МагъчIваялъе рес

Нухмалъи какизе бегьула...гΙадамал дагьал бакΙазда


25 январалда МахΙачхъалаялда Авартеатралда цебе митинг тΙобитΙизе Маматхан Байсултановасе изну кьечΙо Дагъистаналъул юстициялъул министерлъиялъ.25 январалда МахΙачхъалаялда Авартеатралда цебе митинг тΙобитΙизе Маматхан Байсултановасе изну кьечΙо Дагъистаналъул юстициялъул министерлъиялъ. Маматханица документазда бихьизабун букΙана митингалда 3 азарго чи гΙахьаллъизе вугилан. Авартеатралда цебе гьевщинав чиясе бакΙ гьечΙилан чΙун руго юстициялъул министерлъиялъул вакилзаби.

Гьедин 22 январалда Байсултановас цΙидасан хъвана гΙарза ракΙаризе жидее бакΙ бихьизабеян. Гьелъул жаваб лъазе буго микьабилеб февралалда.

Маматхан Байсултанов: "Авартеатралда цебейин нижецаго абун букΙана... Амма гьенир ракΙаризе ккани, нужер лъабазарго чиясе гъоба бакΙ гьечΙилан абуна нижеда. Гьелъие изну кьун батуларо гъоба аскΙоб кΙиго мажгит букΙиналъ. Гьенисан гΙадамал гΙемер рачΙине рес бугелъулха митингалде".

Митинг тΙобитΙулеб заманалъун къад сагΙат кΙигоялдаса бакъанида сагΙат ункъоялде щвезегΙан мех буго бихьизабун. Бакъаникакде гΙедегΙарал гΙадамал ургъунго митингалдаса хеккого нахъе ине, юстициялъул министерлъиялъ жидеда мажгиталдаса рикΙкΙад бугеб бакΙ бихьизабулеб бугин бицана ЭР-ялъе Маматхан Байсултановас. Гьеб ккола МахΙачхъалаялда Техникияб Университеталда аскΙоб бугеб ахикь.

Маматхан Байсултанов: "Гъораса мажгиталде рачΙине бащдаб сагΙатниги балаха, баларищха... Жидеего заманалъул экономия гьабулелха...".

Маматхан Байсултановас гΙарза кьун гьабулеб митингалда рорхизе руго гьабсагΙаталда Дагъистаналда бугеб жамгΙиябгун политикияб ахΙвал-хΙалалда тΙасан суалал. Гьенир гΙахьаллъизе руго гъоркьисала октябралда Москваялда съезд тΙобитΙарал дагъистаниял. Гьезие байбихьуда митинг МахΙачхъалаялда республикаялъул нухмалъиялда цебе, аслияб майданалда гьабизе бокьун букΙана, амма изну кьун гьечΙо.

Маматхан Байсултанов: "Аслияб майданалда цере ракΙаризе изну кьейин абулеб букΙана - кьолеб гьечΙо, ГΙурус театралда цебеги кьолеб гьечΙо. Авартеатралда цере ракΙаризеги гΙемер чагΙи ругила нужер. Гъоба бугеб маххул нухалда аскΙов нужер лъабазарго чи данделъун жо кколарила нужер".

ЦIияб соналда цебе Дагъистаналъул парламенталъ къабул гьарурал къануназул цояб ккола митингаздагун пикетазда хурхараб къанун.

Россиялда гьеб къабул гьабун букIана 2004 соналда. Улкаялъул цогидал регионаздаго гIадин Дагъистаналдаги тIадаб буго Пачалихъияб Думаялдаго релълъун гьел рахъизе. Гьедин республикаялъул парламент сабаблъун гьеб суалалъулъ баккараб цIилъи ккола митингал тIоритIизе гьукъарал бакIал гIемерлъи. Гьелда рекъон, Халкъияб Мажлисалъ гьанжеялдаса хадур гьединал тадбирал тIоритIизе гьукъулеб буго гьадинал бакIазда - аэропортазда, вокзалазда, базаразда, тротуаразда, диванханабазда, туснахъазе нухмалъи гьабулел бакIазда, спорталъулгун лъималазул, гьединго сахлъи цIуниялъул комплексазда, шагьранухаздагун, маххул нухазда аскIор. МахIачхъалаялда митингал тIоритIулеб мехалда изну кьезе гьечIо Россиялъул президентасул резиденциялда аскIоб митинг гьабизеги. Амма гьабсагIаталда Дагъистаналъул тахшагьаралда гьечIо улкаялъул президентасул резиденция. Гьединго цIияб соналда цебе МахIачхъалаялъул аслияб майданалда митинг тIобитIизе биччан букIинчIо гъоркьисала октябралда Москваялда дагъистаниязул съезд гьабурал жамагIатчагIазе. Майданалда Конституциялъул диван бугин абуна гьезда.

Дагъистаналъул парламенталда бугеб жидер фракция дандечIун букIанин сессиялда гьеб къанун гьоркьоб лъураб мехалдайин бицана ЭР-ялъе Арич Аричевас. Гьев ккола КПРФ партиялъул вакил. Амма жидер разилъунгутIиялъухъ гIенеккизецин гIенеккичIила депутатал.

Аричил рагIабазда рекъон, Дагъистаналъул тIалъиялъ митингал тIоритIизе бакIлъун ахираб заманалда Авар театралда цебе бугеб бакI бихьизабула. Ахир-къадги гьенисаги нахъе гъун, нужерго митингал гьаризе доре рохьоре айин чIелин тIадчагIиян кколеб буго Аричида.

Аричев Арич: "Халкъалъ абулеб жо рагIун жидерго нервал хвеларедухъ Таргъу-магIардеги рахине къваригIун гьабулеб жо буго гьез гьеб. Гьединаб къанун бугоха гьеб".

ЖамгIияв хIаракатчи, цеве Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда хIалтIулев вукIарав Расулов Русланида бичIчIулеб гьечIо митингал тIоритIизе депутатаз толеб манзил. Масала, гъалмагъирал ккеялда хIинкъи бугел бакIаздаса 50 метраялъ рикIкIад бихьизабуни митинг гьабулеб бакI, жинда гьеб бичIчIилила. Амма гьеб манзиллъун 200 метраялъ рикIкIадаб бакI бихьизабиялъул магIна бичIчIуларила.

Руслан Расулов: "50 метраялъул манзилалда дун жеги разилъила. Гьеб манзилалъ рачΙун гΙадамаз щибниги зарал гьабуларо".

Гьединлъидал кватIичIого депутатаз къабул гьабизе батилила батIияб къанун.

Руслан Расулов: "Гъалмагъирал ккезе рес бугеб бакIалдаса 300 метраялъ рикIкIад тIоритIизе кколин митингалин абураб къанун букΙина гьеб ахирги. Гьеб мехалда цониги митинг гьабун бажаруларо".

Гьелда бан Русланица ракIалде щвезабулеб буго гьанжеялдаса анцIго соналъ цебе жинца балеб букIараб ахIи. Ахир-къадги халкъ бачIине бугила жал нужее мутIигIлъуларилан тIадчIагIазе лъазаби гьабиялде.

Руслан Расулов: "Гьаб тIалъи такъсириябги къануналда данде кколаребги буго. Гьеле. Гьедин абизе ккола халкъалъ".
XS
SM
MD
LG