МагъчIваялъе рес

Министрасда рихарав полковник...


Гьал къоязда Дагъистаналъул Жанисел Ишазул Министр ГIабдурашид МухIамадовас хъулухъалъулаб гIадлу хвезабунин абун полициялъул полковник СалихI ХIажиев хIалтIудаса нахъе рехизе буюрухъ хIадурун буго, гьаб сагIат ХIажиев унтун вукIиналъ гьесдда хъулухъ тезаби нахъбахъизе ккун буго.

Гьедин бицана Эркенлъи радиоялъе Дагъистаналъу полициялъул ва прокуратураялъул хIалтIухъабазул профсоюзалъул бетIер МухIамад Шамиловас.

МухIамад Шамилов: «Россиялъул Жанисел Ишазул министр Колокольцевасул буюрухъ буго кинаб букIаниги полициялъул хIалтIул хIакъалъулъ гIунгутIабазул хъвай яги лъазабиялъул халгьабичIого тезе гьечIилан ва гIайибиязе тамихIги гьабизе бугилан. Гьелдаги божун Дагъистаналдаса чанго полициялъул хIалтIухъанас Россиялъул президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиялрал цIунулеб идараялъул
Шамилов МахIамад, жамгIияв хIаракатчи
Шамилов МахIамад, жамгIияв хIаракатчи
ухмалъулев Михаил Федотовасухъе кагъат хъван букIана, Дагъистаналъул полициялда бугеб кинабгниги чороклъи къватIибчIвазабизе бокьун бугин гьединлъидал нижее Колокольцевасухъе ине кумек гьабеян. Гьеб кагъат хъваралдаса 5-6 моцIги ана, амма Федотовасда нижерги министрасулги дандчIвай гьабизе кIвечIо», - ян бицана «Эркенлъи» радиоялъе МухIамад Шамиловас.

Гьесул рагIабазда рекъон Михаил Федотовас гьаз Дагъистаналъул полициялда гьаб сагIаталда бугеб кинабго ахIвал-хIалалъул бицун хъвараб гIарза Россиялъул жанисел ишазул министр Владимир Колокольцевасухъе битIун буго. Гьеб полициялъулазул гIарзаялъул халгьабеян хъвараб кагъат Колокольцевас Рамазан ГIабдулатIиповасухъе битIун ун буго, амма Шамиловас бицухъе, гьеб кагъат Дагъистаналъул нухмалъулесда бихьизегицин, течIого гьесул сверухълъиялъ гIарзаялда рехсараб кинабго гъалмагъиралъул бетIер Дагъистаналъул Жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовасухъе битIун буго. Гьеб лъараб мехалда жал Москваялде инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялдеги ун гьезул кумекалддалъун жидеца Дагъистаналъул полициялда бугеб ахIвал – хIалалул бицун тIобитIараб пресс-конференциялдаса хадуб байбихьанин гьелъул гIахьалчагIазде цIакъ кIудияб тIадецуй гьабизейилан лъазабулеб буго Шамиловас.

МухIамад Шамилов: «Москваялдаса вуссун хадуб давление бахун, ццидал къвачIа унтун СалихI ХIажиев МахIачхъалаяллъул 2 абилеб азарханаялда вегана. Гьениб кIиго къо бан хадуб, жинда дуе щибниги кумекги гьабизе кIоларин, сахгьавунги бажаруларин, мун гьаниса нахъе вачахъеян ГIабдурашид МухIамдовасул буюрухъги бугилан абун буго ХIажиевасда азарханаялъул гьев вегун вукIарав бутIаялъул бетIерас. Гьедин СалихI гьеб азарханаялдасан нахъеги вачахъун щун вуго полициялъул хIалтIухъабазул хасгьабураб азарханаялдеги. Гьелъул бетIерас нужерги министрасулги бугеб дагIба-къецалде гьоркьове жив вачунгейиланги абун мун расниги унтун гьечIинги лъазабун ХIажиев гьенив вегизавун гьечIо. Гьесул рагIазабазда рекъон СалихIие унтичIониги живго хIалтIудаса нахъе рехичIого вукIине унтун вугин чIезабураб кагъат къваригIун рагIула».

Гьединго Шамиловас «Эркенлъи» радиоялъе бицухъе азарханалда вегун вугев СалихI ХIажиевасухъе вачIун вуго Жанисел ишазул министрелъиялъул полициляъул хIалтIухъабазда хурхарал ккараб – таралъул хал гьабулеб бутIаялъул хIалтIухъан.

МухIамад Шамилов: «Гьев чияс СалихIида бадирчIваял гьаризе лъугьун руго щайин гьев москваялде арав, щайин гьениб пресс-конференциялда гьаниб бугебщинаб чороклъи къватIиб чIвазабурабин абун. Жив гьабсагIат унтунги вугин мадар лъугьарабго жинца гьел киналго суалазе жавабги кьелин абун буго СалихIицаги. Гьелдаса хадуб къватIибе бачIун буго аттестациялъул коммиссияги гIуцIун СалихI ХIажиев хIалтIудаса нахъе рехизе кколин абураб акт».
Шамиловасул рагIабазда рекъон гьабсагIат СалихI ХIажиев вегизавун вуго МахIачхъалаялъул урологиялъул унтаби сахгьарулеб азарханаялда. Гьеб жинда сверун гьабулеб бугеб хIалихьалъи жиндица гьеди тезе гьечIин лъазабулеб рагIула ХIажиевас, жиндица жиндирго ихтиярал цIунизе ругин, ккани диванханаялъул кумекги хIалтIизабиз бугин гьеб ишалъейилан лъазабулеб рагIула полковник СалихI ХIажиевас.


ПатIимат МахIмудова
XS
SM
MD
LG