МагъчIваялъе рес

Рокьукълъиялъул мацIалда кIалъалаго ккалахъе...


Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатипов Рамазаница Халкъияб Мажлисалъул депутатазда цебе суал лъуна Краснодар икълималъул пачалихъияб гимналда ругел рагIаби экстремистияб магIнаялъул рукIиналъул хIакъалъулъ. Конституциялъулаб диванханаялъ гьеб пикру тасдикъ гьабуни Краснодаралъул гимн гьукъизе бугилан абулеб буго экспертаз.

Нужецаго пикру гьабун бихье жакъа краснодаралъул гимналда гьоркьор ругел рагIабазде, гьебжо битIахъегояб рогьо бугин нилъееян суал лъуна 31 октябралда Хлкъияб Мажлисалъул данделъиялда депутатзда цебе Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница. Краснодар икълималъул пачалихъияб гиманлда гьоркьор ругел рагIаби ккола гьел. «Гьале ниж унел руго басурманал гъуризе хвалилаб рагъде абун. Ожеговасул гIурус рагIабазе баян кьолеб тIехьалда басурман абураб рагIуе баян кьун буго чияр ракьалъулав, чияр диналъул вакил, ай бусрбаби абун. 1914 соналъ турказулгун гIурусазул букIараб рагъда хъвазахъазул лъелаб аскаралъул кашиш Образцов Константиница хъвараб кечI ккола гьеб. 1995 соналдаса нахъе гьеб ккола Краснодаралъул пачалихъияб гимнлъун.

Конститутциялъул диванханаялъ гьеб гимн экстремистияб магIнаялъулаблъун рикIкIани, гьеб гьукъизе кколилан абулеб буго экспертаз.

Дагъистаналъул ЖамгIияб Палатаялъги рахъкколеб буго президентасул пикруялъул. Мисалалъе Совет хIукуматалъул заманалда жинда ракIалда гьечIин гьеб гимн ахIулеб букIараблъиян бицана «Эркенлъиялъе» ЖамгIияб Палатаялъул вакил Хадулаев Шамилица. 1995 соналдаса нахъе ахIулеб бугониги гьанжелъагIан гьелде пикру кьун букIинчIин Дагъистаналъул тIалъиялъ, щай кьечIебалиги бицана.

Хадулаев Шамиль: «Щайгурелъул Краснодаралъ гьанже байбихьана жиндирго миллатчиялъиялъул гьужумал Дагъистаналде, кавказиял гьениса нахъе гъезе кколин, хъазахъазул армия гIуцIизе кколилан ца жал рицине лугьана гьелъул губернатор Такчевги. Гьесул рахъ Путницаги ккун бугилан абулеб буго, лъаларо. Дир хIисабалда жакъа Ген прокуратураялъ кIвар кьезе ккола гьеб инжитаб гимналдеги, краснодаралъул чорокаб политикаялдеги. ТIубанго гимнги гьукъизе кколеб батиларо, бусурбаби инжит гьарулеб мухъ нахъе рехани гIелаан. Жакъа кигIан бокьаниги шагIирзабиги руго нилъер, гьезул кумекаладлъун роцIцIинин ккола гьеб суал.

Крснодаралъул гимн жакъа гурин гьукъизе кколеб букIараб, гьеб гьукъизе кколеб букIанин 18 соналъ цебе, официалияб куцалъ гьеб тасдикъ гьабураб мехалъилан абулеб буго «Алазан» абураб цIоралъул магIаралазул жамгIияб гIуцIиялъул хIаракатчи Лачинов Лачиница. Доб мехалъ гьеб гимн гьукъун букIарабани жакъа россиялъул миллатагIаз бусурбаби инжит гьаризе рукIинчIин, гьеб гьукъун букIарабни, гьеб инжитаб гимналда гъоркь тарбия щварал краснодаралдаса иман гьечIеб къапилаялъ Дагъистаналъул байрахъ бухIизе букIинчIилан рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчияс:

Лачинов Лачин: « Дица гIажаиблъи гьабулеб буго гьанжелъагIан щай гьеб гимн гьукъичIого теялде. Гьелдасаги цIакъ гIажаиблъи гьабулеб буго Дагъситаналъул байрахъ бухIарал краснодаралъул гIоркьилаул рахъалъ дагъистаниязул цIаралдаса ажиндирго пикру загьир гьабурав МахIачев респубикаялъул тIалъиялъ кIалухъ вахъи. БитIараб буго дицаги МахIачевасул кинабго гьабулеб толелъул рахъ кколаро, амма гьес загьир гьабураб пикру букIана нилъер щивас батIалъи гьечIого абизе ккоелб букIараб рагIи».

Краснодаралъул губеранатор Ткачев Александр лъугьун вуго гьеб байрахъ бухIарал чагIи краснодаралъулал рукIинчIин, гьеб букIанин провокациялъулаб гали, бусурбабаздехунги цоги миллаталъул гIадамаздеги жидер гьаниб кидаго лъикIаб бербалагьи букIанилан интернеталдасан вацIцIардизе. Амма гьесда божулел гьечIин ккола.
XS
SM
MD
LG