МагъчIваялъе рес

Мухъазул бутlрузде гьужумал


Июналъул тIоцебесеб къоялъ МахIачхъалаялъул нухмалъулев цIех-рехалъул идарабаз ккун ахIи-хIур гIодоциналде жеги кIиго районалъул нухмалъулев ккуна. Анлъабилеб июналда жиндирго кабинеталъул ккуна Гъаякент мухъалъул муниципалияб гIуцIиялъул бетIер ХIамзаев Ильмутдин. ЦIех-рехалъул идараялда лъазабухъе, гьесда гIунтIизабулеб буго бесдал лъималазе биччараб гIарац бикъиялъул гIайиб. ГьабсагIаталда официалияб къагIидаялъ гьесда гIайиб гIунтIизабун гьечIо, гьев вуго цIех-рехалъул изоляторалда. Уголовияб хIалтIи гьабун буго кIиго батIияб статьяялда рекъон. ЦIех-рехалъул идараялъул пресс-хъулухъалъул вакил Темирбеков Расулица лъазабухъе, И. ХIамзаевасда жеги цоги такъсиразул гIайибги гIунтIизабизе бегьула.

ГьабсагIаталда жеги лъалеб гьечIо кигIанаб болжалалъ гьев цIех-рехалъул изоляторалда чIезавизе вугев. Жакъа гьеб хIукму къотIизе кколаан МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ, амма «Эркенлъи» радиоялъе гьеним мухIканаб баян кьезе кIвечIо. Гьединго канцеляриялда лъалеб гьечIо кинав диванчияс гьеб хIукму къотIизе кколебали.

Гьединго цIех-рехалъул идарабаз ккун вуго жакъа Табасаран мухъалъул нухмалъулев НурмухIамад ШихахIмадов. Россиялъулгун Азербайджаналъул гIорхъи бахъулаго ккун вуго гьев ва гьабсагIаталда цIех-рехалъул изоляторалда вугилан лъазабулеб буго «Регнум» сайталъ. Цебеккун информалатаз лъазабухъе, гьев вахчарулев вукIана заманаялъ республикаялъул президентасул хъулухъал тIуралев Рамазан ГIабдулатIиповасдаса. Гьес жиндихъе вачIаян лъазабурабго Н. ШихахIмадов вачIун гьечIо.

Щай гьабсагIаталда гьел мухъазул нухмалъулел кколел ругел, кинаб бугеб гьениб Москваялъул ялъуни Рамазан ГIабдулатIиповасул гIахьаллъи абураб суал нижеца кьуна журналист, Шималияб Кавказалъул проблемабазул рахъалъ специалист Соколов Денисие.

Соколов Денис: «Дида ккола Саид Амиров кквеялъулъ Рамазан ГIабдулатIиповасул цIакъ дагьаб гурони гIахьаллъи гьечIин. Гьеб кинабго буго федералияб централъул хIалтIи. Гьанже гьесда хадур цоги мухъазул нухмалъулел жанир тIамуниги жеги мухIканго абизе кIоларо гьеб цIияв республикаялъул нухмалъулесул хIалтIи бугин. Саид Амиров МахIачхъалаялъул мэр гурев, гьев вукIана муниципалиял гIуцIабазул данделъиялъул нухмалъулевги, ва гIемерал мухъазул нухмалъулелги гьесул чагIи рукIана.

ГьабсагIаталда гьев жанив тIамурабго ва респубикаялъул нухмалъи хисарабго цере щулаго хъулухъазда рукIарал мухъазул нухмалъулел загIиплъана. Гьеб гуребги, Амиров гьечIеб мехалъ Дагъистаналъул президентас эркенго гьаризе бегьула хъулухъалъулал хиса-басиял бокьараб мухъалда. Бигьалъи букIине буго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазеги. ГьабсагIаталда хъулухъалдаса нахъе арал, ялъуни цIех-рехалъул идараби хадур лъугьарал чагIи унго-унгоги туснахъалъуре ккезе кIудияб рес буго».

Щибаб хIужаялъул жиндирго кьалбал руго ва гьал мухъазул нухмалъулел нахъе ин цоцада рухьинаризе бегьуларилан рикIкIунеб буго цоги экспертаз.

Гъаякент мухъалда гIумру гьабулев ГIалиев Иманшапица бицухъе, гьеб кинабго буго кIиго соналъ цеве рищиязда И. Х1амзаевасдаса къурав Ильмиямин МухIамадовас гIуцIараб процесс. Гьев цевеккун хIалтIун вукIана Жанисел ишазул министерлъиялда батIи-батIиял хъулухъазда ва киса-кирего гьесул лъай-хъваял руго. И. ХIамзаев хъулухъалдаса нахъе реххизе гьес цебегоялдаса нахъе хIаракат бахъулеб букIана.

Цоги экспертазул пикруялда рекъон, гьабсагIат бугеб жо ккола гIадатияб хъулухъазе гIоло гьабулеб къеркьей. Ильмутдин ХIамзаев гьез рикIкIунев вуго Саид Амировасда мугъчIвай гьабулев вукIарав чи, гьев нахъе араб сагIат хъулухъалдаса нахъе гьавулев вуго. Гьесул хъулухъалъе гIоло къеркьолев Ильмиямин МухIамадов рикIкIунев вуго Пенсионнияб фондалъул нухмалъулев Сагид МуртазагIаливасул чилъун. Цоял тIасан реххарабго цогидал къуватал щулалъулел руго.

Политолог МуртазагIалиев Шамилил пикруялда рекъон, Саид Амировасде гьужумал ва гьелдаса хадур унел рагъа-рашариял руго гIицIго политикиял къеркьеял. КинабгIаги Москваялъ гIадлу гьабизе кколилан цебе лъураб масъалаги гьечIо, гьанир ругел криминалиялгун политикиял къокъабаз цоцада данде гьабулеб рагъ гурони. Азербайджаналъулгун гIорхъода Табасаран мухъалъул нухмалъулев ккун вугилан абураб информацияги мекъаб буго, жакъа радал гьев республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасухъе ине къачIан вукIанилан бицана гьес.

XS
SM
MD
LG