МагъчIваялъе рес

Ракъун чIараз хIукму хисизабуна


10 ноябралъул къаси заманалъ гьорькоб къотIизе тана Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаниде данде тIобитIулеб букIараб ракъунчIеялъул акция. Гьелъие гIиллалъун ккун буго республикаялъул нухмалъиялъул вакилзабаз ракъунчIараз рорхарал суалазул халгьабизе ва гьел тIуразе нухал ралагьиялъе хассал комиссиял гIуцIи. АкциячIагIаз лъазабулеб буго тIалъиялъ гIагараб заманалда жидер суалал роцIцIинариялъе жигараб хIалтIи байбихьичIони, жидеца ракъунчIей цIидасан байбихьулилан.

12 къоялъ халатбахъараб ракъунчIеялъул акция заманалъ гьоркьобкъотIизе тана Дагъистаналъул жамагIатчагIаз. АкциячIаги гьеб хIукмуялде рачIун руго 10 ноябралъ республикаялъул хIукуматалъул вакилзабигун тIобитIараб дандчIваялдаса хадуб. ГьатIан къоялъ гьелгун дандчIван руго Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьер Джафаров Рамазан, ГIабдулатIипов Рамазанил гIакълучи Халидов Денга, республикаялъул министерлъиязул нухмалъулел ва жамгIиял хIаракатчагIи.

РакъунчIаразул тIалабазда гьоркьоб бищунцебе букIана Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазан хъулухъалдаса вахъи, гьединго гьез тIалаб гьабулеб букIана республикаялда рищиял халкъалъ тIоритIулеб хIал гьаби. АкциячагIазул тIалабазда гьоркьоб букIана Гендерил тоннел рагьи, ЦIияблак мухъалдаса гочарал гIадамазе букIине кколеб ракьги, гIарацги кьей. Гьел гIаммал тIалабазде тIаде гьезул щивасулги рукIана жинди-жиндир суалал.

ТIоцебесеб къоялдаса нахъего ракъунчIеялъулъ гIахьаллъи гьабурав Табасараналъул коррупциялде данде чIараб жамгIияб гIуцIиялъул бетIер хисулев Къурбанов Гъазиханица «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб цебехун рехсараб данделъиялда жидеца борхараб щибаб суал тIубазе хасаб комиссия гIуцIизе къотIи гьабунила республикаялъул тIалъиялъилан. Гьеб комиссиялда гьоркьоре ине ругила ракъунчIей лъазабуравги, гьесул суалал роцIцIинабиялъул жавабиявлъун вихьизавурав тIалъиялъул вакилги, Дагъистаналъул цойгидал жамгIиял жамгIиял хIаракатчагIиги.

Гъазихан Къурбанов: «Рищиязда хурхарал киналго суалазда тIасан цIакъ гIемераб кIалъай ккана гьеб данделъиялда. ТIалъиялъул чагIаз абулеб букIана гьаб сагIат бугеб къагIида, ай депутатаз бутIрул рищулеб къагIида халкъалъе лъикIаб бугилан, амма ниж гьелда разилъичIо. Гьединлъидал къотIи гьабуна гьел рищиял цIидасан халкъияллъун гьариялъул суалалда тIад хIалтIизе хасаб къокъа гIуцIизе. Гьелда гьоркьоре ине руго депутаталги, жамагIатчагIиги, эксперталги. Гьединго гIемер кIалъайги, тIадкIалъаялги рукIана Гендерил тоннел рагьиялъул суалалдасанги. Гьеб къан букIиналъул хIасилалда тIадмагIарухъ гIумру гьабун вугев 200 азаридаса цIикIкIун чиясе зарал кколеб буго. Жалго гьел Генуса ва Временноялъул гIадамазда бугеб къварилъиялъул хIисаб гьабун нижер ракI унтун буго.

