан. ТIоцебе абулеб букIана 15 миллион кьеилан, хадуб – 5 кьеилан. Гъоб флешка бачIараб чиясул суратцин кьезе кIола дида. Гьеб флешка дихъе битIана гьанир шагьаралда ругел «рохьилаз». ЯхIяилан абураб бетIерги вуго гьезул. Гьанир шагьаралда чанги чи чIвана гьел чагIаз».

Телефоналдасаги ахIун буго «рохьилаз» ИсхIакъовасухъе. Гьес гьезие суал кьун буго: «Щиб гIиллаги батун гIарац тIалаб гьабулеб бугеб? Бизнес бачунеб буго Россиялъул къануназда рекъон гуребги шаргIалда рекъонги. ЗакагIатги кьола, бесдалазеги кумек гьабула, бискиназеги гьабула. ГIаракъ-хъалиянги бичулеб гьечIо тукада. Щиб сабаблъун гIарац тIалаб гьабулеб бугеб?» Гьеб суалалъе жаваб къокъаб щун буго. ИсхIакъовасда абун буго, гьесухъа гIарац бахъулеб бугин, гьев суфий вукIиналъе гIолоилан.

2013 соналъул 14 декабралда чIван вуго ИсхIакъовасул вас ГIумар. Инсул рагIабазда рекъон, гьев чIван ватизе бегьула изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унез.

Хъизаналъе рахIат тезе гьечIин, гьел парахатго тезе гьечIилан абулеб букIун буго «рохьилаз» флешкаялда. ЦIех-рех чагIазни такъсир гьабиялъул иш къан буго ва гьениб хъван буго ГIумар ИсхIакъов хванилан жиндирго гIайибалдалъун: цадахъ букIараб тапанча гIодоб бортанилан ва ракьгун тункараб гьелъ кьвагьданилан гьесда. «ГIодоб бортараб тапанчаялъ лъабго нухалъ кин кьвагьдолеб ракI бугеб бакIалде», - ян абулеб буго Насрудиница. ЦIех-рех чагIигун дагIбадизе ва гьезда тIаса гIарзаби хъвазе жиндир доб заманалда я гъира букIинчIин, я къуват букIинчIин бичIизабуна гьес ва тIаде жубана цогидал лъималазе бугеб хIинкъиги хIисабалде босулеб букIанин.

Флешка бачIун хадуб ИсхIакъов полициялде ун гьечIо. Жив полициялде гIарзагун ани жиндиего зарал ккезе бугин лъазабун буго гьесда рохьилаз. Амма полициялде иналъги батIаго щибго кьезе букIинчIилан рикIкIунеб буго ИсхIакъовас. Гьес абухъе, Хасавюрталда жиб-жиб анкьалда чIвалел руго полициялъул хIалтIухъаби ва жалго цIунизе кIоларел гьез цогидал кин цIунилел.

Кьвагьи ккун хадубни гьел рачIине бегьилаан жидер хъизан цIунилъеян абуна ИсхIакъовас. Полициялъулазде гьанже лъала флешкаялъул хIакъалъулъги. Амма кьвагьи ккараб сордоялъ цин рачIарал полициялъулал бащдаб сагIаталъ гурони рукIун гьечIо тукада.

ИсхIакъовазул хъизаналъ гIумру гьабулеб буго жибго тукада жаниб. Тукада нахъе буго щутIалаяб мина, гьениб гьезул квартира буго. Гьеб минаялъеги зарал ккун буго – гордабазда бугеб цIер бекун буго. Гьединлъидал хIинкъи цохIо ИсхIакъовазул хъизаналъе гуребги, цогидал гIадамазеги буго.
XS
SM
MD
LG