МагъчIваялъе рес

ХI. Ахъаев: "Дун полициялъул статистикаялъул къурбан ккола"


МахIачхъалаялъул Киров мухъалъул полициялъул идараялда жив квешго вуханин низам цIунулезилан гIарзагун инсанасул ихтиярал цIунулезухъе вачIана ХIанипа Ахъаев. 33 сон барав Ахъаевас бицухъе, полициялъулаз гьев тIамулев вукIана жинца гьабичIеб такъсир тIаде босизе.

Гьесул рагIабазда рекъон, гьев гьудуласухъ гьоболлъухъ вукIана ва гьенире рачIана полициялъул хIалтIухъаби. «Щибго абичIого ва бичIчIизабичIого гьез автомобилалде жаниве къазавуна ва Киров мухъалъул РОВДялде вачана», - ян бицана Ахъаевас.

Гьесул адвокат ХIажимурад Измаловас абуна РОВДялъул дежурниясул журналалда сияхIалде восун ватичIин Ахъаев. Къануналда рекъон, низам цIунулез полициялъулаб бутIаялде ккун рачарал чагIи хасаб сияхIалде росине ккола. «Ахъаевни РОВДялъул уголовияб цIех-рехалъул бутIаялде вачун вуго. Гьесда гьикъулеб букIун буго Киров мухъалда мина балеб бакIалдаса рикъарал инструментазул хIакъалъулъ. Полициялъулаз абун буго гьесда жидеца рикIкIунин гьел инструментал гьес рикъанин, амма гьел гIайибазе Ахъаев мукIурлъулев вукIун гьечIо», - илан бицана Измайловас.

Ахъаевас инсанасул ихтиярал цIунулезухъе битIараб гIарзаялда хъвалеб буго живгун тIоцебе гьикъа-бакъи гьабулеб букIанин кIиго полициялъулас. «Цодагьаб заман индал кабинеталде жаниве вачIана лъабабилеб полициялъулав. «Нуж щай гьавгун парахатго кIалъалел ругел», - иланги абун лъабабилес дубинка кьабуна чанги нухалда ва гIодове ккезавуна. Гьес малаца вухулев вукIана ва дол кIиялгоги рортана рухизе», - илан хъвалеб буго гIарзаялда Ахъаевас.

Гьесул рагIабазда рекъон, полициялъулаз лъабго сагIаталъ вухулев вукIун вуго гьев ва абулеб букIун буго гьесги гьесул мадугьал Ибрагьим ХIасановасги инструментал рикъанин ва гьеб такъсир гьабиялъе мукIурлъизе кколин гьел. Ахир-къад, гьев кабинеталдаса коридоралде вачун вуго ва жаниве дов Ибрагьимов вачун вуго. Гьевги квешго вухулев вукIанин кабинеталда жанивилан бицана Ахъаевас. Гьесда рагIулел рукIун руго Ибрагьимовасул гьаркьал.

Ибрагьимов гIунтIизабулеб гIайибалъе мукIурлъана, амма гьес гьеб такъсир гьабичIин абулеб буго гьесул адвокат Гульнара Бамматовалъ. Гьелъ вухарав Ибрагьимовасул видео бахъана ва YouTube сайталда лъураб гьеб видеоялдаса рихьулел буго Ибрагьимовасул черхалда ругел хъахIиллъиял.

Ахир-къад Ахъаевасги гъулбасун руго низам цIунулез гьесда рихьизарурал къагътал. Коридоралдаги жив вуханин ва цIидасанго доб кабинеталда жанивги вачун жеги квешго вухулев вукIанин ва гьелдалъун полициялъулаз абураб жинца гьабунин бицунеб буго Ахъаевас.

