МагъчIваялъе рес

Машгьурлъараб бертиналъул дандерижи


ЧΙегΙерал байрахъазда гъоркь бертиналъул кортежалъалда гъорлъ апрелалда ккун рукΙаразда хурхараб диваналъул процесс тΙобитΙулеб буго Гъизляралда. Гьанже загьир гьарулел гΙайибал батΙиял ругин кортежалъул гΙахьалчагΙи ккведал гΙунтΙизарун рукΙарал гΙайибаздасайн, лъазабулеб буго адвокатаз.

Берталъе унел рукIарал чагIазе гьабулеб диваналде къватIиса щивниги виччалев гьечIо. Диванчияс рикIкIунеб буго гьелдалъун нугIзабазеги берталъе унел чагIаздасан зарал ккарал полициялъулазеги хIинкъи гьечIолъи букIинилан. Амма гьебго заманалда полициялъул хIалтIухъаби щибго цIуна-къай гьечIого, жалго хьвадула диваналдеги нахъеги. Жибго диван гьабулеб бакIги Гъизляр шагьаралъул полициялъул азбаралъубго гIадин буго. Диван байбихьулеб мехалда низам цIунулез гьеб бакI сверун къала, нусго нусиялда кIикъоялда анцIго метраялъ рикIкIад чIезарула низам цIунулелги нугIзалги тун батIиял чагIи. Гьеб лъугьа-бахъунеб жо телефоналде яги камераялде бахъизеги биччаларин бицана ЭР-ялъе бертадул гIахьалчагIаз. Гьединго нугIзал хIисабалде диваналде ахIарал чагIи жанире риччаялъулги бугин тату бахъиян абуна гьез, чанго батIияб документ тIалаб гьабулеб бугила диванчияс.

ГIараб мацIалда хъвай-хъвагIаял тIад гьарурал чIегIарал байрахъалги рорхун унеб автомобилазул читIир чIезабуна полициялъ Гъизляралде жанире рачIунеб бакIалда, исана апрелалъул ахиралда. Гьел байрахъал нахъе рахъеян чIун руго Гъизляр шагьаралъул полициялъулал. Цинги гьездагун гIадамазда гьоркьоб дагIба-рагIи ккун буго.
Доб мехалда гьадинаб баян кьун букIана ЭР-ялъе гьенив гьоркьов вукIарав ГIали ГIумаровас.

ГIали ГIумаров: «Полициялъул нухмалъулев ГIисалдибиров Гъазица абуна нужеца цереги рорханила гьел байрахъал, амма гьанжесалаги рорхизе тезе гьечIила. Гьездаса хIинкъаан гьев. Нижеца бичIчIизабулеб букIана гьел байрахъала гьукъун гьечIилан. ХIизбут тагьрир партиялъул вакилзабазе гьаниб теракт гьабизе къваригIун букIанин абулеб рагIула гьез. Гьадингосеб жо буго гьеб. Гьединго бицунеб букIана бахIаравги бахIарайги ругин гьересиял. Кин гьересиял рукIунел, гьезда магьари лъолеб бахъараб видеоги бугеб мехалда. Нижехъ ярагъги букIанин абулеб буго. ГIабдалзабийищ ниж ругел автомобилалъуб ярагъги лъун байрахъалги рорхун полициялъул посталде рачIине? ВагIзаби гьарун гурони, жибго гьеб партиялъги кинабгIаги ярагъ хIалтIизабуларо».

Гьедин байбихьуда полициялъ туснахъ гьавун вукIана берталъе унев вукIарав 30 чи. Гьезул цо-цоял анцIго сордо-къоялъ жанирги тIамун къватIире риччана. ГьабсагIаталда жанив хутIун вуго ункъгоял. Гьезул аслияв ккола «Союз справедливых» абураб багъа-бачариялъул цевехъан Карташов МухIамад.

Цин низам цIунулезул дагIба букIана гьел чIегIерал байрахъалги рорхун унел рукIанилан, гьанжейин абуни гьез гьезде гIайиб гIунтIизабулеб буго, чIезаридал, гьел чагIи жидеде гьесардизе лъугьанилан. Амма иш батIайисан бугин бицана ЭР-ялъе ХIажиев МухIамадица. Гьевги ккола байбихьуда туснахъ гьарун рукIаразул цояв. Гьесул рагIабазда рекъон, Карташовасулги Гъизляр шагьаралъул полициялъул нухмалъулесулги данде кколаро. Щайгурелъул гьес довги досул хIалтIухъабиги къватIир чIвазарун митингал гьарун рукIиндал. Гьединлъидал Гъизляралъул полициялъулаз Карташовасе гьарулел гIиси-бикъинал квекIенал камулароанин ракIалде щвезабуна МухIамад ХIажиевас. Амма доб къоялъин абуни бертинги багьанадуй ккун Карташовасе къор гъезе хIукму кканила гьезул.

МухIамад ХIажиев: «Берталъе унел чагIазул автомобилазул читIир чIезабураб бакIалде полициялъул нухмалъулев вачIараб параялъго киназдаго бихьана гьев аслияб куцалда МухIамад Карташовасде вазе лъугьаравлъи. Цинги гьеб бакIалда полициялъ рухана гIадамал. Амма хадурго гьел гIадамал полициялъ гIайибияллъунги гьаруна, гьел жидеде кIанцIанин абун».

Исламияб берталъе унел чагIаз рорхарал чIегIерал байрахъал экстремистазул байрахъал ругин дагIба букIун батани, гIайиб гIунтIизабураб документалда гьелъул хIакъалъулъ цIар бахъулеб гьечIо. ТIадчIей гьабулеб буго гIицIго бертадул чагIаз полициялъулал рухиялда.

МухIамад ХIажиев: «ГIайиб гIунтIизабураб документалда хъвалеб буго цояс кьабанин кIигоясда. Гьев чIезавизе кIолев вукIинчIин 50 – 60 чиясдагицин. РухI лъугIун холев полициялъулав хIалицаго вахъанин гьесда гъоркьа. Цинги дов чи «Мухтададазе хвел!» абун ахIданин дова. Гьединаб магIна буго доба гьел полициялъулазги нугIзалин абурал чагIазги кьурал баянал. Унголъунги кополаб куцалда хъван буго».

ГIадамаз кодор ккун рукIарал чIегIерал байрахъазда бан Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъ жаваб кьун буго гьел кколин исламалъул байрахъал, экстремистаздехун гьезул кинабгIаги хурхенги гьечIилан.
XS
SM
MD
LG