МагъчIваялъе рес

РакъунчIеялъул акция "гIатIилъулеб" буго


Дагъистаналда халатбахъунеб буго республикаялъул бетIерасде данде лъазабураб ракъунчIей. Гьеб акция байбихьарал жамагIатчагIазде тIаде гьебго ракъунчIей лъазабун буго жидер ракьал нахъруссинарейин лъугьарал лъарагIаразги. Дагъистаналъул тIалъиялъул вакилзабаз абулеб буго акциячагIаз жидергун гьабураб къотIи-къай хвезабулеб бугилан, гьез гьанже тIалъиялдехун шантаж хIалтIизабулеб бугилан.

29 октябралдаса нахъе МахIачхъалаялда халат бахъунеб буго Дагъистаналъул нухмалъулесде данде лъазабураб ракъунчIеялъул акция. Цо-цояз гьеб гьоркьоб къотIизе таниги, жидер тIалабал тIураялъе хIалтIи байбихьун букIиналда ракIчIараб мехалда гурони жал акциялда гъорлъа нахъе рилълъунарилан лъазабулеб буго цойгидал ракъунчIараз. Гьедин 9 ноябралда Дагъистаналъул вице-премьер Рамажан Жафаровгун, респубикаялъул бетIерасул гIакълучи Халидов Денгагун ва батIи-батIиял министерлъабазул вакилзабигун букIараб даднчIваялдаса хадуб ракъунчIараз лъазабуна жидеца гьеб акция заманалъ гьоркьоб къотIизе толеб бугилан.

ТIалъиялъулгун рукIарал гара-чIвариязда жидеца киналго жидерго суалалги рорханила, тIалабалги лъазарунила, гьезул щибаб тIубазе хасаб комиссияги гIуцIанила гьеб данделъиялда, гьезул хIалтIи кин унебали балагьилила, жал разияб хIалалъ гьеб унеб гьечIони акция цIидахъан байбихьулин абун букIана гьел ракъунчIараз. Амма цо-цо акциялъул гIахьалчагIаз хадуб жидерго пикру хисизабун буго. Гьеб лъазабиялдаса хадуб акциялда гьоркьоса нахъе рилълъун руго «Ашвадо-ГIахьвахъ» газеталъул редактор ХIажиев МахсутIги, Табасараналъул коррупциялде дандечIараб жамгIияб гIуцIиялъул бетIер хисулев Къурбанов Гъазиханги. ХутIарал чIун руго гьеб Дагъистаналъул тIалъиялъул вакилзабазулгун букIараб дандчIваялдаса хадуб, жидер тIалабал тIураялъе, кида ва кинаб хIалтIи гьабизе бугебали хъвараб гъулбасги гьабураб, мугьруги чIвараб документ бихьизегIан жал ракъунчIезе ругилан.

Жидее гIемерал саназ гьерсал рицанила тIалъиялъ, жал гьезда божуларила, гьанжеги гьез хабарги бицун жал тIаса рихьизаризе тезе гьечIилан чIун руго ракъунчIеялъулъ гIахьаллъулел ругел Къурбанов Зураб, Яхьяев ГIабдула, ХIажиев Паша, ГIалиев ХIажи, азарханаялде кканигицин акция гьоркьоб къотIизе течIев Байсултанов Маматхан ва ахиралда гьезул кьералъе лъугьарав БежтIаса жамагIатчи Къебедов МухIамад.

Дагъистаналъул бетIерасул гIакълучи Халидов Денгаца «Эркенлъи» радиоялъе бицана жал ракъунчIаразул вакилзабигун цо пикруялде рачIун рукIанин, гьединлъидал акция лъугIизе тIезе гьездаги жидедаги гьоркьоб къотIи-къайги гьабун букIанилан. Амма Дагъистаналда бугеб ахIвал – хIал бигъинабизе къваригIарал, гьеб ракъунчIеялда нахъа ругел чагIаз акция чагIазул цо-цоял мукIур гьарун ругила гьеб халат бахъинабизе, гьезие кIванагIан цIикIкIун заманалъ республикаялда ахIи-хIур букIине къваригIун бугилан.

