МагъчIваялъе рес

ХIинкъи бугеб МахIачхъала


13 июлалда МахIачхъалаялда ккурав ГIумар Мустафаев мукIурлъун вуго кватIичIого Хучни росдал полиция кьвагьизабизе цо гIадан хIадурулей йикIиналъе.

МахIачхъалаялда гьоркьобе унеб Альбурикент абулеб бакIалда бугеб ГIумар Мустафаевасул мина сверун ккун букIана низам цIунулез. Гьелъул бетIергьаби разилъун руго къватIире рачIине. Гьел ккола рукъалъул бетIергьан Мустафаев ГIумарги, гьесул лъадиги, лъадул яцгун лъималги.

ГIемер мех бан буго гьез къватIире рачIине. Амма хадуб Мустафаевасул лъади Зарема Абакаровалъ журналистазе бицана байбихьуда низам цIунулел чIун рукIанин рукъалъул бетIергьан бищун ахиралда вачIинеги тун, руччабигун лъимал рачIайин къватIире. Амма гьеб бакIалда ГIумарие хIилла гьабилилан хIинкъун, руччабаз инкар гьабун буго. Виччайин гьев лъимергун цадахъ тIоцеве ине къватIиве, хадур жалги рачIинин чIун руго гьел.

ПалхIасил, хасаб операциялдаса хадуб ГIумар Мустафаев вахъараб видео лъун буго интернеталда. Гьениб гьес мухIканго бицунеб буго исана 5 маялда жив лъукъун вукIанин низам цIунулезда цо базаялда ватун. Хадуб бицунеб буго Фархад абурав чияс жиндаги Адам абурав чиясдаги гьаранин теракт гьабизе бажарулей гIадай гIаданги автомобильги балагьейин.

ГIумар Мустафаев: «ГьабсагIаталда гьел хIадурулел руго Хучни полиция кьвагьизабизе. Гьеб гьабизе тIаде босарай цо диналъул яцги йиго».
Альбурикенталда Мустафаев кквелалде, 12 июлалъул сардилъ МахIачхъалаялда, Семендер абулеб бакIалда чIвана адвокат МахIамад ГучучгIалиев. Васгун цадахъ таравихI как базе мажгиталде унаго, автомобилалда рекIинехъин вукIаго данде бачIараб «Приора» автомобилалдаса кьвагьдон руго гьесде.

Вас жиндирго автомобилалда нахъа вахчун вуго. Эмен накабазда ккун вуго. Цинги аскIоре рачIун чанцIулго ботIролъги речIчIун ун руго хъахIал гурдалъ рукIарал гIадамал. Гьедин бицана мадугьалзабаз. Гьезго абулеб буго лъилгунниги жиндир тушманлъи бугилан бицунеб рагIулароанила МахIамад ГучучгIалиевас. Ралъдахъе-нахъе, мажгиталде ва жиндирго хIалтIуде хьвадун вукIунаанила.

Амма низам цIунулезе рекIее гIолароан МахIамад ГучучгIалиевасул хIалтIи. МахIачхъалаялда бугеб «Кавказ» абураб коллегиялда адвокатлъи гьабулаан гьес. ГIемерисеб мехалда терроризмалъул гIайиб гIунтIизабурал хъачагъал цIунулин гьесилан рикIкIунаан низам цIунулез. Гьедин гъоркьисала ГучучгIалиевасул рокъоб чIухьги бан букIана. Гьенив цо хъачагъ вахчун ватиялда щаклъи букIана низам цIунулезул.

Гьесул вас Сиражудин ГучучгIалиев туснахъ гьавун вуго. Низам цIунулезул рагIабазда рекъон, гьесул бухьен букIун буго МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амировасулгун. Амма гIагарлъиялъги адвокат Константин Мудуновасги гьеб гьереси гьабулеб буго.

Кколеб мехалда лъутулев вукIун, речIчIараб жоялъ гъежги бохги лъукъун букIана Сиражудин ГучучгIалиевасул.

12 июлалда, МахIамад ГучучгIалиев чIвалеб къоялъ, гьесие диван гьабизе кколеб букIун буго. Амма гьениве щивниги вачIинчIин бицун букIун буго МахIамад ГучучгIалиевас жиндирго ракьцояв ХIажигIали МухIамадовасда.

ХIажигIали МухIамадов: «Гъежги кIиябго бохги буго Сиражудинил лъукъун. Щиб гьесул бугебин гьикъидал, МахIамадица абун букIана ругъун лъураб бакI хьордолеб бугилан. Сах гьабизеги биччалеб биччалеб гьечIила гьесие. Сон досие диван гьабизе кколаан, амма рачIинчIила прокурорги цогиалги гьенире. Дида рагIана дов васасе хIинкъаби кьун ругилан – эменги чIвазе вугин, вацги чIвалин, эбелги чIвалилан».

Живго МахIамад ГучучгIалиевасги прессаялдасан чанцIулго лъазабун букIана жиндие хIинкъаби кьолел рукIиналъул.
XS
SM
MD
LG