МагъчIваялъе рес

Пашманаб рикIкIен: ункъабилев...


Федералияв диванчи Зайнутдин Маданов чIвана 4 ноябралда къаси мехалъ МахIачхъалаялда. Гьев лъица чIварав лъалеб гьечIо низам цIунулезда.

ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб идараялъул вакил Расул Темирбековас бицаралда рекъон, къоло хадуб гула речIун буго чIвадарухъабаз Мадановасул рахъалдехун. Диванчи захIматго лъукъана ва лъугьа-бахъин ккараб бакIалда хвана. Гьесул ботIролъе щун буго чанги гулла.

Щиб сабаблъун Маданов чIварав? Гьеб суалалъе цо жаваб кьезе захIмат бугилан абуна Темирбековас. Гьес бицаралда рекъон, цIех-рех чагIаз хал-шал гьабулеб буго Мадановас диваналда кинал ишал рачунел рукIаралали. «Живго Маданов хIалтIулев вукIана МахIачхъалаялъул Ленин мухъалъул диваналда.

Гражданиялги уголовиялги ишал рачулел рукIана гьес. Гьелдалъун цIех-рехчагIаз Маданов чIваялъул аслияб гIиллалъун рикIунеб буго диванчиясул хIалтIи. Амма гьеб гIилла гуребги, цогидалги ратине бегьула», - ян абуна Темирбековас.

Жиндир заманалда Маданов Буйнакскалъул ОВДялъул нухмалъулевлъун хIалтIулев вукIана, гьединго гьев хIалтIулев вукIана Ленин мухъалъул диваналъул нухмалъулев хисулевлъунги.

«Диван гьабулел чагIи чIвазе къасд гьаби», «чияр магIищаталъе ургъунго зарал ккезаби», «къануналда рекъечIого ярагъ тIибитIизаби» - Россиялъул уголовияб кодексалъул лъабго статьялдалъун рагьана такъсир гьабиялъул иш.

Дагъистаналда исана чIварав ункъабилев диванчилъун ккола Маданов. 25 сентябралда МахIачхъалаялда чIвана ТIадегIанаб диваналъул диванчи Мухтар Шапиевги гьесул васги. Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон щалали лъаларел кIиго чи аскIорегIанги рачIун инсудаги васасдаги речIчIун тIурун ун руго. ЦIех-рехчагIаз гьеб такъсир гьабиялъе аслияб гIиллалъун бихьизабулеб буго Шапиевасул хIалтIи. Шапиев кIиго соналъ цеве лъугьана ТIадегIанаб диванханаялде хIалтIизе, такъсир гьабиялъул ишазулги халгьабулеб букIун гьечIо гьес, цониги экстремистазул ишги букIун гьечIо гьесухъ. Аслияб къагIидаялъ гражданиял ишал рукIун руго гьесухъ.

9 марталда Избербашалда чIвана федералияв диванчи АхIмад Ражабов. ЦIех-рех чIагIаз лъазабуна диванчи лъабго чияс чIванин. Низам цIунулез абуралда рекъон, Ражабов чIваравлъун рикIкIунев цояв 10 маялда чIвана. Гьев ккола Избербашалдаса МуртузагIали ГIалибеков. Федераялияб цIех-рехалда лъун букIана гьесул цIар, гьев рикIкIунаан изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе уневлъун. Диванчи Ражабов чIвана гьесул хIалтIи сабаблъунилан рикIкIунеб буго низам цIунулез.

15 январалда МахIачхъалаялда чIвана Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялъул диванчи МухIамад МухIамадов. Терроризмалда ва изну гьечIого яргъид гIуцIаразда хурхарал ишал рачунел рукIана МухIамадовас. Гьев чIваравлъун рикIкIунев Наби Набиев къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз чIвана хасаб операциялда. ГIаийб гIунтIизабулев цогидав, Сиражудин Гучучалиев, низам цIунулез ккуна. ЦIех-рехалъулаб туснахъалда вуго гьев гьабсагIаталда.

Кавказ лъалев эксперт Константин Казениница абуна «Эркенлъи» радиоялъе диванчагIазе захIмалъулеб бугилан хIалтIизе Дагъистаналда.

Константин Казенин: «Дида ккола диванчагIи Дагъистаналда чIвалел рукIиналъе гIиллаби гIемер ратиларин. Гьез гьабулеб хIалтIи сабаблъун чIвалел ругин ккола дида. Гьел чIваразеги жеги диван гьабичIо. ГIайиб гIунтIизарулелги хасал операциязда чIвана. Гучуалиевни ккуна амма гьес баянал кьуна цогидал ишазе. Гьелдалъун дида ккола цогидал диванчагIазе захIмалъизе бугилан хIалтIизе. Щайгурелъул гьезда бихьулеб буго гьезул хIалтIицоял чIварал кколел гьечIо низам цIунулез. Гьелъги цо хIалуцин лъугьинабула Дагъистаналда».

Гьединго экспертас рикIунеб буго, диванчагIи чIваяз республикаялда бугеб низам цIуниялъул система лъикIаб гуреб рахъалде ккезабулеб бугилан.
XS
SM
MD
LG