Халидов Денга: «Гьеб данлъиялда ракъунчIараз рорхарал чанги суалалазда хурхун хIукмаби гьаруна, гьединго гIуцIана гьел суалал роцIцIиналъул иш тIаде босарал хасал къокъабиги. Гьелда гъорлъе уна гьеб суал борхарав чиги, цойгидал жамагIатчагIиги, гьеб иш рагIалде бахъиналъул жавабкьолев тIалъиялъул вакилги.

Красноармейскалъул ракьул суалалздаса бахъараб Табасараналада бугеб коррупциялде гIунтIун, ракъунчIараз цере лъурал киналго суалазул хал гьабуна. Гьел суалал жидеда рарал министерлъабазул вакилзабиги, цойгидал идарабазул хIалтIухъабиги рачIинарун рукIана гьеб данделъиялде. АкциячIаз гьезул щивасе суалалги кьуна.

Гьедин, рачун цоцазул квералгун, гIагараб кIиго-лъабго къоялда жаниб гьеб данлъиялъул хIасилалда гIуцIарал комиссиязул ва гьез гьабизе бугеб хIалтIул хъвараб документги хIадурилин абун къотIиги гьабун ратIалъана ниж. Гьеб бакIалдаго къотIи гьабун букIана ракъунчIейги лъугIизе тезе. Гьелдаса хадуб цIидасан рагъарана цо-цоял жидеца гьеб гьоркьоб къотIизе толеб гьечIилан абун, жидехъе гьел документал кьейилан руго гьел. ГIагарал къоязда тIубалин гьеб кагътазул суалин абуниги, гьел тIирун чIун руго.

Гьеб къотIи-къай биххизабиялъе квербакъи гьабун буго, гьеб акциялда сверун цIикIкIун заманалъ ахIи-хIур букIине къваригIарал чагIи, Дагъистаналъул бетIерасде дандечIарал чагIи. Гьез абун буго ракъунчIаразда акцияги гьоркьоб къотIизе тогейин, гьедин тIалъиялъе шантаж гьабейилан, амма хIалтIи гьедин гIуцIулеб жо гуроха букIунеб».

Гьел ракъунчIаразде тIаде 11 ноябралъ гьединабго акция лъазабун буго лъарагIазул Тарки, Альбурикент ва Кяхулай росабалъа гIадамазги. Гьез тIалаб гьабулеб буго хIукуматалъ жидехъа рахъарал ракьал нахъруссинарейин, цIидасан Таргъу мухъги гIуцIейилан.

Жидерго тIалабазул «Эркенлъи» радиоялъе бицана акциялъул гIахьалчи Агъав Аслановас.

Асланов Агъав: «Нижеда бичIчIула Таргъу мухъ гIуцIиялъул суал бигьаяб жо гуреблъи. Амма нижер халкъалъулги тIокIаб рес гьечIо. Ниж цониги халкъалде данде чIарал чагIи гуро, нижеца чияр жоги тIалаб гьабулеб гьечIо. Нижее къваригIун буго ниж бетIергьанаб ракь тIадбуссинабизе. ХIукуматалъ 1944 соналъ нижехъа бахъана 20 гектар ракьул, жакъа къоялда Кяхулай, Альбурикент ва Таргъу росабахъ буго гьел росабазда гъоркь бугеб I60 гектар ракьул.

Нижер гIолилазе рукъзал разе бакI гьечIо, ракьал щолел гьечIо. Ниж бетIергьанаб ракь пачалихъалъ эххебеги-эххедеги бичулеб буго. Гьединлъидал нижеда руцIцIун чIезе ракIалда гьечIо. ТIалъиялъ гIемер харбалги рицун божизарун рукIана ниж, амма цониги къотIи тIубазабичIо. Гьединлъидал нижеца Таргъу мухъ гIуцIизе тIалаб гьабулеб буго, гьеб гIуцIани чанги суалал тIагIине руго, чанги масъалаби тIуразеги руго».

ЛъарагIазул ракъунчIей лъазабуразда гьоркьор цин лъабго чIужугIаданги йикIун йиго, гьел жидеца рокъоре ритIанила, гьанже цохIо бихьинал ругила акциялда гIахьаллъулелилан лъазабуна гьез. Гьез кьурал баяназда рекъон 12 ноябралда гьезул ракъунчIеялъулъ гIахьаллъулев вуго 6 чияс, дагьалги гIадамазги гIахьаллъи гьабизе бугин ракъунчIеялъул акциялъулъилан лъазабулеб буго ракъунчIараз.

XS
SM
MD
LG