МагъчIваялъе рес

Килщазул расеналги рахъун нахъе риччана


Генуб росу
Генуб росу

Килщазул расеналги рахъун сардилъ рокъоре риччан руго гьал къоязда Унсоколо мухъалъул Временный росулъа мажгиталъуса рачун ун рукIарал гIадамал. Цо-цо баяназда рекъон, гьезда гьоркьор низам цIунулез ралагьулел рукIун руго Шамалда рагъулел рукIарал дагъистаниял.

Низам цIунулез рагъулал автомобилаздаги рекIинарун, Буйнакск шагьаралъул полициялдеги рачун рахъун руго гьезул щивасул килщазул расенал.

Временный абулеб бакI ккола гьанже нахъа, Генуб росдада гIагарлъухъ бараб росу. Аслияб куцалда гьенир гендерил гIадамал рукIуна. Амма нухда бугеб бакIги букIун, рузман базе гьениб мажгиталде цогидал мухъазул гIадамалги ун рукIун ругин, гьединлъидал полициялде рачаразда гъорлъ генал гурелги рукIанин бицана ЭР-ялъе Унсколо мухъалдасан. Гьединго божизе бегьулев чиясул баяназда рекъон, Временный росдал мажгиталъур ккурал гIолохъабазда гьоркьор низам цIунулез ралагьулел рукIун руго Шамалда Башар Асадил армиялда данде рагъулел рукIарал дагъистаниял. Абула гьединал гIадамал дагьал гьечIин Дагъистаналда.

Гьедин мажгиталъур ккурал гIолохъабазул паспортазда Туркиялъул мугьру бихьидалги щаклъизе бачIун бугоан низам цIунулезе. ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда гендерица бицана аслияб куцалда гьел кколила Египеталда динияб цIали гьабулел рукIарал гIолохъаби, цинги гьениб ахIвал-хIалги хIалуцун Туркиялде лъутун, гьенисан рокъоре рачIун ругила гьел. РагIула гьединго Шамалда рукIаралги. Амма гьел гьенир рагъулелищ рукIарал, ялъуни динияб цIали гьабулелищ рукIаралали чIванкъотIун абизе бажарулеб гьечIо.

ПалхIасил, гендерил гIадамаз гIумру гьабулеб бакI букIаниги, Временный росуги Генуб росуги тIубан батIи-батIиял бакIал кколин бицунеб буго ЭР-ялъе гендерил бегавул АлясагI МухIамадовас.

АлясагI МухIамадов: «Генуб буго батIияб бакI, Временный росуги буго батIияб бакI. Генуб буго сверун аскариязги къан, росулъа къватIиве унесдаги, жаниве вачIунесдаги хадуб халги ккун чIезабураб бакI. Щивасе кьурал номералги руго. Временный росдада хадуб гьечIо гьединаб халкквей. Рузманалдаса рахъун рачIунелъул вачун ун вугоха нусгогIан чи. Гьенире рузман базе рачIарал батIи-батIиял мухъазул гIадамалги рачун рукIун руго. Амма килщазул расеналги рахъун, нахъе риччан гурони, цониги щаклъи бугев, цIех-рехалда вукIарав чи ватун гьечIоха гьезда».

ЭР: «Шамалда рагъарал гIолохъаби ралагьулел рукIун ругин низам цIунулез гьенирин рагIана. Масала, Шамалдаса лъутун, Туркиялде рачIун, цинги дораса Дагъистаналде рачIун ратилин».

АлясагI МухIамадов: «Гьединал харбал руго. Амма щибха лъалеб Шамалда рагъулелищ дол ругел, Туркиялъ рагъулелищ, ялъуни Египеталда цIалулелищ дол ругелали. Амма къватIир пачалихъазда гIезегIан гIолохъаби руго нижер. 20-30 гIаги чи ватила. ГIагарлъиялда гьикъараб мехалда гьез абулаха Египеталда, Туркиялда цIалулел ругин. Низам цIунулел чIола Шамалда рагъулел ругин. ХIакъикъаталда щиб кинали щибха лъалеб? Дова вукIун вачIарав кIиго-лъабго вас вуго, жал цIалул рукIанилан полициялдеги ун хъвай-хъвагIайги гьабун, киналго документалги рихьун ругоха эз. Гьездехун кинабгIаги тIадкIалъайги гьечIо».

Временныялъул мажгиталдаса рачун арал гIолохъабазул цоясул эмен ккола ХIусен. Гьесги тасдикъ гьабуна килщазул расеналги рахъун гьел гIадамал сардилъ рокъоре риччай. ХIусеница гIумру гьабулеб Генуб росулъ низам цIунулез щивав чиясе номерал кьун руго. Буго сордо-къоялда жаниб гьез росу тезе, яги гьенире тIадруссине бихьизабураб заманги. Гьелда бан низам цIунулез бачунеб багьанаги буго – экстремистазулгун гендерил бухьен бугин абураб. Амма жалго гендерица абула рохьалъ чIун вугев чанго чиясе гIоло росдада лъолеб бугьтан бугин гьебилан.

XS
SM
MD
LG