МагъчIваялъе рес

Каир - "Уйташ" - полиция...


Египеталдаса нахъруссунел Сасикьа гIолохъаби туснахъ гьаруна 9 марталда МахIачхъалаялъул аэропорталдаса ккун арав ЦIияб Сасикьа щуго гIолохъанчи Шамалда рагъулел рукIун ратиялда щаклъи ккун буго низам цIунулезул. Амма гьезда бан жеги официалияб лъазаби гьечIо. БатIи-батIиял харбал гурони.

Бицен гьабулел гIолохъабазул гIагарлъиялъ рикIкIунеб буго гьел ккун ругин къанунги хвезабун. Гьединлъидал тIалаб гьабулеб буго яги гьел эркен гьарейин, ялъуни, гьезде гIунтIизабизе гIайиб батани, гьеб гIунтIизабейин.

ПалхIасил, гьев щуявго гIолохъанчи Хасавюрталда вукIин лъан буго гьезул гIагарлъиялда. МахIачхъалаялъул аэропорталде гьел Москваялдасан рачIун руго. Дореги гьел рачIунел рукIун руго Египеталдаса. Гьел ккола АхΙмад МагΙазов, МухΙамад Денгаев, МикагΙил ГΙабдулкаримов, АхΙмад Исматулаев ва АхΙмадула Асадулаев. Аэропорталда рукIарал гIадамаз бицухъе, гьел ун руго гьурмазда маскаби ххурал чагIаз.

12 марталда гьадин бицана ЭР-ялъе гьел гIолохъабазул гIагарав чи СайгидахIмадица.

СайгидахIмад: «Аэропорталдасан ккун ун руго гьел кIиго-лъабго къоялъ цебе. Дорасан ритIун руго Хасавюрталде. Нолъ гьенив полициялда цеве нусго, нусиялда хадувниги чи чIун вукIана нижер. Нолъ адвокатги виччана жаниве. Гьелда цебе прокуратураялде гIарза хъван букIана».
ЭР: «Гъол щай ккурал чагIи?».

СайгидахIмад: «Шамалда рукIана гъол, цинги рагъ байбихьидал гьениса нахъе ун, Египеталда рукIана. Цинги визаялъул болжал лъугIидал, гьел дораса нахъе ритIун руго. Москваялдаги чIезарун рукIун руго гьел, амма хадур риччан руго. Гьеб мехалда гьанир, МахIачхъалаялда, ккун руго».

Туснахъ гьаруразухъа сурав босун буго адвокатги цадахъ гьечIого. Амма гьез кьурал баянал такъсириял ишазда гьоркьоре унарин абуна гIагарлъиялъ.
Туснахъ гьаруразе гIакъуба кьолеб бугинги бицана ЭР-ялъе гьезул цоясул вацас. Гьев разилъичIо радиоялдасан жиндирго цIар абизе.

Туснахъ гьавурасул вац: «СагIатгун бащадалъ гIакъуба кьун буго гьезие. Аэропорталдасан рачун ун хадур. Вацас бицана низам цIунулез ток кьабизабунин жинда.

Байбихьуда бицухъе, низам цIунулезул щаклъи буго аэропорталдаса ккун арал гIолохъаби Шамалда рагъулел рукIиналда. Амма ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда гьел гIолохъабазул гIагарлъиялъ абуна гьезда гьоркьоса гIицIго цохIо вас вукIанин Шамалда, амма вагъулев вукIинчIин. Гьединго Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ къанун къабул гьабидал, гьевги нахъе анин Шамалдаса. Гьеб ккола Шамалъул хIукуматалъул аскаразда данде рагъарал чагIи Россиялда экстремисталлъун рикIкIине ругин лъазабураб къанун.

Лъалеб букIахъе, Россиялъ Шамалъул нухмалъулев Башар Асадил рахъккола гьеб рагъулъ. Гьелда бан Шималияб Гьириялдаги бахъун букIана Шамалда рагъизе гьукъараб фатва. Гьединго Чачаназул муфти Султан Мирзаевас абун букIана Шамалъул рагъалда жигьадин абизе бегьуларилан, щайин абуни гьеб бугин социалиялгун политикиял ва идеологиялъул мурадазе гIоло гьабулеб рагъ.

ГIагараб заманалда жанир дол гIолохъаби эркен гьаричIони, полициялда цебе пикет гьабизе ракIалда буго гьезул гIагарлъиялда.
XS
SM
MD
LG