МагъчIваялъе рес

Гуржияз дагъистанияв Россиялъухъе кьолев гьечIо


Гуржиялда туснахъ гьавун вугев МикагIил Къадиевасул гIагарлъиялда ракIалда буго гьал къоязда Европаялъул Шураялде хитIаб гьабизе. Россиялъул низам цIунулезе къваригIун буго гьев гуржияз жидехъе кьезе. Амма гуржияз инкар гьабулеб буго. 2009 соналда Дагъистаналъул Хасавюрт мухъалъул нухмалъиялда вукIарав Алхаматов чIваялдехун хурхен бугин Къадиевасулин рикIкIунеб буго Россиялъул низам цIунулез. Гуржиязин абуни гьесде гIайиб гIунтIизабулеб букIана гьезул президентлъун вукIарав Михаил Саакашвилил тIалабалда рекъон хIалтIулев вукIанин гьевилан.

Байбихьуда МикагIил Къадиев Гуржиялде ккун вуго Россиялде ине хIинкъи букIиналъ. ХIежалде ун рокъове тIадвуссинехъин вукIаго лъан буго гьесда Хасавюрт мухъалъул нухмалъиялда вукIарав ГIалимсолтан Алхаматов чIваялъул гIайиб жиндеги гIунтIизабизехъин букIин. Гьев гуревги, жеги лъабгоял жанир тIамун руго 12-са 15-ялде щвезегIан соналги кьун.

Гьедин Дагъистаналде тIадги вуссинчIого, Къадиев къватIипачалихъазда чIун вуго. Россиялъул низам цIунулезул баяназда рекъон, гьез Къадиев халкъазда гьоркьосеб цIех-рехалде кьун вуго 2010 соналъул марталда. Амма гIагарлъиялъ абулеб буго гьев апрелалда анин хIежалде, гьеб мехалда гьес гIорхъи кин бахарабилан.

ГьабсагIаталда жиндирго вацгIал ГIумариев Ризвангун цадахъ МикагIил Къадиев жанив тIамун вуго 2013 соналда ихдал, Тбилисиялда теракт ккун хадуб. Байбихьуда гьезде гIунтIизабулеб букIана терроралъул гIайиб, амма Гуржиялъул жанисел ишазул министр Гарибашвилица официалияб куцалда бахъана гьеб гIайиб, амма лъазабуна гьел гIайибиял ругин изну гьечIого ярагъ цIуна-къаялъе.

Гьедин гьел кIиялго гуржиязул туснахъалдаса риччазе кколел руго исана риидал. БукIаниги, жал гьелъиеги гIайибиял гьечIин ругин лъазабулеб буго ГIумаровасгун Къадиевас.

Щиб кин кканиги, МикагIил Къадиев Россиялъухъе кьезе инкар гьабулеб буго Гуржиялъул къватIисел ишазул рахъалъ министерлъиялъ. Гьениве виччан хадув гьесул гIумрудуй хIинкъи букIинин абураб пикру буго юстициялъул министр Тея Цулукианил.

МикагIил Къадиевасул вац Рамазаница гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе.

Рамазан Къадиев: «Къануналда рекъон гьабулеб бугониги кьезе бегьуларо Гуржиялъ гьев Россиялъухъе. Щайин абуни Россиялда хIинкъи бугилан, гочарав чиясул статусги гьабунлъидал МикагIил Гуржиялде ун вукIарав. Гьеб кинабго балагьги гьесда тIаде бачIана туснахъалде ккарал, яги цогидаб кумек къваригIарал лъале-хъвалел гIолохъабазда аскIов эхетун чIолев вукIиналъ. Гьединго 2009 соналда МахIачхъалаялда инсанасул ихтиярал цIунулез тIоритIулел митингаздаги гIахьаллъун вукIана гьев. Гьединго Алхаматов чIваялъул гIайибалъе гIоло жанир тIамуралги нижги цо росулъа рукIин. Амма, дир хIисабалда, гьеб кинабго байбихьана Алхаматов чIвалелде ккараб хIужаялдаса. Гьеб мехалда Хасавюрталда чIвана МухIамад Умаханов, гьев кколаан гьанже 15 сонги кьун жанив тIамун вугев ХIабибил вац. Гьеб киналъулго нугI ккола дир вац. Амма гьесухъа сурав босулев, яги гьес гIадахъ босулев чи ккечIо. МикагIилида бихьун буго гьеб чIвай-хъвеялъулъ Марат Имавов абулев полициялъулавги гIахьаллъулев. Амма жанисел ишазул министрас кумекги гьабун, дов лъагIелгун бащдалъ гурони тун гьечIо туснахъалда. Гьелдаса хадув жиндирго росулъ кIиго чиги чIван, гьев полициялъулав цIидасан жанив лъун вуго микьгойищ, ичIгойищали соналъ».

МикагIил Къадиевасда цадахъ гьабсагIаталда туснахъалда вугев гьесул вацгIал Ризван ГIумаров вукIанин Тбилисиялда теракт ккелалде цебесеб къоялъ гьесухъе гьоболлъухъ вачIарав чиян бицана ЭР-ялъе Рамазан Къадиевас. Гьесул къайидулъ тротил батанин абунила гуржиязул низам цIунулез. Амма гIорхъи бахун вачIунев чиясухъ Тбилисиялде щвезегIан тротил киндила толеб.

Рамазан Къадиевас бицухъе, цин гуржиязул низам цIнулез абулеб букIун буго 2013 соналда Тбилисиялда гьабураб теракталдалъун гьесул вацасги вацгIаласги гуржиязул президентлъун вукIарав Михаил Саакашвилил тIалаб тIубалеб букIун бугилан. Гьедин туснахъ гьавураб бакIалдасан МикагIил Къадиев Россиялде витIизе викъизе хIалбихьулебгицин букIанин, амма гьеб гьабун бажаричIолъиялъ гуржиязул хасал хъулухъазул чагIи хIалтIудаса нахъегицин реханин тIадежубана Рамазан Къадиевас.

Россиялъул Генералияб прокуратураялъ кIицIулго хитIабги гьабун букIана Гуржиялде гьев чи жидехъе кьеян. Амма гьебго заманалда, хас гьабун гъоркьисала декабралда, Дагъистаналдаса инсанасул ихтиярал цIунулез ахIи балеб букIана гьев къватIиве кьогейилан.

XS
SM
MD
LG