МагъчIваялъе рес

Коррупция: цо хъван, кIиго ракIалда ккун


Ахираб заманалда Дагъистаналда къойилго гIадин рагIулеб буго пачалихъалъул гIарац бикъа-хъамизе хIукму ккарал хIакимзаби тамихIалде цIалел ругилан. Гьедин Каспийск шагьаралъул администрациялъул хIакимчияс томографалъул багьа 19 млн гъурщица цIикIкIун бихьизабун батун буго. Гьеб босизе къотIи-къайги 2006 соналъул январалда гьабун букIун буго. Гьебщинаб зарал пачалихъалъе гьабурав чи тамихIалде цIаялъе хIалтIи гьабулеб буго цIех-рехчагIаз.

18 сентябралда Дербенталъул мухъазда гьоркьосеб цIех-рехалъул бутIаялъ байбихьун буго Табасаран мухъалъул Хучни росдал бегавуласда сверухъ цIех-рех. Цебеккун кибниги лъазабиги гьабичIого, пачалихъалъул гIарцухъ гьес жиндирго васасе «Шевроле Нива» босун буго. Цинги гьелдаса заман индал гьабун буго гьелда тIасан росдал жамагIаталъул данделъи.

Дербенталъул прокуратураялъ байбихьун буго Митаги-Казмаляр росдал бегавулас гьабураб хIилла тIатинабизеги. Гьелъул хIалтIухъабазул щаклъи буго гьев чияс росдал гIадамазухъа млн-лде гIагарун гъурущ бакIарун букIиналда. ЦIадаз гьабураб зарал бецIизе пачалихъалъ биччалеб гIарац щвезе ккани, хIадурулел документазухъ кьезе кколинги абун, бегавулас росдал гIарац жиндиего тун бугин рикIкIунеб буго прокуратураялъ.

Гьединго тIатинабун буго Гъаякент ва Сергохъала мухъазда гьабураб цIогьги. Гьеб кIиябго мухъалда ругел ракьал лъалъазе рогIрал лъезе бахъараб проекталдалъун пачалихъалъул 4 млн гъурущ бикъун батун буго бакIалъул хIакимзабаз. Гьез документазда гьаризегицин гьаричIел хIалтIаби рихьизарун ратун руго. Мисалалъе, ракьал лъалъаялъе хIажатаб хIалтIи хIакъикъаталда 45 млн гъурщиде гьабун буго. ХIисаб кьураб бакIалдайин абуни буго 49 млн гъурущ.

Низам цIунулезухъ руго баянал Казбек мухъалъул администрациялъул вакилзабаз анкьгогун бащадаб млн гъурущ бикъиялъулги. Гьеб букIун буго цIадаз хвезарурал лъел рогIрал къачIазе Калининаул, Ленинаул, ЦIияб Данухъ, ЦIияб ГIаркьухъ росабазе биччараб гIарац. Гьанжеялдаса кIиго-лъабго соналъ цебе биччараб гIарац букIун буго гьеб.

Нургьамудин Идрисов, ришватчилъиялда данде Казбек мухъалда гIуцIараб комитеталъул вакил: «Доз хIалтIи гьабичIелъул. Доб буго хIалтIи гьабунинги абун гIуцIун гьереси-документалгун, хIалтIухъабазда гъулбасалги лъезарун босараб гIарац».

Амма хIакимзабаз пачалихъалъул гIарцул 7 млн гуребги бикъиялда щаклъи буго ришватчилъиялда данде Казбек мухъалда хъвай-хъвагIай гьабураб жамгIияб гIуцIиялъул вакилзабазул. Гьезул баяназда рекъон, гьениб бикъун буго 50 млн-са цIикIкIун гъурущ. Гьез дагIба балел хIужаби жеги гIезегIан руго. Амма ревизия гьабизе Казбек мухъалде ритIун рачIанщинал чагIи жидехъ гIенеккичIин гьанжелъагIанин бицана жамгIияв хIаракатчи Идрисов Нургьамудиница. Масала, администрациялъул кIиго КамАЗ автомобиль бичун батун буго. Гьезул цояб босун буго Казбек мухъалъул Дубки росдал бегавуллъун вукIарав МуртазагIалиев Элдарица. Гьев гьабсагIаталда туснахъалда вуго.

Хасавюрталъул мухъазда гьоркьосеб цIех-рехалъул бутIаялъ баян гьабулеб буго рукIа-рахъиналъул хъулухъазухъ кьолеб гIарцуда тIаде Казбек мухъалде риччарал субсидиял кире аралалиги.

Нургьамудин Идрисов: «Хасавюрталда гьелъул ревизия гьабулаго ункъо-щуго моцI унеб буго. Гьоркьоб араб гIарцул къадар буго 30-40 млн гъурущ. Гьеб ревизия анлъго моцIалъ щай халатбахъунеб бугебин гьезда гьикъулев чиги гьечIелъул. Ришватчилъиялда данде къеркьолеб комиссия буго. Гьелъул нухмалъулев вуго ГIабдулатIиповги (президент – авт.). Гьенибеги хъван букIана, амма гьенибе щун гьечIоха гьеб».

Бицен гьабулел суалазда тIасан Казбек мухъалдаги МахIачхъалаялдаги митингал тIоритIизе ракIалда буго ришватчилъиялда данде къеркьолеб Казбек мухъалъул комитеталъул вакилзабазда. Дагъистаналда цIи гIуцIараб хIукуматалда буго цебехун букIинчIеб комитет - гьеб ккола пачалихъиял хIажалъабазе гIоло къайи босулеб комитет. ГьанжелъагIан республикаялда букIана гIицIго сайт, пачалихъиял хIажалъабазе гIоло къайи къваригIун букIинги, гьеб босулеб букIинги лъазабулеб. Россиялдаго рагIун ахIи-хIур бахъун букIана гьеб сайталдасан Дагъистаналъул хIакимзабаз босулеб къайи бихьидал. Дагъистаналъул финансазул министерлъиялъ гьеб сайталдасан лъазабулеб букIана микьго млн гъурщил багьаяб цо автомобиль босулеб бугин жидеца. Гьеб тIатинабуна Россиялда машгьурав оппозициялъулав Алексей Навальныяс. Цинги хъата-масан республикаялъул финансазул министерлъиялъ, цо гъалатI борчIун батанинги абун, сайталдаса нахъе босана жидерго лъазаби.

Бицуна пачалихъалъул гIарац бикъа-хъамизе хIукму ккарал хIакимзабаз хIиллаби ургъулин гьеб сайталда лъазаби кьолеб мехалда – кIудиял хIарпазул бакIалда гьитIинал хъван, яги кколареб бакIалда тIанкIал, лъалхъул ишараби лъун, жидедаго гурони, цогидазда гьеб лъазаби бихьулареб хIилла ургъулила. Сайтги къваригIараб жо гуро гьединал хIакимзабазе. Гьеб буго нагагьлъун нужеца киназдаго бихьун лъазаби кьун гьечIилан цIех-рехчагIаз дагIба бани, валлагь бугинги абун гьеб къватIибе бахъизе санагIатаб алат.
XS
SM
MD
LG