МагъчIваялъе рес

25 миллиард гъурщиде хьул лъураб форум


Каспийск - Дагъистаналъул экономикияб форумалда гІахьаллъана 1500-гІанав чи. Гьездаго гъорлъ рукІана къватІисел пачалихъазул бизнесчагІиги. 2012 сон 8 июнь
Каспийск - Дагъистаналъул экономикияб форумалда гІахьаллъана 1500-гІанав чи. Гьездаго гъорлъ рукІана къватІисел пачалихъазул бизнесчагІиги. 2012 сон 8 июнь

Каспийск шагьаралда рагьана Дагъистаналъул экономикияб форум. Гьелда гIахьаллъана Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул нухмалъулев, республикабазулги, къватІисел улкабазулги безнесчагІи, экономикиял экспертал фирмабазул бутІрул. Форум бакІарана Дагъистаналъул хІукуматалъ ва Инвестициязулгун экономикиял къватІисел бухьеназул идараялъги.

Америкаялъул цолъарал штатал, Австриялъул, Италиялъул, Венгриялъул, Турциялъул, Ираналъул, Непалалъул, кинабгІаги 24 улкаялъул компаниязул вакильзаби гІахьаллъана гьеб тадбиралда, форумалъул пресс-хълухъалъ лъазабухъе. Гьелъулго пресс-релизалда кІвар буссинабухъе, форумалъул аслияб тема ккола Дагъистан социалиябгун экономикаялъул, политикиябгун жамгIияб рахъалъан цебетIеялъе нухал ралагьи.
Дагъистаналъул нухмалъиялъул хьул буго форумалда чанги къотIи-къаял гьаризе рукIиналде. ХІадур гьабун буго 30 гІанаб инвестициялъулаб проект. Гьел киналго къотIи-къаязда гъулбасани, Дагъистаналъул экономикаялъе щвезе рагІуна 25 миллиард гъурущ.

Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул нухмалъулев Александр Хлопониница абуна, форумалда рихьизарун ругел проектазул кIудияб интерес бугин инвесторазул.

Хлопониница абуна информациялъул алатаз такрар гьабулеб пикрулъун кколин Федералияб нухмалъиялъ Шималияб Кавказ гIарцулъ тIерхьинабулеб бугин абураб. Амма Дагъистаналъул экономикияб форумалъ бихьизабулеб бугила гьел пикраби гьересиял рукIин. Форумалъул экспозициязда ругел проектазда гьоркьосан гIемерисел тIуралеллъун кколин абуна Хлопониница.

Александр Хлопонин: «Гьелъ бихьизабулеб буго инвесторал хIинкъулел гьечIеблъи гьел проектал тIураялъе гIарац биччазе.»

Дагъистаналъул экономикияб форумалда рихьизарурал проектал гIемерисел ккола росдал-магIишаталда хурхараллъун. ЧIалкIутIаналдаса чакар бахъулеб завод баялъул проект бихьизабуна "Дагагрокомплекс" компаниялъ. Гъоркьиса тIобитIараб экономикаялъул форумалда гьеб компаниялъ къотIи-къай гьабуна Америкаялъул фирмагун цадахъ техникияб рахъалъ кумек гьабизе. Исана компаниялъул хьул буго проект цебетIезабиялъе жеги инвесторал ралагьизе. ГIанкIабазул фабрика базе хIадур буго "АгроДагИталия" абураб компания. Гьединаб фабрика базе ракІалда буго Гъизилюрт мухъалда. Гьеб проект гІумруялде бахъинабуни, хІалтІи щвезе бегьула 550 чиясе.

Турциялдаса «Нергиз» абураб холдинг хIадур буго 500 миллион доллар бичазе Дагъистаналда рессарухъанлъи цебетIезабиялъул мурадазе. Базе ракІалда буго хасаб фабрика.

Монополиязда дандечIараб Россиялъул хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб идараялъул нухмалъулев Къурбан Кубасаевас бицана «Эркенлъи» радиоялъе республикаялъул экономика цебетIезе кинал суалал тIуразе кколел:

Кубасаев Къурбан: «ЛъикIал багъа-бачариял Дагъистаналда унел руго, Хьул буго гьел халат рахъинеги ругин. Инвестициялъул рахъалъан республика лъикIаблъун бихьизе бокьун батани, къанунал хIалтIулеллъун рукIине ккола. Гьел нилъее бокьун бугеб къагIидаялъ хIалтIулел гьечIин абизеги кIоларо. Экономика цебетIеялъе квекIенал чанги руго. ХIинкъи гьечIолъиялъул рахъ босе мисалалъе. Гьелда тIадги хIалтIизе ккола. Ришватчилъиги ккола кIвар кьезе кколеб масъалалъун. Гьелъулни чанги бицинеги бицана. Киназго бицулеб буго гьелъул, амма щибго хисулеб гьечIо.»

Экономистазги политологазги такрар гьарулел руго гьездаго релъарал пикраби. Коррупцияги, терроризмги, тухумчилъиги республикаялда загьирлъулеб букІинчІебани, хІакъикъаталдаги Дагъистаналда цере рехсараздасанги гІемер цІиккун инвестициялъул проектал гІумруялде рахъинаризе бокьарал бизнесалъул чагІи ратизе рукІанин.

Инвесторал Дагъистаналде рачIиналъе мурадгун республикаялда гІуцІун буго хасаб программа. Гьелда рекъон, инвесторазе лъикIал шартIал чIезарулел руго. Мисалалъе, инвестораз пуланаб проекталъе биччараб гIарац гIадада хвани, гьеб гIарцул къадар бецIизе буго хIукуматалъ. ГІолищ гьел гарантияби? ГІумруялъ бихьизабилин абулеб буго дагъистаналъул экономистазул цо-цояз.
XS
SM
MD
LG