МагъчIваялъе рес

ГI. Кебеков чIвана. Щиб хадуб?


Dagestan -- Ali-Askhab Kebekov, amir of North Caucasus, was killed in 20-th April 2014
Dagestan -- Ali-Askhab Kebekov, amir of North Caucasus, was killed in 20-th April 2014

19 апрелалда Буйнакскиялъул рагIалда тIобитIараб хасаб операциялъулъ чIванин изну гьечIого яргъид гIуцIарав щуго чи, гьезул цояв «Имарат Кавказа» гIуцIиялъул нухмалъулевги кколин лъазабуна 20 апрелалда Россиялъул терроралда данде чIараб комитеталъ.

Буйнакскиялда (Герей-авлахъалда) чIварал кIигоязул цояв ГIалиасхIаб Кебеков вукIанин абизе гIедегIулел рукIинчIо низам цIунулел. Гьез гIицIго лъазабуна Герей-авлахъ абулеб бакIалда сверун ккун букIанин кIитIалаяб мина. КъватIир рачIине инкар гьабунин гьенир жанир рахчарал чагIаз. Руччабиги рукIанин гьезда гъорлъ. Цинги жалгоги жанир чIун лъимал ритIун рачIанин гьез къватIире. Низам цIунулез речIчIизе байбихьидал, гьеб минаялъуса къватIире лъутизе хIалбихьулеб букIанин цо-цояз. «Кавказпресс» сайталъ лъун буго гьеб операциялдаса бахъараб видео. Гьениб бихьулеб буго цо заманалда гьеб мина кьвагьун тIатIала кколеб, кутакаб цIадулъ бетараб гьелъул чIваднал хутIула цо параялдасан. Гьебго сайталда лъун руго кIиго жаназаялъул сураталги. Гьал щалали лъалищин цIехон гурони, цIарал хъван гьечIо. ГIицIго хъвалеб буго гьеб минаялда гъоркь ракьулъе бухъун гьабураб рокъоб жаниб батанин гьеб кIиябго жаназа.

ГIадатиял гIадамаз жидедаго гьоркь бицунеб букIана Кебековги цогидалги гьенир жанир рукIин мухIканго лъалел чагIаз бицун батулин низам цIунулезда. Амма низам цIунулез абулеб буго щаклъи бугел чагIи ругищали жидеца гьениса гIебеде хал-шал гьабулеб букIанин, цинги тIаде кканин жал гьел яргъид рорчарал гIадамазде. Кверде рачIайин абидал, лъадигун ва лъимергун цадахъ гьеб минаялъул бетIергьан вачIанила. Цинги хадуйго цо гьитIинай ясги ячIанила. Жидер баяназда рекъон, гьей йигила гьенир жанир рукIарал изну гьечIого яргъид гIуцIарал цоясул яс.

ПалхIасил, 20 апрелалъул къалъудаса хадуб Россиялъул терроралда данде чIараб комитеталъ официалияб куцалда лъазабуна гьев Герей-авлахъалда чIванин Доку ГIумаровасдаса хадув «Имарат Кавказа» гIуцIиялъул вукIарав нухмалъулев ГIалиасхIаб Кебековги, жеги кIигоялги. Гьел кколел руго Унсоколо мухъалъул къокъаялъул цевехъан Шамиль ХIажиевги, Дагъистаналъул централияб мухъалда бугеб къокъаялъул нухмалъулев ГIумар МухIамадовги.

Терроралда данде чIараб миллияб комитеталъул лъазабиялда абулеб буго республикаялда терактал гьариялда бан, гьединго гIадат гIадамалги низам цIунулелги чIвазе къасд гьабиялда бан гьел лъабалго цIех-рехалде кьун рукIанин жидеца. Гьединго ХIажиевги МухIамадовги гIахьаллъанин 2006 соналъул апрелалда республикаялъул лъабго инкассатор чIваялъулъги, 2007 соналъул маялда Унсоколо мухъалда поч талавур гьабиялъулъги.

Гьебго лъазабиялда терроралда данде чIараб миллияб комитеталъ кIвар буссинабулеб буго ГIалиасхIаб Кебеков гIахьаллъанин 2012 соналда ЧIикIаса Устар чIвазе хIадурулел чагIазулгун хIалтIи гьабиялъулъги, 2013 соналда Волгоградалда теракт гьабиялъулъги абурал хIужабазде. Гьединго «Имарат Кавказалъе» гIарац балагьулев аслияв чиги гьев вукIанин, гьес гьеб бахъулаанин гIадамазухъа. Гьединго зама-заманалдасан интернеталдасан гьарулаанин экстремизмалъул магIнаялъул яги пачалихъиял хъулухъазда ругел чагIи чIвазе кколин абурал хитIабал.

Гьанже Кебеков чIваялдалъун "Имарат Кавказа" абураб гIуцIиялъул хIалтIи ахиралде щванин рикIкIунеб буго цо-цояз. Щайгурелъул цере гьенир гъорлъ рукIарал чагIаз ИГалъе бан бугила гьа. Гьеб ахиралде щвечIин жеги, амма гьелдалъун Дагъистаналда ахIвал-хIал хIалуцине рес бугин рикIкIунеб буго республика тун къватIив динияб цIали гьабулев МуртазагIалица.

МуртазагIали: «Имарат Кавказа» лъугIи – гьеб дида бихьуларо. КIиго чи хутIанигицин хутIула гьебги цогидал гIуцIабиги. Амма цодагьаб загIиплъизе рес буго гьеб. Дида ккола гьанжеялдаса хадуб Дагъистаналда ахIвал-хIал хIалуцинин. Гьениб ИГ къувалъизе буго. Цебего гIадин Дагъистаналда гIисинал гIолохъабаз гIалимзабиги, имамзабиги, ресалда ругел гIадамалги чIвай цIикIкIине бегьула. Щайгурелъул гьел, жакъа ИГалъе гьа бан ругел гIолохъаби рукIана ГIалиасхIаб Кебеков чIаго вугеб заманалдаги дагIват гьабулел, вагIза-насихIат гьабулел гIалимзабиги, флешкабиги ритIун, жидеца нуж чIвалилан бечедал чагIазе хIинкъаби кьолел рукIарал гIадамал. Амма ГIалиасхIаб Кебековасги Дагъистаналъул къадилъун вихьизавун вугев гъов Генуса МухIамад Сулеймановасги (Абу ГIусман) – гIелму бугел гIадамал рукIиналъ – гьел чагIи чIвазе бегьуларин, гьезухъа бахъизе бегьуларин, гьезие зарал-зиян гьабизе бегьуларилан ккун чIезарун рукIана. Гьанже Кебеков чIван хадуб гьединал гIадамал цIикIкIине руго – дида гьедин бихьула».

«Аль-КъагIидаялъулгун» бухьен букIиналда бан исана 15 марталда Америкаялъул Цолъарал Штатаз ГIалиасхIаб Кебеков восун вукIана жидеца санкциял лъурал чагIазул сияхIалдеги. Гьелъие гIиллалъун гьединго бачун букIана Кебеков низам цIунулелгун диниял чагIи чIваялда тIадрекъолев вукIинги.

XS
SM
MD
LG