МагъчIваялъе рес

«РагIдукь рахчарал» Дагъистаналъул бизнесчагIиги, кьечIого гIоларел магъалабиги


2014 соналда жанив пачалихъалъул изну гьечIого даран гьабулев 2000 бизнесчи тIатинавун вуго Дагъистаналъул магъалаби ракIарулеб идараялъ. Дагъистаналда гьединаб къагIидаялъ хIалтIулин киналго бизнесчагIиян рикIкIунеб буго жамгIиял хIаракатчагIаз.

Жалго бизнесчагIаз абулеб буго гьединан даран гьабичIого рес гьечIеб хIалалде ккун бугин жидер ишан. Кинаб гIилла гьелъие бугебали лъазе къасд гьабуна нижеца.

Гьаб сон байбихьаралдаса нахъе магъалаби ракIарулеб идараялъ Дагъистаналда хал гьабун буго 7 500 гIансеб бизнесагIазул бутIаялъул. Гьезда гьоркьоса 2000 бизнесчи ватун вуго официалияб куцалда хъвай-хъвагIайги гьабичIого, пачалихъалъул лицензияги гьечIого даран гьабулел.

Гьеб халгьабиялъул хIасилалда магъалаби ракIарулеб идараялъул учеталде росун руго 1100 гIанасеб батIия-батIияб субъект, гьезда гьоркьоса нусидаса цикIкIун руго бизнесчагIи, батIи-батIиял тукаби, кафе, ресторанал ва гь.ц.

Гьеб киналъулго хIасилалалда республикаялъул бюджеталде бачIун буго 2 750 000 гъурущ магъалодул.

Дагъистаналда гIемерисел бизнесчагIазул гIарз букIуна пачалихъалъул батIи-батIиял хъулухъаздаса хIажатго гьечIел халгьабиял тIоритIун жал хIалтIизе толарилан. Гьелда тIасан «Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабуна чанго бизнесчигун.

Шамил мухъалдаса Сайфула-къадил чанго сон буго бизнесалд байбихьаралдаса. Аслияб куцалда гьес бичула конфет ва печенье гIадал нигIматал.

Магъалаби ракIарулеб идараялъулгун жиндир щибниги дандеккунгутIи гьечIилан бицана гьес, амма камуларин цогидаб бетIерунти. Расги гуреб багьанаги батун жиндир хIалтIуе квал-квал гьабизе раккулин цо-цо идараялъул хIалтIухъаби.

Мисалалъе дагьал церегIан рачIун рукIанин цо чагIи ва дур бича-хисулеб къайи бугеб рокъоб жаниб гьава-бакъалъул температура борцунеб алат гьечIилан абун гьабунин гаргар. Гьебин абуни чара гьечIого хIажатаб алат кколарин жиндир гьаниб. Гьелда релълъарал халгьабиял камуларин, цере гьел цIакъго гIемерал рукIанин гьанже дагьлъун ругиланги тIаде жубана гьес.

Амма «РагIдукьги рукIун» даран гьабулел бизнесчагIазул цIун бугин Дагъистанилан рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевас ва гьезул къадарги магъалабазул идараялъ тIатинабураб кIиазарго гуреб къоазарго батулин.

Россиялъул регионазда гьоркьоб цохIо Дагъистан батулин магъалаби кьолареб регион. БизнесчагIаз букIине кколеб хIалалъ магъалаби кьолел рукIаралани щибаб соналъ 50 миллиарад гъурущ пачалихъалъул казнаялде бачIине рес букIанин абулеб буго жамгIияв хIаракатчияс.

Набиев ГIисалмухIамад: «Мисалалъе мугIалимасе моцIалъе щола 15 000 гъурущ гIарац, гьеб гIарцуда гьоркьоса 2000 гъурущ кьола гьес щибаб моцIалъ магъалодул. МугIалимасухъа бажарараб жониги кIвезе ккелариш бизнесчийилан вугев чиясухъа?

Гьез щибго жо кьоларин абулеб мех гуро дир гьеб. Гьез кьола тIадругел чIагIазухъе жидее квал-квал гьабунгутIизе. Гьелъул хIасилалда пачалихъалъул кисинибе бачIине букIараб магъало уна цо хасав чиясул чвантинибе».

Сунцаха бизесчагIи тIамулел ругел бахчараб бизнес гьабизе Дагъистаналда? Гьеб суалалъе гьадинаб жаваб кьолеб буго Гъуниб мухъалъул Гьонодаса АхIмадов Расулица.

Гьесул буго куракул, ахбазаналъул гьуинаб сок, гьединг гьанал батIи-батIиял нигIматал хIадурулеб жиндирго цех. АхIмадица абулеб буго щибаб лъагIалие 36 азарго гъурущ магъалодул кьезе кколин жидеца пачалихъалъе, гIемерисезе абуни гьеб хайираб гьечIин, гьелдаса рорчIизе бокьарал даранчагIи унин гъоб рагIдукье.

Исана гьеб магъалодул къадар дагь гьабунин 20 000 гъурщиде щвезегIан, амма гьабуниги гьелъулги пайда гьечIин даранчагIазе.

Расулов АхIмад: «ГIарац добе гьанибе кьезе бокьуларо лъиениги. Щибаб моцIалъ ижараялъухъ, кье магъалодухъ кье, гьеб мехалъ кинаб хайирха букIинеб? Гьелдаса хвасарлхизе бокьарал бизнесчагIаз байбихьула «рагIдукьги рукIун» бизнес гьабизе.

Гьеб кинабго букIинчIого букIине чиясе пайдаялъе хIалтIизе ккола пачалихъги. Жакъа ракIбацIцIадго хIалтIизе рази вуго дунги цогидалги нижееги хIукуматалъул рахъалдаса дагьабниги кверчIвай букIунеб бугони».

ЭР: «Пачалихъалъул нужее бизнесалъе кверчIвай гьабун кьолел грантал гурони цогидаб кумек букIониш?».

Расулов АхIмад: «БукIонилан кинха абилеб. Къарзалъе кьолеб гIарац буго. Амма кьолеб бугин абун гурони кин гьеб кьолеб бугебали хал лъицаха гьабулеб.

Субсидия щвезе бокьани дуцаги дозие саламатаб бутIа тIезабизе ккола. Дидаго бадибе бихьараб хIужа буго гьеб. Росдал магIишаталъул министерлъиялдаса гьеб гIарац щвезеян арабго дуца дозиего лъикIаб къадар гIарцул кьезе бугилан къотIи гьабичIони бадирецин ралагьуларо дуда».

Жиндирго бизнесалде байбихьаралдаса чанго сон буго АхIмадил. Магъалаби ракIарулел идараялъги жинде щибниги квал-квал гьабуларин.

Бизнес цебетIезелъун пачалихъалъул кумек хIисабалда араб соналъ гьесие бергьун букIун буго 220 азарго гъурущ грантги. Нижее пачалихъалъул рахъалдаса кьолел субсидиял рукIунин, амма жидеего лъикIалан жо тIезабичIого гьезги гьеб кьоларин, гьединлъидал жидее гьелдаса хайир гьечIилан абулеб буго бизнесчияс.

XS
SM
MD
LG