МагъчIваялъе рес

Муфтият: «Исламияб Пачалихъалъ» хвезарулел руго исламиял къанунал»


Россиялъул бусурбабазул идараялъ фатва бахъана "Исламияб пачалихъ" абун цIар лъураб гIуцIиялда хурхун.

Гьелда гъорлъе унел чагIи чIвазе къотIизе кколин, гьединго гIумру гьабулел халкъалда гьоркьорги тезе бегьуларин абураб фатва буго гьеб.

Гьелда абулеб буго ИПалъ хвезарулел ругин исламалъул къанунал. Гьелда гъорлъ ругел чагIи кколин такъсирчагIи, гьединлъидал гьел халкъалдаса рикIкIад гьаризеги кколин.

Россиялъул бусурбабазул идараялъул сайталда хъвалеб буго гьеб фатва бахъилалда цебе гIалимзабаз мугъчIвай гьабунин Къуръаналдеги Суннаялдеги.

Дагъистаналдаса гIалимчи МухIамадил ГIабдурахIимица абуна гьеб фатваялда тIасан пикру загьир гьабизе ккани, цин хIакъикъат лъазе кколин.

МухIамади​л ГIабдурахIим: «Гьанже гьез гьабулеб жо битIун бугищ, кинаб пикру гьезул бугеб, гьезда ракIалда щиб бугебали лъазе ккола дида. Дун гьезухъеги щвечIо, дида гьелги рихьичIо, гIицIго цояз какулел, цояз реццулел рукIин лъала интернеталдаса щварал баяназда рекъон. Телевизоралдаса ва интернеталдаса бихьизабулеб буго гьез цоял чIван, цоял хъун, ракIгъанцIизабулел вахIшилъаби гьарулел руго гьез. Гьеб жо кутакалда какула дица. Цогидаз бицуна азарханаби, школал ран ругин гьезилан, гьечIилан абула цогидаз. Лъаларо…. Нилъеда бихьичIеб рагIичIеб жоялъул бицинчIого тун лъикIилан рикIкIуна дица».

Россиялъул бусурбабазул идараялъ кьураб фатваялъухъ ИПалъул рагъухъаби гIенеккизе рес гьечIин рикIкIунеб буго Туркиялда динияб цIали гьабулев Дагъистаналда МухIамадов Шамилица.

Шамил МухIамадов: «ТIоцебесеб иргаялда, гьеб рухIияб идараялъ кьураб фатваялъухъ ИПалъул вакилзабаз гIинтIамизе гьечIо, щайгурелъул дунялалъулго джигьадалда жал машгьурал гIалимзаби: гIалим Абу МухIамад аль-Макъиси. Иорданиялъул машгьурав гIалим, шайих ГIасим-аль Баркъави, гьединго Мисриялъул машгьурав гIалимчи Гьани АссибагIи, гьединго Абу Къатада аль-Фелистини, тIарикъ ГIабдулхIалим, Сулейман аль-ГIульван, Аль-къагIидаялъул кIудияв гIалимчи, жиндир тIолабго гIумру жигьадалда унеб бугев шайих аль-Муназавагьири - гьединал машгьурал гIалимзабазул малъа-хъваязухъ гIенеккичIел, гьезул насихIатазухъ гIенеккичIел ИПалъул рагъухъаби Россиялъул рухIияб идараялъул фатваялъухъ гIенеккилилан кIудияб щаклъи буго.

КIиабилеб, гьеб фатваялда абулеб буго гьезие хIукму бугин, ИПалъул рагъухъабазе батаниги, ялъуни гьелго гIадин жигьадалъул рагъада рагхуле чагIи ратаниги гьезие хIукму бугин чIвай яги халкъалдаса рикIкIад гьариян. Гьедин батани, гьеб фатва хъварал рухIияб идараялдаги, ИПалъул рагъухъабаздаги гьоркьоб бугеб батIалъи щиб бугеб?

Гьеб фатва мекъаб бугилан рикIкIуна дица. Лъица гьел чIвазеги халкъалдаса рикIкIад гьаризе ругел?».

Шамил МухIамадовас абулеб буго фатва букIине кколин шаргIалда рекъон ИПалде рагъизе ине бегьулищ-бегьуларищ абураб суалалда тIасан. Гьанжеялдаса хадур рахъулел фатвабигIаги гьединаб магIнаялъул рукIине ккелила. Щайин абуни къойидаса къойиде гIемерлъулел ругелъулдила Дагъистаналдаса гьенире рагъизе унел гIолохъабиги.

Шамил МухIамадов: «Щайгурелъул къойидаса къойиде цIикIкIунел руго гьенире унезул къадар. Ругелъул росалги тун унел руго лъутун унел руго гьенире Дагъистаналдаса руччаби. Гьеб буго кутакалда мункараб, нахъчIвазе кколеб пиша. Гьелъие имамзабазги, гIалимзабазги нух къазе ккола вагIза-насихIатаздалъун. Гьелъие Дагъистаналдаса гIолохъаби иналъе сабаблъун кколеб буго ИПалъул «гIалимзабаз» гьарулел вагIзаби. Жал гIалимзаби ругин, жал хвасарлъараб къукъа бугин. Гьединал гьезул вагIзаби къинарулел, гIолохъаби кантIизарулел вагIзаби къваригIун руго.

Аллагьас цIунаги гьенир рагъизеги ун, гьезул идеологияги босарал чагIи метер Дагъистаналде нахъруссун рачIине. Нилъер эбел-инсудаса байбихьун, бащадал бусурбаби цересан гъуризе руго гьез. Я мушрикъал, ялъуни капурал ругин нужиланги абун. Гьелдаса дун хIинкъараб жо гьечIо жакъа».

ИПалда дандечIун СагIудиязул ГIарабиязул гIалимзабазги кьун букIана гъоркьисала фатва. Жигьад гьабизелъун терроралда гъорлъе лъугьунев чи къосаравлъунги лъавукъавлъунги рикIкIине бегьулинги абун

XS
SM
MD
LG