МагъчIваялъе рес

М.ГIумаров: "Вирусилан абун хlеж борхичlого чlоларо."


Дагъистаналъул Роспотребнадзоралъ лъазабулеб буго СагIудиязул ГIарабиялдаги, Катаралдаги, ГIарабиязул Цолъарал Эмиратаздаги коронавирус унти баккун букIиналъ, рес бугогIан мехалъ гьенире инчIого чIани лъикI букIинилан.

Гьел улкабазда коронавирусалъ унтун вугила 44 чи. 21 чи хун вуго. Бищун цIикIкIун гьелъ СагIудиязул ГIарабиялда унтун рагIула – 31 чи. Тохтурзабаз абулеб буго гьеб унтуе дару ургъун гьечIин. Роспотребнадзоралъул гьеб лъазабиялъул кIвар букIине буго дагъистаниязе. Щайин абуни кватIичIого байбихьизе буго хIежалде гIадамал унеб заман.

Гьелда бан жидехъеги хасаб кагъат бачIанин Россиялуъл бетIерав санитарияв тохтур Геннадий Онищенкоцаян бицана ЭР-ялъе Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъул пресс-секретарь МухIамадрасул ГIумаровас. Гьес ЭР-ялъе абулеб буго Роспотребнадзоралъ жидеда тIадаб жо гьабулеб бугин. Жидецаги хIажичагIазе вакцина гьабилинха. Амма гьеб гьукъа-къаялъ дагъистаниязе асар гьабуларила.

МухIамадрасул ГIумаров: «Аллагьасул къадар щваралъув хола чи. Вирус бугилан доре инчIогоги, кьураби ругилан магIарухъе инчIогоги рукIаха. Гьединлъидал гьелда бан хIежалде чи инчIого чIоларо. Роспотребнадзоралъ жидеда тIадаб жо гьбаулеб батила. Амма нилъеда лъала гурищ некIо заманалдаги унаан кигIан унтаби ракканиги – вабаъги букIана. Гьедин 1908 соналда гIицIго лъабго чи тIадвуссана Дагъистаналде хIежалдаса. Хваликьа хIинкъарав чи дове унаро. Вакцина гьабилаха, амма дару бахъичIеб унтуе нилъеца щибха гьабилеб? Гьадинаб унти бугин суал цебе лъелаха, гьелдаса хадур бокьарал а, бокьичIел унгеха».

МухIамадрасул ГIумаровас абуна коронавирус баккун букIин лъаниги, хIежалде иналдаса инкар гьабурав чи ккеечIин гьанжелъагIан. Гьес гьединго ракIалде щвезабуна чанго соналъ цебе баккун букIараб хIанчIазул гриппги. Гьеб мехалдаги анила гьел хIежалде.

МухIамадрасул ГIумаров: «Лъелъ гъанкъун Макка-Мадина бугин рагIаниги чIоларо гьел доре инчIого. Кутакалда бидулъ хIеж бугел чагIи руго нилъер умумул. Нухалъул рахъалъ хIинкъи гьечIони ине бегьула гьел. Гьелъул магIна ккола балагь бачIун, чIвазе, хвезе абун. Гурони… дол СагIудиялда ругелщинал чагIиги батIаго лъугIун-тIагIун гьечIо гурищ? Доле хIанчIазул гриппилан букIана унти. Гьеб мехалда цоял Иорданиялдасан роржунел, цогидал автомобилазда ана доре. Гъоркьан, автомобилазда аразе щибниги ккечIо гурищ? Гьединлъидал унтиги политикаги жубараб чурпа буго гьеб. Ниж божуларо гьелда».

Исана Дагъистаналдаса хIежалде унев вуго микьазарго чи. Гьезул лъабазарго чи ккола олигарх Сулейман Керимовас кумек гьабун чIорого ритIулел гIадамал.
XS
SM
MD
LG