Нижехъе гьел росабалъа гIадамаз жидее кумек гьабеян гьарун ахIун бачIун букIана. Гьебги бицана дица данделъиялда. Гьеб къо халкъалда чIчIезабизе ккани, гьеб бегьулеб жойищ бугеб. КIиго моцIица сверун ккун росугун гьениб балагь рещтIинабун буго къуваталъул идарабаз. ТIубараб росулъ ругелщинал чагIийищ такъсирчагIи рукIунел. Россиялъ Украинаялде битIулеб буго гуманитарияб кумек, гьездасаги гьеб кумек къваригIараб хIалалда руго гьел ансал. Нилъерго жанисел суалалги тIурачIого украинаялде гIунтIун сиясат билълъинаби гьеб мекъаб буго. КIиго моцIица рокъоса къватIире гъун ругел гьезул ургъел гьабулев чи кколев гьечIо, гьезие щиб къварилъи бугеб, щиб кумек хIажаб бугебали цIехолев чиго гьечIо. Гьеб цIехезе ине бокьаралги риччалел гьечIо,кинавго чи хъамулев вуго гьел аскарияз гьеб мухъалдаса. Нижеца тIалаб гьабуна гьел гIадамазе гуманитирияб кумекги щвезабизе, гьелгун дандчIвазе жамгIатчагIиги риччазе гьенире».

Гъазиханица бицана гьеб цебехун рехсараб кIиябго суалалда тIасан гIадин гIемер кIалъялги бахIсалги цониги суалалдаса ккечIилан. ХутIарал жидер тIалабал тIураялъул иш нахъ бахъун таниги гьел Временноялъул гIадамазе кумек гьабиялъул суал жидеца рагIалде бахъинабичIого тезе гьечIилан. Гьеб роцIцIинабизегIан жидеца тIалъиялъе рахIат тезе гьечIилан. Тоннель рагьиялъул ва Временноялъул гIадамазул суалал тIураялъе нухал ралагьилин рагIи кьун буго Рамазан Жафаровасги. Амма кида гьеб иш рагIалде бахъине бугебали жиндихъа абун бажаруларила, гьеб цIакъ захIматаб суал бугила, гьеб тIубаялъе гIемерав чигун ва хасал идарабазул нухмалъигун гара-чIвари гьабизе кколин абун буго вице-премьерас.

Гьедин жидеца рорхарал гIаммал суалазулги, щивасул батIа-батIаго ругел тIалабазулги, цохIонигияб гьоркьоб течIого бицанила гьеб данделъиялда, кIиго къоялда жаниб гьел тIураялда тIад хIалтIизе кколел комиссиял гIуцIун лъугIизаризе кколила тIалъиялъул вакилзабазилан абуна ГЪазиханица. Гьел комиссиязул хIалтIи цебе иналда бараб бугила жидеца ракъунчIей цIидасан байбихьилищ, бихьиларищилан абураб суал. ГIагараб заманалда гьез щиб хIалтIи гьабулебали балагьилила, гьеб жал разияб хIалалда унеб батичIони акция цIидасан байбихьизе бугин абураб хIукму гьабун буго ракъунчIараз.

Амма киналго ракъунчIарал гуро гьеб хIукмуялда разилъарал. РакъунчIеялъул гIахьалчи 68 сон барав Байсултанов Маматхан 8 ноябралъ бидул тIадецуйги цIакъго бахун азарханаялде ккун вуго, амма гьедин вукIаниги акция гьоркьоб къотIизе тезе гьечIин лъазабулеб буго гьес. 2006 соналъ хасаб операция тIобитIулаго Хасавюрталдаса Маматханил лъимаде йикIарай нус чIвана, гьесул вас захIматго лъукъун вукIана. Хадуб лъана гьеб низамцIунулез мекъи ккун гьабураб хасаб тадбир букIин, амма гьелъие мукIурлъун гьечIо къуваталъул идараби. Гьелщинал саназ ритIухълъи балагьулев вуго гьев. Гьеб ракъунчIей гьабизеги бищун цебе Байсултановас ахIун рукIана жамагIатчагIи. Жиндир тIалаб тIубачIого жив вакъунчIезе вугин лъазабуна гьес.

Гьединабго хIукмуялде вачIана Мамедкалаялдаса ГIалиев ХIажиги. Гьев ккола сакъатлъиялъул кIиабилеб группа бугев чи. Гьес тIалаб гьабулеб буго жив унтарав чи хIисабалда хIукуматалъ жиндие кколеб социалияб кумек гьабейилан. Гьеб суал роцIцIун гурони жиндица акция гьоркьоб къотIизе толарилан. КъадегIан бач1араб информациялда рекъон, акция халат бахъинабизе хIукму гьабуразде жуван вуго тIадеги ункъго чи.

XS
SM
MD
LG