МагъчIваялъе рес

ХIежалде унел дагьлъизе рес буго


2015 соналъ хIежалде ине рес бугезе бакI щвечIого хутIиялъул хIинкъи гьечIин рикIкIунеб буго экспертаз.

Гьелдаго цадахъ, жакъа тIолго Россиялда бугеб экономикияб ахIвал-хIал хIисабалде босун турфирмабаз батIи-батIиял нухал ралагьун харж гьабулеб гIарац дагь гьабизе хIаракат бахъулеб бугила.

Гьал къояз Россиялъул федералияб Мажлисалъул данделъиялда гьоркьоб лъураб аслияб суал хурхараб букIана 2015 соналъ хIежалде иналде хIадури. ТIолго Россиялдаса хIежалде унел гIадамазе бихьизабун бугила 16400 бакI, гьезда гьоркьосан Дагъистаналъе бугила 6200 чиясе бакIилан лъазабулеб буго «Марва-Тур» абураб туристикияб гIуцIиялъул вакилзабаз. Гьеб турфирма ккола Дагъистаналда хIежалде ине ресал кьолел аслиял туристикиял гIуцIабазул цояб.

Араб соналъ Дагъистаналде бихьизабун букIанила 6000 чиясе бакI, амма ине бокьаразул къадар цIакъго гIемер букIанила. Масала, 2014 соналъ хIежалде ине аслияб куцалъ рихьизарунила гьенире тIоцере унел гIадамал, гьезиеги киназего бакI щвечIилан бицунеб буго цогидаб хIежалде турал гьарулеб «Равза-Тур» абураб гIуцIиялъул вакил МухIамадрасул ГIумаровас. Дагъистаналдаса ине рес щвечIезул цо-цоял, цогидал регионаздасан, гьезул чIорого хутIарал бакIаздаса пайда босунцин анилан бицана гьес.

МухIамадрасул ГIумаров: « Дагъистаналъе бихьизабураб 6200 бакI цей мухIканаб буго, щай гурелъул жакъа къоялде рачIарал гIадамал руго гIизагIан, ине бокьарал. Амма гъоркьиса гIадал иргаби, бакIал щунгутIи букIинаро. Масала, гъоркьиса цо нухалъ арал чагIи росулел рукIинчIо, тIоцере унезеги ирга щвеялда бараб букIана. Исана цересел саназ гIадаб хIалуцин букIинаро».

Араб соналъ хIежалде ине рес букIанила цин Иорданияде роржун, цинги гьенисан Мадинаялде ун, яги Грозный шагьаралдаса цIанбитIун Мадинаялде роржине, гьелъул багьаги дагьаб цIикIкIун букIанин баян гьабуна МухIамадрасулица. Исана жидеца хIаракат бахъулеб бугила улкаялда бугеб экономикияб ахIвал-хIал хIисабалде босун ресал ратизе, дагьаб рикIкIад бугеб гостиница босун ва цогидал нухаздалъун. ХIежалде ине цо чияс харж гьабизе кколила 3500 доллар, амма гъоркьисала гьеб 120 азарго гIанасеб гъурущ кколеб букIун батани, исана гьеб 200 азарго гъурщидаса цIикIкIараб гIарац кколила.

ХIежаде ине цо гуреб чанго соналъ хIадурулин чи, гьениб харж гьабизе босулеб гIарацги аслияб куцалъ гъурщил хIисаб гьабун нахъе цIунун букIунин абулеб буго Буйнакск мухъалдаса ГIадиль УхIумаевас. Чанги гьенире ине хиял букIарал гIадамал гъурщил къимат гIодобе ккун букIиналъ гъоркь хутIулел ругила.

Араб соналъ кIиго чиясухъ унеб букIараб гIанасеб жо унеб бугин исана цо чиясухъин абулеб буго МахIачхъалаялдаса ХIусейнова Сариятица. Сакъатлъи бугей яцгун хIежалде ине ракIалда букIанила, амма гьаб хIалалда гъурущ букIаго жидер рес гьечIила.

ХIусейнова Сарият: « Мадинаялде цIан битIун унеб рейсалда ине кканани харж гьабизе кколеб буго цо чиясухъ 235 азарго гъурущ, гьедин абуна дида турфирмаялда цIехедал. Араб соналъ дунги росги ун рукIана хIежалде, нижер кIиязулго харж гьабун ун букIана 270 азарго гъурущ. Дир йиго хIатIал лъикI хIалтIуларей яц, гьейгун цадахъ хIежалде ине ракIалда букIана нижеда, амма бащдаб миллионалде бахараб гIарац кисаха бахъилеб».

Риидалиде экономикияб ахIвал-хIал хисиялде хьул бугила, гьединлъидал электронияб иргаялда хъванила жал.

2014 соналдаса нахъе Дагъистаналда хIежалде ине бокьарал росулел руго сияхIалде ва электронияб иргаялда хъвалел руго. Араб соналъ гьеб иргаялда рекъон, кьолел рукIанила тIоцере унезе хIежалде ине бакIалги. Исана хIежалде ине электронияб иргаялда хъваразул къадар 9000 чиясдаса цIикIкIун бугин баян гьабуна гьеб «Марва-Тур» гIуцIиялъул вакилалъ, амма гьел кколила щибго мухIканлъи гьечIел чагIи. Кколел киналгIаги документал иналде жанире кьуразул къадар 500 чиясдаса цIикIкIун гьечIилан баян гьабуна гьелъ.

15 июлалде щвезегIан Дагъистаналъе кьурал бакIал нахъе хутIани, гьел цогидал регионазе кьолилан хъвалеб буго «Кавказский узел» сайталъ, амма Дагъистаналдаса цIикIкIун хIежалде унел гIадамал цогидал регионаздаса рукIин щакаб бугин баян гьабулеб буго турфирмабазул хIалтIухъабаз.

XS
SM
MD
LG