МагъчIваялъе рес

Тиви. Гуржиязул миллатчагIи мурадалде щвечIо


Гуржиялъ аваразул росдал рагIаллъи
Гуржиялъ аваразул росдал рагIаллъи

Гьал къоязда Гуржиялъа тIадруссана Дагъистаналдаса вакилзаби - аваразул миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулев Маркъо ШагIбановги, Гуржиялъа Дагъистаналде гочарал магIарулазул цевехъан Бадрудин Ибрагьимовги, филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевги.

Гьеб сапаралъе аслияб гIиллалъун ккана дагьалъ цебе гуржиязул цо-цо миллатчагIаз Тиви росулъ маххул гьабураб хъанч чIвайги, Мтисубани абун Тивиялда цIар хисизе хIалбихьиял гьариги. Гьелда бан жидер разилъи гьечIолъи загьир гьабуна аваразул вакилзабаз гуржиязулазе. Хас гьабун гьел суалазде кIвар кьезе жидеца март моцIалдасан байбихьилин рагIи кьуна гуржияз магIарулазе.

Бицунеб буго жамгIияв хIаракатчи Бадрудин Ибрагьимовас.

Бадрудин Ибрагьимов: "Ниж къабул гьаруна реинтеграциялъул министр Паата Закареишвилица. Цадахъ вукIана "Кавказ" фондалъул вице-президент Гела Хмаладзеги, Соломон абурав политологги. Гьединго ниж дандчIвана нижер мухъалдаса Гуржиялъул парламенталде йищарай Малика Верулашвилигун, гьединго нижер мухъалъул нухмалъулев Давид Кевхишвилигун (дзюдоялъул федерациялъул нухмалъулев ккола гьев). Росулъа жеги 15 чиги вукIана цадахъ. Кинабго лъикI анаха, мажгит базеги рагIи кьуна".

Гуржи мацIалда Тиви росдада жидецаго хисараб цIар хъвараб хъарщи чIвазе къваригIун буго гьенир гIумру гьабулеб цо-цо чагIазе. Аслияб куцалда гьел кколел руго 1988 соналда Гуржиялъул вукIарав нухмалъулев Звиад Гамсахурдиаца Тивиялде гочинарурал гIачIаразул чагIи. Росулъе жанире рачIунеб нухда гьез жидерго мацIалда «Мтисубани» абун росдада цIар хъвараб гIаламат лъун батун букIана. Гьениса гьеб нахъе рехун букIана Бадрудин Ибрагьимовас. Мтисубани ккола Аджариялда букIараб гьезул росдал цIар.

ТIабигIияб балагьги ккун Мтисубаниялдаса гочинарурал гIачIаразде тIаде жеги чанго хъизан 1990 соналда Ахалсопелиялдасаги гочинабун букIун буго Гамсахурдиаца Тивиялде.

Тивиялъул гIадамаз течIо жидерго росдал цIар хисизе
Тивиялъул гIадамаз течIо жидерго росдал цIар хисизе
ЦIияб бакIалде ругьунлъичIого гIачIаразул цо-цоял нахъе ун руго гьениса. Аниги, гьел ракьал магIарулазе кьун хIукуматалъ. ТIаде гIолел цIиял хъизаназе минаби разе кьеян гьарулеб букIаниги. Гьел кьун руго Ахалсопелиялдаса гочинарун рачIарал гуржиязе. Гьеб мехалдаго жидеда данде чIун рукIарал "звиадистазул" чагIи гьабсагIаталдаги гьадалго пишаби гьарулел ругилан бицана ЭР-ялъе Бадрудин Ибрагьимовас.

Бадрудин Ибрагьимов: "Звиадистазул" хутIарал чагIи руго гъора. Мухъалъул нухмалъулесухъе рачIун рукIун руго Тиви росдада Мтисубани абун цIар хисизе къваригIун бугилан. Гьеб жинца тIубалеб суал гурин, парламенталъги президентасги гьабулеб хIукму бугилан нахъе ритIун ругоха гьесги гьел".

Дагьалъ цебегIан ЭР-лгун букIараб гара-чIвариялда Бадрудиница бицун букIана Михаил Саакашвилил заманалда гуржиязул миллатчагIи лъугьун рукIанин росулъ хъанч лъезе. Амма КГБялъул (хасал хъулухъазул) чагIиги рачIун нахъе бахъизабунин. Гьеб мехалда миллияб политика сабураб букIанила, гьанже Бидзини Иванишвилица Гуржиялъ аслияб динлъун христианство лъазабидал, киса-кирго хъанчал лъезе хIалбихьулеб бугин миллатчагIаз.

Гьанже дандчIвай ккун хадуб гьеб мухъалъул нухмалъулес рагIи кьун буго хъанчал гIицIго гуржияз гIумру гьабулел авалазда гурони чIвангутIизе.

Ибрагьимов Бадрудин, жамгIияв хIаракатчи
Ибрагьимов Бадрудин, жамгIияв хIаракатчи
Бадрудин Ибрагьимов: "Нижер росулъги камуларо цо-цо ургъел гьечIел чагIи. Гъоба хъанч лъун бугин-жоян хабар ккедал, букIаниги щибан жаваб кьола гьез. Хадуб букIинеселъул ургъел гьечIел чагIи руго гьел. Жакъа хъанч лъуни, метер ракьги ккола гьез (гIадамаз гIумру гьабулеб, хIайванал хьихьулеб ракь). Гьелъул пикру гьабулеб гьечIо цо-цо чагIаз".

Вакъфуялъе бахъараб ракьалда жидее мажгит базе биччаян бакIалъул хIакимзабазда гьарулелдаса гIезегIан мех буго Тиви росдал магIарулазул. Гьелъиеги разилъи кьун буго гуржиязул нухмалъулез. Жибго мажгит базе аслияб кумек гьабизехъин буго Туркиялъаги Дагъистаналдасаги вакилзабаз.

Бадрудин Ибрагьимов: "Школалда аскIоб буго гьеб ракь. АскIобго буго хIукуматалъул ракьги. Мажгит базе ракь босун букIана нижеца. Гьедин гьеб цоябги доб хIукуматалъулги ракь, тракторги бачун, битIа-бишизабуна нижеца. Гьанже изну щварабго гьениб хIалтIи байбихьизе букIиналъул хабар ккун буго Туркиялдаса вакилзабазулги Маркъолгун АхIмадилги. Жидеца балин Тивиялда мажгитилан турказ абулелдаса лъабабилебниги сон буго. Нижералгоги руго гьелъие хIадурун (Москваялда, Нижневартовскалда, Луганскалда ругел бечедал чагIи). Дицагоги буго гьеб бакIалъе кьезе ният гьабураб жо. гьединго магIарул миллаталъул чагIиги руго квербакъизе хIадурун - Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша ГIумаханов, ЛъаратIа мухъалъул нухмалъулев МухIамад ГIалихановги".

Бадрудин Ибрагьимовасги, Маркъо ШагIбановасги, АхIмад МуртазагIалиевасги Гуржиялъе гьабураб сапаралда хабар ккун буго гуржиязул тарихчагIигун филологазулгунги.
XS
SM
MD
LG