Гьесухъе адвокат виччалев вукIун гьечIо полициялъулаз ва гьелдалъун Измайлов ана прокуратуралде гIарзагун. Адвокатас бицухъе, прокуратураялдаса РОВДялде кIалъан руго ва адвокатасул гIарзаялъул бицун буго. «Гьеб лъарал полициялъулаз хIаракат бахъана Ахъаевасе кьураб гIакъуба бахчине. Гьез гьев вачана РОВДялъул минадул подвалалда бугеб кафеялда ва гьениб, гIаракъидул шишаги босун, гьекъезавуна Ахъаев. Хадув гьев наркологияб хал-шал гьабизе вачун вуго. Гьекъон вугилан экспертаз хал-шалалъул документги кьун буго. Полициялъулазни хадуб протокол хъван буго гьекъезеги гьекъон Ахъаев низам хвезабулеб ватанин, гьелдалъун гьев ккунин, кколеб мехалда полициялъул хIалтIухъабигун вагъизе лъугьанин ва гьелдалъун полициялъулаз къуват хIалтIизабун ккунин гьев. Гьеб протокол гъулбасизегм тIамун вуго Ахъаев», - илан бицана Измайловас.

Ахъаевас абухъе, протоколал гьарун хадур полицилъулаз гьев рокъове щвезавуна. «Гьез лъазабуна жидеда тIаса гIарза кибе-букIаниги кьуни, жидеца жахIавго тезе гьечIин, наркотикал рехилин ва туснахъалде ккезавилин», - ян бицана Ахъаевас.

ХIанипа Ахъаев: «ЦIогь дица гьабунин абеян тIаде лъугьун рукIана гьел. ГIакъуба кьун тIамуна дун гьез мукIурлъизе. Дица щибго бикъичIо. Дун гьез ккуна жидерго мухъалда гьабураб такъсир рагьиялъе гIоло. Щай хасго дун ккурав? Щайгурелъул 2007-леб соналда бикъи сабаблъун диваналъ тамихI гьабун букIана дие. Гьелдалъун базаялдаса дир цIар бахъун батилаха гьез. Амма гьал къоязда букIараб такъсир дица гьабичIо. Вухун-кьабун тIамуна дун гьеб цIогь тIаде босизе. ГIакъуба кьунин жидеда тIаса гIарзаби хъвагеиланги абуна, хъванани наркотикал рехилин хIинкъаби кьуна».

Ахъаевасе медикияб экспертиза гьабуна ва полициялда тIаса хъвараб гIарзаялда буго экспертизаялъул документ. Гьелда рекъон, Ахъаевасул черхалда тохтуразе ратун руго хъахIиллъиял, гематомаби. ХьабалазухъагIучIазул рахъал унтулел ругин бицана Ахъаевас. Гьес абулеб буго жив вухарал полициялъулаз маскаби ххун рукIинчIин ва дандеккани гьел жинда лъазе ругин. Экспертиза гьабун буго гьесул дов мадугьал ХIусеновасеги - гьесги полициялъулазда тIаса гIарза хIадурулеб буго.

МахIачхъалаялъул Киров мухъалъул дежурнияс Ахъаевасул ва Ибрагьимовасул гIарзабазда тIаса мухIканаб баян кьечIо. Гьес абуна полициялъулаз киналгIаги къанунал хвезаричIин ва гьел чагIи цIогь тIаде босизе лъицаниги тIамичIин. «ЦIех-рех чагIаз кьела къимат полициялъул хIалтIуе», - илан абуна дежурнияс.

Цех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб идараялда «Эркенлъиялъе» абуна жидехъе жеги рачIинчIин гIарзаби ва рачIун хадур гьезул хал гьабилин. Идараялъул вакилас абуна гьединал гIарзабазул тIадчIун хал-шал гьабулин, щайгурелъул низам цIуниялъул системаялда хъинтIарал гьединал хIужжаби хIисабалде росеян Москваялдаса хасаб буюрухъ бачIанин.

Ахиралда тIаде жубала, адвокат Измайловас абулеб буго жив дандчIванин дол рикъарал инструментазул хважаингун. «Гьев чияс абулеб буго инструментал рикъанин жинца кибниги гIарза кьечIин ва гьел рикъун жинда ратичIин», - абуна Измайловас.

XS
SM
MD
LG