МагъчIваялъе рес

Ракьазда сверун хIалуцин цIидаса цIикIкIунеб буго


Политикияб партиялъул вакилзабазда хадубго, лъарагI миллаталъул вакилзабазги байбихьана ракъун чIезе. Гьез тIалаб гьабулеб буго жидер ракьалдаса тумал нахъе аян. Советияб заманалда Гьоркьохъеб Азиялде чачаналги гочинарун эркенлъарал ракьазде рахъинарун рукIана гьел.

Гьедин бихханила жидер лъабго росу Таргъуги, Кяхулайги, Альбурикентги. Гьедин ракъун чIаразул цояв азарханаялдецин хъамунин 13 ноябралдаян абурал баяналги руго.

ПалхIасил, «Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицунеб буго Абсалудин Мурзаевас. Гьев ккола лъарагIазул миллияв цевехъан.

Абсалудин Мурзаев: «КIиабилеб, хIажат буго МахIачхъалаялда Тарки абулеб мухъ гIуцIизе. Къануналъ гьединаб ихтиярги кьолеб буго. Гьеб букIине букIана кIудияб росдал магIишаталъулаб мухълъун. Шагьаралда аскIор ругел ракьал хIалтIизаризе ккола шагьаралъеги пайда кьолеб куцалда. Гьедин я экономикия, я политикияб, я этникияб рахъалъ балагьани, гьелъ тIуралел гIемерал суалал руго. ХIажат буго Таркиязул мухъ цIидасан гIуцIизе.

Лъабабилебги нижер тIалаб ккола гьел росабазул гIадамалги, гьезул жамгIияб шураялъул нухмалъулесда хадуб халкквейги гьел туснахъ гьариги къотIизе тейилан».

Жакъа къоялда дагъистаналда гIемерисел ракьал 49 сонил болжалда ижараялъе росун руго батIи-батIиял магIишаталъул бутIабаз. Аслияб куцалда гьел руго советияб заманалда гIи-боцIи хьихьизе мугIрузул мухъазе кьун рукIарал лъарагIлъиялда ругел ракьал. Гьанже лъарагIаз тIалаб гьабулеб буго гьел ракьал жидехъе нахъруссинареян. Гьелда бан «Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицунеб буго Казбек мухъалдаса Гъайирбиев Гъайирбица.

Гъайирбиев Гъайирби: «ЛъарагIал руго ахIдолел жидер ракьал нахъе кьейин, мугIруздаса рачIун гIадамалгун жидее бакI къварид гьабулеб бугилан. Гьединго тумал ругила Новолак мухъги ккун. Гьанже гьел Таргъу, Кяхулай, Альбурикент росабазул ракьал кквезехъи ругиланги рахIатхун буго гьезул. Гьедин лъарагIаз мажгит базегицин ракь кьолеб букIинчIо тумазе Караманалда, жидеца гьеб хIалал гьабуларинги абун. Нижер Казбек мухъалъул магIишаталги руго лъарагIазул ракьаза. Гьедин ярагъгун рачIун гьез зама-заманалдасан рухIула гьенир бокьал, яги цогиги гъалмагъирал гьарула. Гьедин гьабулеб буго къанун хIалтIунгутIиялъ. Ле, лъарагIал, нуж мекъи ругин абулеб гьечIо гьезда. Абулеб гьечIо Хизри ШихсагIидовасдаса (Халкъияб Мажлисалъул спикер, лъарагIав) байбихьун. Абулеб гьечIо, щайгурелъул гьеб ахIи-хIур къваригIарал, гьелдаса пайда бугел чагIи рукIун. Дунялалда кинабго рагъ-кьал кколеб буго ракьазе гIоло. Нилъер тIалъи ургъулеб гьечIо анцIго соналдасан щибдай ккелебан.

I990 соналдаги букIана лъарагIаздаги даргияздаги гьоркьоб тунка-гIуси. Гьанже тумаздагун лъарагIаздаги гьоркьоб буго гьеб. Нижеда, алмахъаздагун чачанал-гIавухъезда гьоркьобги букIуна хIалуцин. Терек гIурухъа бахъараб Сулахъалде щвезегIанги Чечень чIинкIиллъиялде щвезегIанги ракьал жидер ругилан чIун рукIана Дудаевасул заманалда чачаналги».

Цевехун бицен гьабурав Абсалудин Мурзаевасул пикруялда рекъон, Дагъистаналда гьеб тунка-гIуси ракьуда хурхараб конфликталде сверизе гьечIо.

Абсалудин Мурзаев: «Ракьул конфликтин абураб жо гьечIо. РишватчагIаз рикьа-къотIарал ракьал руго гьел, кинабгIаги хъвай-хъвагIайги гьабун гьечIо гьезие. Гьединлъидал гьезие къваригIун буго гьеб суал миллатчилъиялде сверизабизе. Гьез ккурал ракьазул бетIергьан вугин бихьизабизе къваригIун буго. Ккананиги, гьеле гьел ришватчагIи-хIакимзабазулгун ккелаха конфликт».

Низам цIунулел жидер ракьалдаса нахъе инчIони, ракъун чIезе жидецаги хIукму гьабилин лъазабуна Временный ва Генуб росабазул гIадамаз.

XS
SM
MD
LG