МагъчIваялъе рес

Ахир бихьулареб цIех-рех


Гъарабудахкент росулъа МухIамаднаби Нажмудиновас ахIи балеб буго жиндир яс хIакъир гьабиялда хурхун рагьараб такъсир гьабиялъул иш цIех-рехчагIаз цIацIан бачулеб бугилан. ЦIех-рехалъулаб комитеталдани абуна гьеб иш диваналде кьезе бугилан гIагараб заманалда.

«Эркенлъи» радиоялда цебеги бицун букIана Нажмдиновасул 17 сон барай яс Саидагун ккараб лъугьа-бахъиналъул. 15 сон баралдаса нахъе ясалъе жинсияб зулму гьабулеб букIун буго 11 чияс. Цояз цогиязда бицун, жидеца гьабулеб телефоналъул видеокамералде бахъун интернеталда лъелин, суризайилин хIинкъаби кьолел рукIун руго гьелъие. Инсуда бицинин, гьесда лъани мун чIвазе йигин яги рокъоса хъамизе йигин абулеб букIун буго гьелда гIезегIан кIудиял бихьиназ. Гьеб кинабго Саидаца инсуда бицана гъоркьисала 25 июналда, бицун хадуб ясалъ хвезелъун дараби гьекъана. Амма гьей хвасар гьаюна тохтуралги ахIун.

2012 соналъул 26 июналда полициялде гIарза хъвана МухIамаднабица. Гьеб гIарзаялда хурхун цIех-рех байбихьулеб гьечIилан чанги нухалъ лъазабун букIана гьес. АхIи-хIур бахъинабун хадуб 28 ноябралда цIех-рех бачине байбихьана Районазда гьоркьосеб Каспийскалъул цIех-рехалъулаб бутIаялъ.

Гьал къоязда гьеб бутIаялдаса цIех-рех нахъеги босун МахIачхъалаялде кьуна. Гьеб гьанже бачунеб буго Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул комитеталъул 2-леб бутIаялъул нухмалъулев МухIамадзапир Даудовас. Гьесул хIалтIуда тIаса руго Нажмутдиновасул гIарзаби.

Нажмутдиновас бицана «Эркенлъиялъе» МахIачхъалаялде цIех-рех кьунилан жив Москваялда Владимир Лукингун дандчIван хадуб. Лукин ккола Россиялъул омбудсменлъун ай инсанасул ихтиярал цIунулевлъун. 25 июналда гьес къабул гьавуна Нажмутдинов ва гьебго къоялда Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Владимир Бастрыкинихъе кагъат хъвана цIех-рехалъе кIвар кьейилан. Гьедин цIех-рех Даудовасухъе щун буго.

Живго Даудовгун Нажмутдинов телефоналдаса кIалъалев вукIун вуго ва цIех-рехчиясул хабар жиндие рекIее гьечIилан абуна Саидал инсуца.

МухIамаднаби Нажмудинов: «Дица гьесда гьикъана гIайиб гIунтIизабулел кквезе ругищали, заманалъул туснахъалде рехизе ругищали гьел. Даудовас абуна гьел чагIазда хъвагеян лъазабунила жиндаилан. Лъица гьедин абулеб бугеблъиги гьес мухIкан гьабичIо. ТIадежоялъе гьес абулеб буго жинца цIидасанго цIех-рех бачине бугин. Гьелъие гIиллаби кинал ругелали дида бичIуларо. Гьаризе кколе экспертизал гьарун руго, очниял ставкаби гьарун руго. ЦIех-рех щвалде щезабизе хутIун буго, амма Даудовас гьеб цIидасан бачизе бугилан абулеб буго. Дида кколеб буго гьес гьеб ургъунго цIацIалеб бугилан. Жеги цо моцI кьела дица гьесие, кинабгIаги багъа-бачари букIичIони гьесул рахъалдасан, дица тIалаб гьабизе буго цIех-рех Дагъистаналдаса нахъе босизе, гьаниса нахъеги босун Югалъулаб федералияб бутIаялъул цIех-рехчагIазухъ кьезе».

Нажмудиновазул адвокат Сапият МухIамадовалъ бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул комитет диваналде кьезе бугилан жинца. Гьелъул рагIабазда рекъон, цIех-рехчагIазул хIалтIи цебетIечIони, тIубанго комитет диваналде кьела.

«Диваналъ щибго хисичIони, тIадегIанаб диваналде кьела, гьелъулги мунпагIат ккечIони, Москваялъул диваналде щвезе руго», - ян абуна МухIамадовалъ. Россиялъул диваназе цIех-рех чагIазул хIалтIи хисизабизе кIвечIони Инсасанул ихтияразул рахъалъан Европаялъул диваналде гIарза кьелин бицана МухIамадовалъ «Эркенлъиялъе».

ЦIех-рехчи МухIамадзапир Даудовас абуна «Эркенлъи» радияолъе гIагараб заманалда такъсир гьабиялъул иш жинца диваналде кьезе бугилан. Гьесул рагIабазда рекъон, цIех-рех нормалияб хIалалъ унеб буго ва гьес гьабсагIаталда гьикъа-бакъиял гьарулел руго гIайиб гIунтIизабулелгун.

«Такъсир гьабиялъул ишалда хурхун рагьараб цIех-рех ичIго моцIалъ бачунеб букIана цогидал цIех-рехчагIаз, кинабгIаги багьана гьечIо гьеб цIацIазабизе», - ян абуна Даудовас.

Саида гьабсагIаталда Москваялда йиго Неврозазул клиникаялда егун. Гьелъул хал-шал гьабидал тохтураз абун буго ясалъул психика квешаб хIалалде ккун бугилан. Гьеб клиникаялдаса яхъун хадуйги яс цогидаб азарханаялда егизайизе ккола. Гьелъул инсул рагIабазда рекъон, хвезеян гьекъарал дарабаз хIухьел цIалеб система хвезабун буго Саидал, гьелъие чара гьечIого операция гьабизе ккола.
XS
SM
MD
LG